ГIолилазул къо

Жеги малърал къвакIичIел ватIаналъул хIанчIи

Санайил 27 июналда Россиялда кIодо гьабула ГIолилазул къо

Гьале жакъаги гьимулеб буго нужее ватIаналъул бакъ. РагIулищ гьелъул рекIел кIутIи?! Гьеб хIалуцун буго, нужер ургъелал гьарун. Жакъа гьелъул бидури-хьалъанцин тIинкIулеб буго магIу.
ВатIаналъул магIуги, рохелги, гьимиги, релъиги – гьеб киналъулго хважаинзаби руго нуж.
Жакъасел гIолилал, Дагъистаналъул талихIалъул куркьбаллъун ругел нужехъ буго гьелъул метерисеб, хадусеб…
Нуж батIи-батIиял ва гьелдаго цадахъ цоцазда релълъаралги. Нуж кьер-кьералги, цохIо кьералъулги.
ВатIаналъ жиндирго пикрабиги, анищалги, квацIи-квацIи гьабун, кьолел руго нужехъе. ТIирщизаре гьел нужерго пайдаял ва лъикIал ишазул кумекалдалъун.
Нужер цолъиялъги, рокьиялъги, бажариялъги хвасар гьабизе буго Дагъистан гьелъул букIинеселъул ургъел гьечIезул «цIобалдаса».
Нуж релълъуна ватIаналъул гIидраялда рижарал кьер-кьерал тIугьдузда. Нужедаса буго ватIаналъул хIикматаб, талихIалъул цIураб махI. Нужеда кодоб буго гьелъул къисматалъул кIул. Нуж – гьелъул рекIел кьаби-бидурихьал, бидурихьазулъан гьелчолеб, беролеб би.
Нужер рекIел кIутIи цолъизе ккола ватIаналъул рекIел кIутIигун. Гьениб гьалдолеб рохелги букIине ккола нужер гIахьалаблъун.
Роржа нужерго анищазде данде, ватIаналъул къисматалъул хъаравулзаби.
Жакъа школа лъугIаралги, жакъа диплом щваралги, жакъа батIи-батIиял ишазда ругелги гIолилал! Биччанте нужер гIумруялъул даимаб ахIилъун букIине: «Къеркьезе, балагьизе, батизе, къуркьунгутIизе», — ян абурал рагIаби.
Исанасеб нужер байрам цолъулеб буго Дагъистаналда рагъулал тунка-гIусиял ккаралдаса къого сон тIубаялде данде. Дагъистаналъе захIматал дол къояз «нилъеразулго» кумекалдалъун тушманас гьелъул ракь мерхьунеб мехалда, гIолилаз къабул гьабуна ватIаналъул ахIи. Халкъалъ цоги нухалда ракIалдещвезабуна цолъиялъул, гьудуллъиялъул къуватги, къиматги, къадарги.
Дагъистаналъул каранда кенчIолел багьа тIадегIанаб маржаналлъун руго жакъа нуж. Маржаназда бугеб щибаб жавгьар – гьеле нужги нужер къисматги. Нухал ритIаги нужее, ВатIаналъул бакъуде данде.

***

ГIолилазул хIакъалъулъ цо-цо баянал:

• 1921 соналъул 1 маялда Темир-Хан-Шураб рагьана Дагъистаналъул комсомолалъул 1 съезд.
• Дагъистаналда гIумру гьабун ругел гIадамазул 30% ккола гIолилал. Гьединаб ахIвал-хIал Россиялъул ки-налго субъектазда гуро бугеб.
• Ахирал соназда Россиялда 14-ялдаса 30 соналде щвезегIан гIумруялда ругел гIолилазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб ккола 21,5 процент. Гьезда гьоркьорги васазул къадар цIикIкIараб буго – 50,8 процент.
• Нилъер улкаялдаги бакътIерхьул пачалихъаздаги гIолилазул лъаялъул рахъ босани, буго гьадинаб хIал:

Бугеб лъай Россиялда БакътIерхьул
пачалихъазда
Байбихьул 5% 15%
ГIаммаб гьоркьохъеб 17% 24%
Профессионалияб
гьоркьохъеб 19% 6%
ТIадегIанаб 18% 20%

• Лъаялъул даража гIолилал васазулалдаса ясазул цIикIкIараб буго.
• Дагъистаналда гIумру гьабулеб буго Россиялда бищунго гIолохъанав гIалимчи, физикаялъулгун математикаялъул гIелмабазул доктор ГIалисултанов Завурица. Гьеб гIелмияб даражаялде Завур вахана 27 соналъул ригьалда.
• 2013 соналъул ноябралда Дагъистаналда тIобитIана гIолилазул тIоцебесеб съезд.
• «Россиялъул БахIарчи» абураб тIадегIанаб цIар щварал дагъистаниязда гьоркьор 17-яв вуго 35 сониде вахинчIев.