Чвахабазул бакънал

Балагьун бергIорцIулареб берцинлъи буго магIарухъ

 

Даим гIаздаца ккурал мугIрузул тIогьал, беричал щобалгун майданал, гъваридал кIкIалал, рохьал, гIедерал лъаралгун гIорал — гьарзаго кьун буго БетIергьанас магIаруллъиялъе берцинлъиги гьайбатлъиги. Гьеб тIабигIияб тIогьол квацIи гIадаб ракьалъе ракIгъезабулел бакънал рачунел гIадин, магIаруллъиялъул щибаб росдал ракьалда дандчIвала жидерго хасаб берцинлъигун чIахIиялги гIисиналги лъел чвахаби. Гьезул къадар аза-азар батила.

Бищунго чIахIиязул цояб ккола ЧIарада районалда бугеб Чвахило абураб чвахи. КьенсергIурул тIарада бугеб гьелъ лъим босула Гутон магIардаса. БакIалъулал гIадамазда гурони гIемер чиясда гьеб лъаларо, щайгурелъул гьенире рахине захIмалъула. Гьилиб росулъа анцIила ункъогIан километралъ бигьаяб гуреб сухъмахъалъ ине ккола гьенире. Географиялъул литератураялда тIоцебе гьеб чвахиялъул хIакъалъулъ бицен гьабун буго ХIХ гIасруялъул ахиралда гьениве щварав гIурусазул геолог ва геморфолог Н. И. Андрусовасул хIалтIабазда. Гьединго гьеб чвахиялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIаял ратула советияв гляциолог Н. А. Ногинскиясул хIалтIабазулъги. Кьурул болъабазда речIчIулаго кIудияб борхалъудаса бортун бачIунеб гучаб лъел чвахиялъул гъугъайгин сас километралдаса цIикIкIараб манзилалда рагIула. Инсан хIайран гьавула гьелда сверухъ бугеб гIалхулаб берцинаб тIабигIаталъги.
ЦIакъго хIикматаблъун буго Гъуниб районалъул СалтIа росдал ракьалда бугеб чвахи. Гьединабго хIикматаб буго сулдерил нохъоде, ракьалда гьоркьан бачIунеб лъел чвахиги.
Сулдерил лъар байбихьула Кудали росдал ракьалдаса ва СалтIа росдаде гIарлъухъе щолаго ракьулъе тIерхьун уна. Чанго метралъ ракьулъанги ун лъар къватIибе кIанцIун бачIуна ва гьелъул лъугьуна анкьго метр борхалъи бугеб чвахи.
КIикъого метралъул борхалъи буго гьебго районалъул ТIасагъуниса бачIунеб лъарал Гъуниб абулеб чвахиялъулги. ЦIорол мугIруздаса лъугьарал лъел чвахиял руго Авар, ГIанди ва Гъазигъумекдерил гIоразул тIаралъабаздаги.
Хасго берциналлъун ккола Тобот лъарал чвахиял. Гьел руго Хунзахъги Илълъаги росабазда гьоркьор. Бакъ речIчIараб мехалда, гьел чвахабазул лъел тIираби нуралъул хIубал гIадин гвангъун рихьула. Хасалил заманалда бакъуда данде кенчIолел цIорол хIубал лъугьуна. Тоботалъул чвахабазул борхалъи географикияб къагIидаялда жеги мухIканго борцун гьечIин абизе бегьула. 1959 соналда Тоботалъул чвахабазул цIех-рех гьабурав азербайжаназул географ К. Гюляца жиндирго тIехьалда хъвалеб буго гьезул борхалъи нусго метр бугин. Дагъистаналъул географ МухIамад Элдаровасин абуни бихьизабулеб буго Тоботалъул чвахабазул борхалъи лъабкъоялда анцIго метр бугин. 1985 соналда республикаялъул географаз гьарурал цIех-рехазда бихьизабун буго гьезул борхалъи кIикъоялда анцIго метр бугилан. ХIакъаб жо, лъел бортиялъул байбихьудаса ахада, лъим речIчIулеб бакIалъул хIисаб гьабуни, ункъого-ункъоялда анцIго метралъул борхалъи гьезул букIин.
Хзан гIурул чвахи буго битIахъе БежтIа росу бакьулъ. БежтIадерил мацIалда гьелда цIар буго Лъисиякьа чвахи абун. Гьеб цIакъго борхатаб гьечIо. Араб гIасруялъул кIикъоялда анцIабилеб соналъ гьелда тIад бан букIана гидроэлектростанция, амма Тоботалъул чвахабаздаса гьелъул лъим гIемераб буго.
Гьанже курорталъул комплеск балеб бугеб Макьасда рагIаллъиялдаса гIодобе буго сахъадерил чвахи, гьелдаса бакътIерхьудехун – лъегIелдерил ЧвахукьбакI чвахиги. Гьеб кIиябго чвахиялъ лъим босула ТIалакъоро мегIералъул иццаздаса. ГIахьвахъ районалъул МестIерухъ ва ТIукитIа росабазул ракьалдаги руго чанго лъел чвахаби. ЦIакъго машгьураб буго кIикъоялда анцIго метралдасаги борхатаб МестIерухъ росдада дандбитIун бугеб ГьацIакино чвахи.
Чвахабаздалъун бечедаб буго Шамил районалъул Кьурукьмухъги. ТIасабакълъухъ росдада дандбитIун буго кIикъогогIан метралъул борхалъи бугеб Мегъугъа чвахи. Гьенирго руго Игикь ва Магъалоси чвахиялги. Гьандихъ росдал ракьалда руго Бидакъо чвахи, Гомог чвахи, Борхатаб чвахи, ХIассанил чвахи – кинабниги анкьго чвахи. НусгогIанасеб метралъул борхалъиги буго гьезул щибалъул. Могьохъ росдада аскIоб буго Чара магIардаса бачIунеб лъаралъул Игьанди чвахи.
ТIабигIаталъул берцинаб памятниклъун буго Унсоколо районалъул гьерекIдерил къварилъухъ бугеб чвахиги. Рихьуниб росдада дандбитIун бугеб Хинаб лъим абураб бакIалда бугеб чвахиялъул борхалъи бахуна лъабкъого метралде. Дагъистаналда гуребги, Россиялдаго бищун борхатаблъун рикIкIуна ГIашилтIа росулъ бугеб чвахи. Гьезулго ракьалда буго анцIила щуго метралдаса цIикIкIун борхалъи бугеб анцIила анлъго чвахи.
ЦIумада районалда ругел чвахабазул машгьураллъун руго Инхо къвари чвахи, Гьакварисезул чвахи ТIинди ва Хъварши лъаразда ругел чвахаби. АнцI-анцI чвахиял рукIана Сулахъ гIоралда, ЧIикIаб ГЭС байдал, гьайгьай, гьел хIорикье ккана.
Гьанир рехсана нижеда лъалел цо-цо чвахаби, якъинаб жо, гьел жеги гIемер руго магIарухъ. Квеш ккараб жо буго геофизикиял цIех-рехалги гьарун, гьезул мухIканаб сияхI гьабун гьечIолъи.
Хьул буго «ХIакъикъат» газеталъул цIалдолез жиде-жидер ракьалда ругел чвахабазул, тIабигIиял памятниказул хIакъалъулъ хъван редакциялде кагътал ритIилин.
Пайзула Пайзулаев