Халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубаялде

ЦохIо эбел-ватIаналъул васал

 

Дол къояз рагъ гIахьалаб букIана Эльмираеги

ЦIоб гьечIел хъачагъаз Дагъистаналъул ракьалда хъубаб хIетIе чIаралдаса ана къого сон. 1999 соналъул июль. Рии тIадбан букIана Дагъистаналда. Цо лахIзаталъ кьерхана дуниял – киса-кирего накIкIаз рахчана зобал, гIодана мугIрул, гьезул карандасан бецIцIизе лъугьана би. ВатIаналъул кавудал кIалтIе тушманги вачун щваразда гьоркьор рукIарал чарал бахIарзазда бахъараб ццидал кутакалъ жалго жидецаго кунел рукIун ратила дол. Тушман тIаде щвана, имам Шамилил наслабазда дин гьабизе малъизе, Аллагьасе гурони мутIигIлъичIеб халкъалъухъа эркенлъи бахъизе. Гьезда ракIалдагицин букIун буго дагъистанияз жидеда дандчIвай гьабизе, лъикI щварайиланги абун, гьоболлъи гьабизе. Цолъараб халкъалъул ццидаца щущахъ риххизаруна гьезул хьулал. Амма мугIрул рукIана угьдулел, тушманасул хIатIил лъалкIал бакIлъун гурел. Гьезда хIехьезе кIолеб букIинчIо хирияб ракьалда тушманасда хIетIе чIезе малъарал васазул хилиплъи. Дол къояз Дагъис­таналда хIукму къотIулеб бу­кIана Россиялъул къисматалъе. ЦIунана дагъистанияз кIудияб улкаялъул цолъи.
Цоги нухалда дол къваридал къоял ракIалде щвезаризеги журналист Эльмира Кожаевалъул «1999 год. Глазами репортера» абураб тIехьалъул хIакъалъулъ бицинеги данделъун рукIана араб анкьалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда.
Дол къояз рагъ гIахьалаб букIана Эльмираеги. Гьеб байбихьаралдаса лъугIизегIанги, гьелъ дагъистаниязе суратаздалъун бицунеб букIана Бо­лъихъги ЦIумадаги бугелъул хIа­къалъулъ. Рагъул кор боркьарабщиналъуй цее-цее йикIунаан Эльмира. Гьеб букIана гIолохъанай журналисталъул ватIаналъе ритIухълъи.
Гьале дица регулел руго гьелъул тIохьол тIанчал — цIидасанги рагIизе лъугьана тункIил кьвагьиги, рагъул гъугъайги, руччабазул магIуги, лъималазул гIодиги. Гьездаго аскIоб – бахIарчилъиги, бихьинчилъиги, къохIехьейги. Дагъистаналъул цолъиялъулги, гьудуллъи-вацлъиялъулги, гъункиялъулги щулалъиялъул хIалбихьулел дол къояз мугIрузул тIогьиб парпадана ритIухълъиялъул ва эркенлъиялъул байрахъ.
ЦохIо эбел-ватIаналъул васал, Россиялъул солдатал. Долдаса нахъе ана къого сон. Дол къоязул бахIарчияб гIелалъ чIухIадго данд­чIвай гьабулеб буго КIудияб Бер­гьенлъи босаралдаса 75 сон тIу­баялде. БатIи-батIиял гIелазул кIиго бергьенлъи. ЧIухIадго гьеб ирс хадусел гIелазухъе кьолеб буго гIагарал мугIруз.
Гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицине ва ракIалде щвезабизе, цIияб тIехь къватIибе бачIин авторалдаги баркизе рачIун рукIана Болъихъа ва ЦIумадаса ополченцалги, журналисталги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, дол захIматал лахIзатаз аскIор рукIаралги.
Абизе бегьула гьеб дандеруссин букIанин гIун бачIунеб гIелалъе ватIан бокьиялъул тарбия кьолеб тадбирлъунилан.
Дандеруссин нухда бачана республикаялда машгьурав журналист Ильман ГIалипулатовас.
