ЦIорораб иццул лъим хIухьбан гьекъола

Дагъистаналъул районазул лъел гIуцIиялъул баян кьолеб буго гIалимзабаз

 

Гьекъолеб лъим бацIцIадаб букIине кколеблъиялде цIикIкIараб кIвар кьолеб буго ахираб заманалда. Гьелъие гIиллалъун ккана Хасавюрт районалда ва цогидал бакIазда бакьазул унтаби цIикIкIин ва цадахъго гIемерал гIадамал унти. Гьелде тIадеги, тохтурзабаз абулеб буго тIулал, зобалъул, онкологиялъул унтаби ккеялъеги гIиллалъун кколин лъел чороклъи. Гьеб рахъалъ лъикIаб хIал гьечIо тIолабго Россиялдаги.
2013 соналда хIалтIизе байбихьана «О водоснабжении и водоотведении» абураб №416 федералияб закон, гьелда рекъон, бакIалъул нухмалъиялда тIадаб гьабун буго лъел мухъазулги канализациялъулги инвентаризация гьаби. Гьединго муниципалитетаз бацIцIадаб лъедалъун халкъ хьезабиялъул мурадалда, Роспотребнадзоралъ хIадурараб планалда рекъон, цадахъ хIалтIизе жавабиял идараби тIасарищизе ккола ва лъел даражаялда хадуб халкквей чIезабизе ккола. Гьебго законалъ тIалаб гьабулеб буго районалда ва росабалъ бугеб лъел даражаялъул баянал муниципалитеталъул сайтаздасаги СМИяздасаги кьеян.
Гьеб законалъул тIалабал тIуразариялъул мурадалда гIатIидаб цIех-рех гьабун буго ДФИЦалъул гIалимзабаз. МугIрузул районазда ругелщинал иццазулги, лъаразулги, гIоразулги химикияб анализги гьабун, щибаб росулъе бачIунеб лъелъ ругел заралиялгун пайдаял микроэлементазул мухIканал баянал хIадурун руго гьез. Иццулъ ратарал заралиял микроэлементаздаса лъим бацIцIад гьабизе фильтралги хIадур гьарун руго. Фильтразулъ хIалтIизарун руго бакIалъулго материалал, масала, куракул гъотIол тIурччи ва гь.ц.
Щивасул ихтияр буго кинаб лъим жинца гьекъолеб бугебали лъазе. Гьединлъидал цIех-рех гьабурал гIалимзабазе – Арсен Магьдиевасеги, Мустангер ГIабдуллаевасеги, Малик Гъапуровасеги, АхIмад ГIамировасеги, Заур Кубатаевасеги – баркалаги кьолаго, «ХIакъикъаталъул» редакциялъ хIукму гьабуна магIарул районазул иццазул хIакъалъулъ ругел баянал газеталда рахъизе.