Ругьалаби бечедаб чапар буго «ХIакъикъат»

Миллаталъул матIулъун кколеб миллияб газета хъвазе кIочене бегьиларо

 

Дагьаб цебегIан Шамилхъалаялда тIобитIана республикаялъул почалъул ва газеталъул редакциялъул хIалтIухъабазул данделъи. Гьениб берцинаб, цоцазда ричIчIараб хабарги ккана. ХIукму гьабуна, цоцазда гIайибал чIвалел рукIинчIого, кидаго гIадин цадахъ рекъон хIалтIизе ва газета цIалдолезухъе гIужда щвезабизе хIаракат бахъизе.