Гьес бицана Эльмирал бахIарчи­лъиялъулги, дол къояз гьелъ бахъараб жигаралъулги, гьитIинаб ва­тIа­налде гьелъул бугеб кIудияб ро­кьулги хIа­къалъулъ.
Эльмира Кожаевалъул рекIел хIал­ги, хIалуцинги, цощинаб…илан абураб хIинкъиги цIалдолесда ба­тила гьелъул тIохьол щибаб гьумералда. Унго-унгоги Нугъай авла­хъал­да гIурай чIинчIикъай гьелъулъ букIун бугебщинаб бахIарчилъи! ТIо­хьодасан чвахулеб, бецIцIулеб бу­го мугIрул цIумал гIадал васазда­са, дагъистаниязул цолъиялдаса, гьу­дуллъиялдаса чIухIиги, тушманас­де бугеб рокьукълъиги ццимги.
Эльмирада иргадулаб тIехь к­ъ­в­­а­­­тIибе бачIин баркана нугъаязул ша­гIир Анвардег Култаевас, Терекли-Мектебалдаса гьалбадерица, Да­гъистаналъул Композиторазул сою­залъул председатель Хан Башировас, ополченцал Камил ХIажиевас ва Муртуз ХIасанхIажиевас, журналистал Марат ХIажиевас ва Алик ГIабдулхIамидовас, Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ ва цогидазги.
ТIехьалда гьединго бицунеб бу­го ЦIияб Лак районалде ва Гъадаралде хъачагъал рачIиналъулги. ТIе­хьалда лъун руго дол къоязул хIакъикъаталъул хIакъалъулъ бицунел суратал. Щибго цIаличIониги, суратазухъ ралагьарал гIола, дол къоязул къваридаб къиса ракIалдещвезе.
Дандеруссиналъул ахиралда тадбиралде рачIаразе баркала кьуна авторалъ:
— Дол къоязул нугIзаллъун ккола тIехьалда лъун ругел сураталги, Дагъистаналъул мугIрулги, мугIрузул борхалъиялдасаги тIадегIаналлъун ратарал бахIарчиял васалги, аскIор ругел гьалмагъзаби къанщидал, су­дарал ракIалги. Амма нилъеда кIвана Дагъистаналъу­л гьаракь цоги нухалда дунялалда рагIизабизе. Дие гьаниб бицине бокьун буго цо лъугьа-бахъиналъулги. ЦIияб Лак районалда цо херай гIаданалъ жиндирго минаялъув вахчун вукIун вуго захIматго лъукъарав гIурус солдат. Хъачагъазда гьеб лъан буго ва хералда лъазабун буго, солдат вугеб бакI бицинчIони, 14 сон барав гьелъул васасул вас чIвазе вугилан. Гьеб мехалдаги мукIурлъун гьечIо херай. Цинги живго солдат вачIун вуго къватIиве. ЧIван вуго хъача­гъаз гьев. Чанго соналдасан чIварав гIурус солдатасул эбел кIалъан ячIун йиго Дагъистаналде жиндир васас гIумру кьураб, берал къанщараб ракьалъе къулизе ячIине бокьун бугилан. Гьеб гурищ бахIарчилъиялъулги гьудуллъиялъул­ги кIудияб ва цIакъго берцинаб мисал. Цогиги бокьун буго дие абизе. Нилъги чачаналги ТIадегIанав Аллагьас гIадада гуро мадугьалзабилъун ккезарун ругел. Нилъеда гьоркьоб гьудуллъи гьечIони, кIиябго миллат тIегьазе гьечIо. Хъачагъалилан тIолабго халкъалда абизеги рекъараб гьечIо. Дагъистаниял руго гIакъилал гIадамал. ГIакълу бергьинчIони, рахIму гье­чIолъиялъги вахIшилъиялъги кверщел гьабула, -ян.
ЛъугIана дандеруссин. ЛъугIана чIахIияб гIелалъ хадусеб гIелалъе кьураб Бихьинчилъиялъул иргадулаб дарс. ХутIана бергьенлъиги, гьудуллъиги, вацлъиги. ЦохIо эбел-ватIаналъул лъималазул талихIги. Гьелда хIур хъвазегIан, гIумру кьезе хIадураб бахIарчияб наслуги.
Чан нухалдаха ракIалде щолел мугIрул цIум МухIамадзагьидил: «Ниж цохIо эбел-ватIаналъул лъимал руго»,- ян абурал рагIаби…
Шамай Хъазанбиева