Щивго кIочон гьечIо…

Россия чIухIарал бахIарзал

 

Исана 20 сон тIубала чачаназул ракьалдасаги рачIун,
изну гьечIого яргъид гIуцIарал хъачагъал Дагъистаналде кIанцIаралдаса

Кидаго гIадин, нилъер халкъ бахъана къватIибе улка цIунизе. 1999 соналъул августалда Дагъистаналде кIанцIарал хъачагъазул къокъа­базде данде гьабулеб рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъухъ ва бахIарчилъиялъухъ Дагъистаналъул лебалал васал мустахIикълъана Россиялъул БахIарчи абураб тIадегIанаб цIаралъеги.

Даудов Закир (1980-2000) — Россиялъул БахIарчи. Гьавуна 1980 соналъул 25 марталда Калмыкиялъул Черноземельский районалда. 1997 соналда школа лъугIидал, армиялда хъулухъги гьабун, 1999 соналда витIана Чачаналде. Гьес гIахьаллъи гьабуна чанго тунка-гIусиялъулъ. 1999 соналъул 10 декабралда «Басрияб Атаги» росу цIунулаго ккараб рагъулъ гьес пулеметчик тIагIинавуна. 30 декабралда, Аргуналъул кIкIалахъ 50 чиясдаса гIуцIараб хъачагъазул къокъаялъ, бакI лъикIго лъалеб букIиналдаса пайдаги босун, солдатазде гулла базе байбихьана ва гьел нахъе къазе ккана. КIудияв сержант З. Даудовас, гьалмагъзаби нахъе инегIан, тIаде рачIунезул гьужум нахъчIвана ва къайицадахъазда хадувги гъун, нахъеги вагъизе лъугьана. Амма гьеб рагъулъ Закир захIматго лъукъана ва гьенивго къадаралде щвана. Гьесие Россиялъул БахIарчиясул цIар кьуна 2000 соналъул 19 апрелалда.

Загьидов Загьид – полковник, Россиялъул БахIарчиясул цIаралъе муста­хIикълъана 1999 со­налъул 5 октябралда. Гьавуна 1961 соналъул 25 маялда Гъуниб районалъул КIо­гьориб росулъ. Советияб армиялъул кьеразулъ хъулухъ гьабуна Афгъанистаналда. Милициялде хIал­тIизе лъугьана 1981 соналъул нояб­ралда.
1999 соналъул лъугьа-бахъиназда гIахьаллъизе Загьид Болъихъе вачIана 30 июлалда. 2 августалда милициялъул хасаб батальона­лъул бетIерлъуда гьев гIахьаллъана ЦIумада ккарал рагъулал тунка-гIусиязулъ ва цебелъураб масъала ракIбацIцIадго тIубазабуна.
25 августалда Загьидица нухмалъи гьабулеб рагъухъабазул къокъа рехана Гъадар мухъалде. Гьезда тIадкъан букIана Карамахьи ва Чабанмахьи росаби вагьабияздаса эркен гьари. ХIалуцараб рагъулъ гьес нухмалъи гьабулел рагъухъабаз тIадкъайги тIубазабуна.

МухIамадов ДибирхIажи – доб заманалда милициялъул Болъихъ райотделалъул хIалтIухъан, Россиялъул БахIарчи. Гьавуна Болъихъ районалъул Гъодобери росулъ 1968 соналъул 23 марталда. Армиялда хъулухъ гьабун хадуб, 1994 соналда милициялде хIалтIизе лъугьана ва гьеб заманалде СОГалъул командирлъун вукIана. Россиялъул БахIарчиясул цIаралъе мустахIикълъана 2000 соналъул 29 маялда.
1999 соналда яргъид гIуцIарал хъачагъазул 500 чи жаниве вачунеб къокъа Дагъистаналъул ракьалде кIанцIараб заманалда, ДибирхIажи гьелгун дандчIвана, Гъодобери росу цIунулаго. Гьесда кIвана ахIичIого рачIарал «гьалбадерил» кIиго бронетехника тIагIинабизе. Гьеб къоялъ Болъихъ районалъул милиционераз чIвана 13 хъачагъ.
15 августалда тушман иргадулаб гьужумалде ана. Гьебмехалъ ДибирхIажида, гьезде нахъеги лъугьун, гьезул 2 минометги 22 чиги тIагIинаризе кIвана. Хъачагъаз гьесул бетIералъухъ 25 азарго доллар кьезе бихьизабун букIана. Радиоэфиралдасан гьез абулеб букIана ДибирхIажил бетIер къотIизе хасаб станок хIадурун бугилан. Гьезие жавабалъе ДибирхIажица, тушманги тохлъизавун, батIи-батIиял бакIаздаса ваккун, гьезие кIудияб зарал гьабулеб букIана.
МугIрузул нохъабазда рахчун рукIарал хъачагъазул 40 чи, жанире магIу чвахизабулел алаталги рехун, къватIиве кIанцIизавуна ва гьенивго тIагIинавуна. Гъодобери росдада гIагарлъухъ ккараб рагъулъ, живго лъукъун вугониги, гьес захIматаб ругъун щварав гьалмагъ нахъе вачана.
Рагъдаса хадув ДибирхIажи МухIа­мадов Россиялъул МВДялъул академиялде цIализе лъугьана ва, гьебги лъугIизабун, 2008 соналдаса нахъе Москваялда гIумру гьабун вуго.

