Районаздаса харбал

Багьадурзаби

 

Муслимица живго бахIарчилъун рикIкIунев гьечIо

Нилъер жакъасеб гIумруялдаги руго бахIарчиял ишалги гьединалго гIадамалги. РекIее кIудияб асар гьа­була лъималаз гьединал ишал гьарунин рагIидалги. Хадуб кколелъул пикруги гьабичIого, цогидал хвасар гьарурал лъималаз гьеб жидеда тIадаб ишлъун рикIкIунеб буго.
Гьедин абулеб буго макъалаялда бицен гьабулев вугев гьитIинав Муслимицаги – гьес жинцаго гьабураб иш тIадаблъун рикIкIунеб буго, ай гьунарлъун рикIкIунеб гьечIо.
Казбек районалъул Ленинаулалдаса гьудулзаби ГIумар Шамхалбиев ва Муслим ТIалхIатов къаси мехалда мороженое босизе унел рукIана. Расандулаго, гьел щвана цо кIкIалал рагIалде. 70 метр борхалъи бугеб гьениве вортана ГIумар. Муслим вихха-хочичIо. Гьев гьудул хвасар гьавизе хадув кIанцIана. Кверги бекана гьесул, цогидал ругъналги лъуна гьесул черхалда.
Муслимида ГIумар, гIакълу-лъаялдасаги ун, лъаралъ лъелъ ватана. Бекараб квералъул кумекалдалъун Муслимица ГIумар лъарккун гIебеде вехъерхъана, сухъмахънух батизегIан. ЦIакъ гIакъуба бихьана гьесда, гьеб нухдасан шагьранухде гьудул вехъерхъулаго. Гьудулги гьенивго тун, Муслим векерана машина чIезабизе. Чанго машина ана, гьесухъ гIинтIамичIого. Ахирги гьудулзабазде тIаде ккана Ленинаул росдал участковый Насим МухIамадханов. Гьес кIиявго гьудул росдал больницаялде рачана. Гьенисанги гьел ритIана Хасавюрт шагьаралъул больницаялде.
КIкалахъги, лъарчIван гIебедеги, сухъмахънухдаги ратарал бидул лъалкIаз бицана лъималазда бихьараб гIакъуба-къоялъул.
Амма Муслимица живго бахIарчилъун рикIкIунев гьечIо.
— Дица гьабураб гIадаб иш цогидазги гьабизе букIана. Дир ботIролъги рекIелъги букIана гIицIго цохIо пикру: гьудул хвасар гьави. Гьедин киназго гьабизе букIана. Дица гьеб гьунарлъун рикIкIунаро, гьеб букIана дида тIадаб иш.
Васазул гIагарлъиялъ кIудияб баркала кьолеб буго захIматаб ахIвал-хIалалде ккарал гьезие кумекалъе ватарав Насимие.
Нурият Салатгереева,
Дилым росу