АхIи базе ккараб хIал

Лъалищ дуда рахьдал мацI?

ГIалимзабазул цIех-рехалъ бихьизабулеб буго магIарул мацI лъугIулеб букIин

Кавказалъул халкъазул къадар гIодобе кколеб гьечIо, амма рахьдал мацIал лъалезул къадар къо бахъанагIан цIакъго дагьлъулеб буго. Переписалъ кьураб хIисаб – гьеб буго тIаса-масаго гьабураб цIех-рех. МацIалъул ва гьеб мацIалда кIалъалезул мухIканаб хIакъикъат лъазе ккани, гьабизе ккола гIатIидаб цIех-рех. ХIакъикъаталдайин абуни рахьдал мацIалда эркенго кIалъазе лъаларев, амма нусгоялдаса цIикIкIун рагIи лъалев чиясги рикIкIунеб буго жинда мацI лъалин. ЦIех-рехалъ бихьизабулеб буго унго-унголъун рахьдал мацI лъалел кавказалъулал дагьлъулел рукIин. Дагъистаналъул бицани, республикаялъул чIахIияллъун рикIкIине бегьулел халкъазул, лезгиязул хутIизегIан, рахьдал мацI лъалезул къадар дагьлъулеб букIин. Лезгиязул мацI мухIканго лъалезул къадар цIикIкIун буго 1,22 проценталъ. Цогидал халкъазул бицани, гьезул мацIал лъаялъул иш гьедигIан квеш гьечIин абизе бегьила: табасараназул (-1,76), нугъаязул (-3,22) ва даргиязул (-3,54). Квеш буго — тумазул (-4,88) ва лъарагIазул (-6,77).
Дагъистаналда мацIал лъаялъул рахъалъ бищун нахъа буго магIарул мацI — микьго соналда жаниб мацI лъалезул къадар дагьлъун буго 8,86 проценталъ.
МацI халкъалъул ракI кколелъул, гьелда бараб буго нилъер рухIияб цебетIей. Рахьдал мацIалъул кумекалдалъун щулияб кьучI лъола лъимерлъиялдаса халкъалъул мустахIикъаб вакиллъиялде вахинегIан нахъа толеб хIаракатчилъиялъеги. Гьелъ цолъизарула гIадамазул ракIал, гIелазул кьерал, кьо лъола араб гIумруялдаса гьанжеселде ва букIинеселде, борхизабула нилъер культурияб даража. Гьединлъидалин жакъа къоялда жаниб цIакъго хIажат бугеб рахьдал мацI лъазабиялде пикру буссинабизе.
БитIараб буго, школалда мацI лъазаби буго цIакъ кIвар бугеб хIужа. Амма гьеб мухIканаб букIуна хъизамалда жаниб эбел-инсуца рахьдал мацI бокьиялъул унго-унгояб тарбия кьолеб бугони.