Гъазаналипов МуртузагIали (1964-1999) – Москваялъул мет­роялъул хIалтIухъан, Россиялъул БахIарчи. Гьавуна Болъихъ районалъул ГIанди росулъ 1964 соналъул 10 февралалда. Канлъи дагьаб бугилан армиялда хъулухъ гьабизе МуртузагIалие рес щвечIо. Москваялде цIализе арав гьесие битI ккечIо ва гьенивго хIалтIизе лъугьана. Дагъистаналде хъачагъал кIанцIун ругилан хабар рагIидал, гьев рокъове тIадвуссана ва ополчениялъул кьеразулъе лъугьана. 1999 соналъул 2 августалда гьев захIматго лъукъана ва къадаралде щвана.
1999 соналъул 25 октябралда Гъазаналипов МуртузагIалие кьуна Россиялъул БахIарчиясул цIар.

НурахIмаев ХIажимурад (1979-1999) – Россиялъул БахIарчи.
Гьавуна 1979 соналъул 3 декабралда Болъихъ районалъул АнсалтIа росулъ.
1999 соналъул 11 августалда хъачагъал рачIана ХIажимурадил рокъо­ре. РачIун мехго балелде, гьелги тохлъизе гьарун, ХIажимурадица гьезул цоясухъ букIараб ярагъги босун, хъачагъазул ункъояв чIвана. Кьвагьиялъухъе тIаде щварал хъачагъаз гьевги чIвана.
Россиялъул президентасул указалда рекъон, гьеб бахIарчилъиялъухъ НурахIмаев ХIажимурадие кьуна Россиялъул БахIарчи абураб цIар.

Орлов Андрей (1962-1999) – тIоцебесеб классалъул рагъулав летчик, Россиялъул БахIарчи.
Гьавуна 1962 соналъул 6 июналда МахIачхъалаялда. ЦIалана Витебскалда роржарухъабазул централда. 1993 соналда хъулухъ гьабизе вачIана Северияб Кавказалъул жанисел ишазул аскаразде.
1999 соналъул июлалдаса байбихьун, гьеб регионалда рагъулал буюрухъал тIуралев вукIана.
1999 соналъул 11 августалда, экипажгун цадахъ, аскаразул нухмалъу­лелги рачун, МИ-8 вертолеталда МахIачхъалаялдаса Агъвалире роржунаго, Болъихъе щолаго, хъачагъаз вертолеталде гьужум гьабуна ва гьеб бортизабуна. ЦIа рекIараб гьелда жаниса киналниги къватIире рахъинаризе, лъукъун вугониги, Андрейица хIаракат бахъулеб букIана. Амма гьеб лахIзаталда щвараб цогидаб ракетаялъ гIадамазе зарал гьабуна. Щварал ругъназул хIасилалда Андрей Орлов хвана.
Россиялъул президентасул указалда рекъон, гьесие кьуна Россиялъул БахIарчи абураб цIар.

Мурачуев Халид (1972-1999) – милициялъул взводалъул командир, Россиялъул БахIарчи. Гьеб цIар Халидие кьуна хун хадуб – 2001 соналъул 31 январалда.
Гьавуна 1972 соналъул 11 январалда Кули районалъул Кули росулъ. Школаги лъугIизабун, цIалана Ульянов шагьаралда, росдал магIишаталъул институталда. Армиялдаса хадув милициялде хIалтIизе лъугьана. ВукIана взводалъул командирлъун. 1999 соналъул августалда гьев витIана Новолак районалде хъачагъазде дандечIей гьабизе.
Новолак ва Казбек районазул ракь бихьулеб «Телевышка» борхалъиялда милициялъул хIалтIухъабазул къокъагун цадахъ гьесда тIадкъан букIана пост цIунизе. 1999 соналъул 5 августалъул радал гьесда рихьана вышкаялде гIагарлъулел гIадамазул къокъа. Гьеб рагъулъ милиция­лъул хIалтIухъабазда кIвана гьезул гьужум нахъчIвазе. Басаев Шамилил къокъаялъ гьезде гIарада балеб букIана. Тушманас цоги нухалъ гьабуна гьужум, гьелда хадуб нахъеги. Сордо-къоялъ халатбахъараб рагъулъ гьитIинабго къокъаялъ яргъид гIуцIарал хъачагъазе цере ине рес кьечIо. Цоясда хадув цояв чIвана Халидил гьалмагъзабиги. Къасиялде чIаго хутIана кIигояв – Халид Мурачуев ва Мутей ГIисаев. Радал мех щвезегIан гьел кIиязго Басаевасул чукъбузе бокьараб гьабизе течIо, амма гьелги чIвана. Хадуб, гьениса хъачагъал нахъе хъамидал, кIиявго бахIарчиясул жаназаби кодоре щвечIо. Кверал, гъуждул рекарал, гIакъуба кьун хвезарурал гьезул жаназаби ратана лъагIалидасан.

