Ралъад квегъарав хвел гьечIев БахIарчи

МухIамад ХIажиев гьавуралдаса 110 тIубаялда бан
МахIачхъалаялдаги МохIорги тIоритIана юбилеялъулал тадбирал

 

Совет Союзалъул БахIарчи, кIиабилеб рангалъул капитан, Северияб флотилиялъул лъелъ рукъун хьвадулел гумузул дивизиялъул командир МухIамад ХIажиев гьавуралдаса 110 сон тIубаялда бан тадбир тIобитIана гьесул ватIаналда. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул бетIер АхIмад МухIамадов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадов, ГIахъуша районалъул бетIер АхIмад МухIарамов, Мурманск областалъул ХIажиево шагьаралъул вукIарав мэр Владимир Мусатян, «Александровск» ЗАТОялъул администрациялъул бетIер Семен Кауров, гьебго администрациялъул гIолилазул политикаялъул ва  маданияталъул отделалъул нухмалъулей Светлана Кузнецова, Северияб флотилиялъул ралъдалъ рукъун хьвадулел атомниял гумузул 31-абилеб дивизиялъул командирасул заместитель Александр Мельник ва цогидалги.

Тадбир байбихьана райцентралда бугеб музеялдасан. Гьениб гьалбадерида бихьизабуна МухIамад ХIажиевасул 110 сон тIубаялда бан хIадурараб выставка. Хадуб Мурманск областалъул вакилзабигун цадахъ гьалбал рачIана МохIоре. Гьениб МухIамад ХIажиевасул памятникалда цере тIугьдулги лъун, Гъуниб районалъул бетIер АхIмад МухIамадовас абуна: «ХIажиево шагьаралдаса гьалбал рачIун руго жакъа нилъехъе. БахIарчи жаниб гIураб, гьесие тарбия-лъай щвараб бакIалъулгун лъай-хъвай гьабизе гъира буго гьезул. Нижги рокьун, нилъер бахIарчиги кIодо гьавун МохIоре рачIарал нужее буго баркала. Ниж кидаго хIадурал руго ХIажиево шагьаралдаса гьалбал къабул гьаризе», — ян.
А. МухIарамовас, данделъаразда байрамги баркун, абуна жив МохIове чанго нухалъ щванин ва хадубккунги даргиязулгун гIагарлъи бугеб гьеб росдае бокьараб суалалъулъ кумек гьабизеги хIадурав вугин. «МухIамад ХIажиевасул кьалбал нижехъа руго. Гьединлъидал гьесул юбилеялда хурхун тадбирал ГIахъуша районалдаги тIоритIана. МахIал ккола гъунисездаги нижедаги гьоркьоб бугеб гьудуллъиялъул кьо гIадал чагIи», — янги абуна ГIахъуша районалъул бетIерас.
КIалъазе вахъарав БахIарчиясул гIагарав чи, ДНЦялъул президиу­малъул председателасул ишал тIу­ралев МуртазагIали ХIажиевас ракIалдещвезаруна МухIамад ХIа­жие­васул гIумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьес тадбиралде рачIарал киназего ХIажиевазул рахъалдасан баркалаги загьир гьабуна.
Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадовас ва МВДялъул ОГИБДДялъул технадзоралъул нухмалъулев Муслим Юнусовас бицана жал дагьал цере Мурманск областалъул ХIажиево шагьаралдаса тIадруссанин. «Ниж гьенире щун рукIана, областалъул Геройский поселокалъе шагьаралъул статусги кьун, гьелда цебеккун букIараб ХIажиево абураб цIар тIадбуссинабуралдаса нахъе 60 сон тIубаялъул тадбиралда гIахьаллъизе. ЦIакъ лъикI къабулги гьаруна гьез ниж. ГIажаиблъун хутIана ХIажиевасул гIумруялъул ва гьесул бахIарчиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ нилъедасагицин мухIканго хIажиевалъулазда лъалеб букIин бихьидал. Гьезул гъира букIана БахIарчиясул ракь бихьизе гьанире рачIине. Гьале гьеб къо тIаде щвана, ва хIажиевалъулазе рес щвана жидер шагьаралъе цIар кьурав бахIарчиясул ватIаналъулгун лъай-хъвай гьабизе», — ян абуна гьез.
ЛъикIаб дандчIваялъухъ баркалаги кьун, Семен Кауровас абуна: «Черхалда сири балеб буго БахIарчи жаниб гIураб, гучал кьурабаз, сангараз жанибе бачараб, мугIрул тIаралъуда бугеб МохIоб росу бихьидал. Ниж цIакъ рохарал руго нужгун цадахъ гьаб тадбиралда гIахьаллъизе рес щвеялдаса. Баркула МохIоб росдал жамагIаталда, гъунисезда ва дагъистаниязда МухIамад ХIажиев гьавуралдаса 110 сон тIубай. Дагъистанги Мурманск областьги ккола вацлъиялъул регионаллъун ва абадиялъго гьеб гьедин букIиналде хьулги буго. Хадубккунги МухIамад ХIажиев гIадинал васал куцазе тавпикъги икъбалги кьеги Дагъистаналъе», — ян.
Хадуб, данделъаразда цере рахъана районалъул росабазул школазул цIалдохъаби. Ва къалъудаса хадуб росдал культураялъул кIалгIаялда тIоритIана миллиял спортивиял тайпабазул рахъалъ къецалги.
Бухтиб-данделъи
Гъуниб районалъул Бухти росдал школалда тIобитIана Бихьинчилъиялъул дарс. Совет Союзалъул БахIарчи МухIамад ХIажиевасул 110 сон тIубаялъул хIурматалда гIуцIараб дарсида гIахьаллъана Гъуниб районалъул бетIерасул заместитель МухIамад ГIисаев, районалъул рагъулав комиссар Рустам Шарапов, Бухти росдал школалъул директор МухIамад Юсупов, захIматалъул ветеранал МухIамад Ризванов, Загьидат Къасумова ва цогидалги.
Классалъул къадазда ран рукIана улкаялъул БахIарзазул суратал, гьезул гьунаралъул хIакъалъулъ хъварал макъалаби рахъарал газетал, церелъун рукIана рагъулал лъугьа-бахъиназул бицунел тIахьалги.
Дарсида гIолилазул кIвар­бусси­набуна, терроралъулги экстремизма­лъулги нух тIасабищичIого, нилъер бахIарчиял ракьцояздаса мисал босизе ккеялдеги, ватIаналъе пайдаяллъун рукIине хIаракат гьабиялдеги.
Темирхан ХIасанов