Фестиваль

КIаралазул «индейцал»

 

2016 соналдаса нахъе кIодо гьабула «Гъоди» — тIорщалил нигIматазул байрам

45 соналъ цеве хIалтIудаса гIодов чIарав милициялъул офицер МухIамад ГIабдусаламовас бана кIаралазул рохьоб хъощ. Гьелъие гIиллалъун ккана милициялъул офицерасул Северияб Америкаялъул индейцазул хIакъалъулъ бицунел кинофильмазде букIараб рокьи. Индейцазул гIумруялъги хасияталъги асир гьавурав МухIамадил гIемерисеб заман унаан хъощниб. Июлалдаса нахъе гьев вукIунаан рохьов. Унаан чанаве, гIуцIулаан батIи-батIиял хIаял. Индейцазул вигвамалда (цIа­казул яги буртинадул гьабураб хъощ) къоял тIамулев гьесухъе хьвадулаан гьалбалги. Амма гьесухъ сордо базе ккани, гьоболас къабул гьаризе кколаан хасал «тIалабал». МухIамадица гьобол вухьунаан гъотIол хIобода ва, кодоб ккун томагавкгун (индейцазул гьитIинаб гIащтIи), гьоболасе хIинкъиги кьо­лаго, кьурдулаан гьесда сверухъ. Гьоболасул къвакIи борцине МухIамадица щибаб нухалда ургъулаан цIиял хIаял. Гьеб хIехьарав чи гурони мустахIикълъулароан кIаралазул «индейцасул» вигвамалда сордо базеги. Кинниги, соналдаса соналде гIемерлъана «индейцазул» къадар. Гьезул хIаялгун вигвамазул хIакъалъулъ тIиритIана батIи-батIиял харбал. Машгьурлъана гьезул клубги. Гьебмехалда ГIахьвахъ районалъул культураялъулгун спорталъул ва туризмалъул управлениялъул нухмалъулев МахIач ТIалхIатовас (дол соназда гьев вукIана Районазда гьор­кьосеб налогазул инспекциялъул нухмалъулевлъун) рохьоб бана 10 чияс гIумру гьабизе санагIатаб вигвам.
2016 соналда гIахьвалазул шагIир, художник ва кочIохъан Камил Тархода ракIалде ккана ГIахьвахъе гьалбал ахIизе. Гьалбадерил ракIгъезабизе мурадалда хIадурана кучIдул ахIиялъулги, спорталъулги ва цогидалги къецал. Гьайгьай, умумузул гIадаталда рекъон, вачIарав чиясда цебелъезе хIадурана татуял нигIматазул гьарзаяб тепсиги. Тепсиялда аслияб бакIги кколаан «Гъодиялъ» — дагъистаниязда гьоркьоб машгьурлъараб могьолалгун тIоролалги журан белъараб мугьалъ. Гьедин бижана ГIахьвахъ районалда цIияб байрам – «Гъоди» фестиваль.
Фестивалалда церелъола районцоязул тIахьалги, рахъарал сураталги, гьарурал цIиял тIагIелалги. Гьенир гIуцIула гIелмиял дандеруссиналги, кочIол сардалги, кьурдабазул сверабиги. Хасаб хIасратгун тIобитIула «Индейцазул кьеразулъе къабул гьари» абураб гIадатги. Гьеб гIадат «хIехьон бажарарав» гьо­боласе кьола цIияб цIарги, масала, «КIалбегIер», «Бер цIодор», «КъвакIараб ракI» ва гь.ц. Гьалбадерие кIудияб асар гьабула гамачIгун чIорбутI речIчIиялъул къецазги.
Фестивалалъул майданазда тира-сверулел рукIуна церегосел «индейцалги» — гьел ратIагьаризе бажарула черхалда тIад рахъарал суратазги ратIлил хаслъиялъги.
Исанаги цIакъ кепалда тIобитIана гьеб байрам. Гьелда гIуцIарал къецазда чIел босарал гIадамазе сайгъатал кьуна «Индейцазул» клубалъул президент МухIамад ГIабдусаламовасги ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамадзагьид Муслимовасги.
Фестивалалъул къоял

Ралъдал гьумералдаса 1800-2000 метралъул борхалъуда бугеб ГIахьвахъ районалъул буго гьайбатаб тIабигIат. БагIарараб гIатIиракьалдаса рачIарал гьалбадерица хIухьбахъулеб букIана рохьаз сверун ккураб рацIцIалъиялда, гIорцIулелго рукIинчIо гьел рохьазул беричлъиялдасаги гьогьомараб бацIцIадаб гьа­ва­ялдасаги. Пайда щибха, анкьалъниги гьенир рукIине рес гьечIелъулан абулеб букIана гIемерисез.
Радалго майданалда рещтIана гьал­бал. Фестиваль рагьана ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамадзагьид Муслимовас. Гьес къокъго бицана районалъул тарихалъулги маданияб хаслъиялъулги хIакъалъулъ. Фестиваль гIуцIизе хIаракат гьабурал Камил Тархоеги М. ГIабдусаламовасеги баркалаги загьир гьабун, районалъул бетIерас гьезие кьуна баркалаялъул кагъталги сайгъаталги.
ГIахьвахъ районалъул Маданияб централъул директор Денга Махиевас бачана данделъи. Гьес рагIи кьуна монографиялъул автор Денга Халидовасе. «Монография хъвазе квербакъана «КIаратIа» абураб маданияб жамгIияталъул нухмалъулев ХIайбула ХIайбулаевасги рехсараб жамгIияталъул Херазул советалъул председатель ГIалигъазияв ГIалигъазиявовасги. Гьелъул пайда букIина тарихалъул учительзабазеги гIагараб ракьалъул тарих лъазабулел гIадамазеги. ГIолилаз тарихалъул пикруго гьабуларо, амма тарих лъаларев чи махIрумлъула цебеккун букIарабщиналдаса – гьеб кIочене бегьуларо. Районалъул гIолилазе тарбия кьезе ккола умумузул мисалазул кьучIалда. Гьелин абуни, рукIана Шамил-имамасул аскаралъул жигарал гIахьалчагIи. Гьел ккола КIаратIаса мудирал ГъалбацI-Дибирги, Гъазияв ва Халид (Кьукьулав) наибзаби — ХIажияв ва ТавушмухIамад. Гьел рукIана Шамил-имам Гъуниве вахунеб мехалда гьесда цадахъ, хадубккун гьел ана Калугаялдеги (1859 соналда), хIинкъи лъаларел муридзаби «ЧIегIерав» ГIумар ва имамасул байрахъулав ХIунибагьадурги; ГIарчоса наибзабазул муридал ва нусилазул командирал НурмухIамад, АхIулгохIда 100 муридасул командирлъун вукIарав ва 1839 соналда гьенив шагьидлъарав ГIамирхан. Дица хIаракат бахъана, тIехь хъвалаго, ритIухълъи цIунизе, ургъун рахъарал харбал гьенир риччангутIизе. Риччанте цогидазги, Типлисалъулги Москваялъулги архивазда ругел гIемерал документалгунги хIалтIун, гьадинал тIахьал къватIире риччазе», — ян бицана монографиялъул авторас. ТIехьалда рехсарал бахIарзазул ирсилазе тIахьал сайгъат гьаруна гьес.
Гьелдаса хадуб гьалбал щвана фестивалалда гIуцIун букIараб кIаралазул художниказул суратазул выс­тав­каялдеги росабазул майданаздеги. ХIалбихьана умумузул къагIидаялда хIадурараб гъодиялъулги.
Мадина АхIмадова