ГIисаев Мутей (1964-1999) — милициялъул взводалъул командир, Россиялъул БахIарчи. Гьеб цIар гьесие кьуна хун хадуб – 2001 соналъул 31 январалда.
Гьавуна 1964 соналъул 5 маялда Новолак районалъул Новолакское росулъ. Школалдаса хадуб Каспийск шагьаралда СПТУги лъугIизабун, армиялда хъулухъ гьабуна. ХIалтIизе лъугьана милициялде.
Новолак районалъул «Телевышка» борхалъи цIунизе тIадкъараб милициялъул хIалтIухъабазул къокъагун цадахъ Мутей гIахьаллъана гIасияб рагъулъ. 1999 соналъул 5 августалъул радал тушбабаз байбихьараб гьеб гьужум тIубараб сордо-къоялъ халатбахъана. Сордо рогьинегIан хъача­гъаз­де дандечIейги гьабун, гьалмагъзабиги чIван нахъе хутIарал кIиялго – Мутей ГIисаев ва Халид Мурачуев радал тушбабазухъе щвана ва гьел, гIакъуба кьун, хвезаруна. БетIер къотIун, гвандиниве рехарав командирасул жаназаялде тIаде хъачагъаз лъукъ-лъукъун, амма жеги чIаго вугев Мутейги рехун, тIаде ракь хъвана. Гьезул жаназаби ратана гIицIго 2000 соналъул 15 сентябралда.
Гьединаб къисмат ккана 1999 соналъул август-сентябралда ккараб рагъда, гIумруялда барахщичIого рагъарал Дагъистаналъул бахIарзазул.
Амма рагъ гьелдалъун лъугIичIо. Тушманасул квердаса хадусел со­наздаги гIумруялдаса ратIалъана анцI-анцI бахIарзал. Гьезда гьоркьор руго ВатIаналъе гьабураб ракIбацIцIадаб хъулухъалъе ва бихьизабурб бихьинчилъиялъе гIоло Россиялъул БахIарзаллъун рахъарал дагъистаниял:
1. Аскеров Аскер (1980-2005) — Буйнакск район, Халимбегаул росу.
2. Илясов Арзулум, полковник (1953-2005) – Казбек район, Гуни росу.
3. Къурбанов ГIабдулхаликъ (1978-2004) – ЦIунтIа район, БежтIа росу.
4. ГIабдурахIимов МухIамад­ша­мил (1980-2005) — МахIачхъала.
5. ГIумаров МухIамад (1947-2005), генерал-майор – Лаваша район, Мекеги росу.
6. ГIусманов МухIамад (1972-2007) – Сергохъала район, Гамри росу.
7. МухIамадтIагьиров ГIадил­ге­рей, генерал-майор (1956-2009) – Гъуниб район, Гьонода росу.
8. МухIамадов ГIабдулмалик, майор (1960-2008) – Гъарабудагъкент район, Губден росу.
9. МухIамадов АхIмад, полковник (1962-2010) – ЧIарада район, Рилъаб росу.
10. Подвальный Сергей, кIудияв оперуполномоченный (1967-2005) – МахIачхъала.
11. Сулейманов Мухтар, старшина (1980-2004) — ЦIунтIа район, БежтIа росу.
12. Халикъов Радим, капитан (1970-2003) – Сулейман-СтIал район, ОртIа-стIал росу.
13. ХIажиев Гъапал (1976-2010), подполковник – МахIачхъала.
14. ХIажиев ХIайдархан, генерал-майор (1954-2001) – Хунзахъ район, Харахьи росу.
1999 соналъул августалда чачаназул ракьалдаса Дагъистаналде хъачагъал кIанцIиялъул хIасилалда кIудияб зарал ккана ЦIумада, Болъихъ, Новолак, Буйнакск районазул 48266 чиясе, 32 росдае, чIвана 129 ва лъукъана 379 чи ва гьединго 45 милициялъул хIалтIухъангун 18 ополченец. 30 азаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияв хIажатавлъун ккана, жидерго рукъзалги рехун тун, къватIире ине.
1999 соналда республикаялъул 38 районалда ва 10 шагьаралда гIуцIун букIана, гIаммаб куцалда, 26124 чи гъорлъ вугеб, росабигун ва шагьарал цIуниялъул къокъаби.
Гьеб рагъул аслияб дарслъун нилъее кидаго буго Дагъистаналъул халкъазул тушманасде данде цолъи. Нилъер халкъалъ бихьизабуна ватIан бокьиялъул тIадегIанаб мисал. ГIолеб гIелалда гьеб бичIчIизаби буго жакъасеб къоялъул аслиял масъалабазул цоябги.
Зикрула Илясов