ЦIумада районалъ — 90 сон

ЦIумада районалъул тарих

 

ЦIумада район тIи­битIун буго Кавказалъул мугIрузул Бакъбаккул рахъалда ругел ралъдал гьумералдаса 3000 метралъул рорхалъабазда. Республикаялъул Югалъулабгун бакъбаккул бутIаялда, ГIанди гIурул ра­гIал­лъиялда, Бого­сса­лъул щобазул рор­халъабазда ва жанирлъабазда тIи­битIун бу­геб ЦIу­мада района­лъу­л гIатIилъи бащалъула 1178 квадратияб километралда. Гьаб­сагIаталда районалда гIумру гьабулеб буго 25 азаргогIан чияс. Район тун къватIиб республикаялъул районаздагун ва шагьаразда. Россиялъул регионазда гIумру гьабулел цIумадисезул къадар бахуна 110 азарго чиясде.
ЦIумада районалъул гIорхъи буго Гуржиялъулгун, Чачаналъулгун, Болъихъ, Шамил, ЛъаратIа, ГIахьвахъ ва ЦIунтIа районазулгун.
Район бечедаб буго тарихиял, тIабигIиял ва минералиял памятниказдалъун. Ралъдал гьумералдаса 4151 метралъул борхалъи бугеб ГIадаласул Шулъел мегIер, гучал рохьал, лъарал, чвахаби, Инхокъвари ва цогидалги минералиял иццал. Къокъго абуни, БетIергьанас гьарзаго кьун буго цIумадисезе гьайбатаб тIабигIаталъул беричаб ва баракатаб ракь.
10 — 11 августалда цIумадисез кIодо гьабулеб буго район гIуцIа­рал­даса 90 сон тIубай.

Юбилеялъул программа

10 август
9.00 — 9.40 — Гьалбадерида данд­чIвай.
10.00 — ЦIумада районалъ 90 сон баялъул ва яргъид гIуцIарал щущахъ риххизариялъ 20 сон баялда бан данделъи.
12.00-14.00 — миллиял майданал, спортивиял турнирал, къадеквен, концерт.
14.00 – Совет Союзалъул БахIарчи Къади Абакаров ракIалдещвеялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тIолгороссиялъул турнир рагьи.
17.00 – Гьалбал тIоритIи.
11 август
9.00-16.00 – Соревнованиял. Бергьаразе шапакъатал кьей.
Гьеб тадбир тIобитIараб куцалъул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго хъвазе буго хадусеб номералда.

ЦIумада районалъул тарих

(1928 сон – центр Агъвали, 1932 сон – центр ЦIумада росу, 1936 соналдаса нахъе центр Агъвали росу).
ЦIумада кантон гIуцIана 1926 соналда гIуцIун букIараб Эчеда районалда ва цо бутIа ГIанди округалда гьоркьоре унел рукIарал ракьаздаса ДАССРалъул ЦИКалъул VI ахIиялъул 4 сессиялда гьабураб хIукмуялда рекъон 1928 соналъул 22 ноябралда.
1929 соналъул 3 июналда гьабураб ВЦИКалъул хIукмуялдалъун кантон сверизабуна районалде.
1963 соналъул 1 февралалда къватIибе бачIараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун ЦIумада район сверизабуна росабазулаб район абун. Гьезулго хIукмуялдалъун 1965 соналъул 12 январалда цебе букIахъе ЦIумада районалде сверизабуна.

Район гIуцIаралдаса
нахъе ккарал хиса-басиял

1. 1930 соналъул 25 декабралда гьабураб ВЦИКалъул хIукмуялдалъун ЦIумада районалда гьоркьоса цо-цо росабазул советал ЦIунтIа районалда гъорлъе кьуна.
2. 1944 соналъул 7 июналда къватIибе бачIараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хIукмуялдалъун ЦIунтIа ва Шарой районал къаялдалъун гьезул рукIарал ракьал, росаби ЦIумада районалде цолъизаруна.
3. 1951 соналъул 25 сентябралда гьабураб ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хIукмуялдалъун ГIахьвахъ районалда гьоркьоб букIараб Гьимерсо росдал совет ЦIумада районалда гьоркьобе рехана.
4. 1951 соналъул 6 марталда къватIибе бачIараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун ЦIумада районалда гьоркьоб букIараб Кидеро росдал совет ЛъаратIа районалда гьоркьобе кьуна.
5. 1955 соналъул 15 октябралда къватIибе бачIараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун ЦIунтIа районалъул букIараб ракь нахъбуссинабуна цIидасан гIуцIараб ЦIунтIа района­лъухъе.