АхIи бахъараб иш

Черновикалъул» журналистасул рахъалъ рагьана уголовияб дело

 

2019 соналъул 14 июналда «Черновик» газеталъул отделалъул редактор ГIабдулмумин ХIажиевасул рокъоб чIухь бана РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб ЦIех-рехалъул управлениялъулги МВДялъулгун ФСБялъулги хIалтIухъабаз. ХIажиевасул хъизаналъ бицана гьез рокъоса росун анин смартфоналги, ноутбукалги, лъималазул планшеталгицин.

ГIабдулмумин ХIажиев щвезавун вуго ЦIех-рехалъул управлениялде. Гьесухъе гьеб параялъго виччан гьечIо адвокат Арсен Шабанов. Хадубккун, ХIажиевасухъа сурав босун бахъиндал, баянлъана гьесде гIунтIизабулеб гIайиб букIин терроризм тIибитIизабиялъе квербакъи гьабиги террористазул къокъадулъ гIахьаллъиги. ХIажиевасин абуни лъазабуна гьел такъсирал жинца гьаричIин ва жинда гIайибги гьечIин.
Гьебго къоялъ «Черновикалъул» редакциялъ гьабураб хитIабалда хъвалеб буго: «Гьеб ккола, къокъго абуни, Москваялдаса журналист Иван Голуновасухъе наркотикал рехиго гIадаб иш. Чи жанив тIамизе бокьун бугони, хасго гьев дагьавниги диналъулгун гьоркьоблъи бугевги вугони, багьана батизе захIматаб жо гуро. ГIабдулмумин ХIажиев вуго нижер редакция­лъул цевегосев хIалтIухъан. Динияб темаялда гьес хъварал макъалаби кидаго рукIана лъикIлъиялде, са­буралде ва ракълиде гIадамал ахIулел. Гьел рокьулаан цIалдолезе ва гьезда тIасан бахIсалги камулароан. МагIна-гIинго гьечIеблъун рикIкIуна нижеца, ХIажиевас терроризм тIибитIизабиялъе гIарац биччалеб букIанин абураб пикруги. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз абулеб буго, «щаклъи бугин, Сасикьа Абу ГIумарил счетазде ХIажиевас гIарац рехиялде», гьебги буго кьучIго гьечIеб хабар. ХIажиевасул букIинчIо гьесулгун кинабгIаги бухьен», — ан.
2019 соналъул 15 июналда «Черновик» газеталъул редакциялъ лъазабуна, ГIабдулмумин ХIажиевасул рахъкквеялъул мурадалда, пикетал тIоритIизе ругин. Бакъанида сагIат щуго тIубараб мехалда, редакция­лъул хIалтIухъабазги ГIабдулмуминил гIага-божаразги пикетал тIоритIана, гьев эркен гьавеян абураб тIалабги цебелъун. Адвокатазул жамгIияталъ гьесул ихтиярал цIунизе тIадкъан буго щуго адвокатасдаги.
2019 соналъул 16 июналда радал сагIат ичIго тIубараб заманалда МахIачхъалаялъул Советский районалъул судалда байбихьана ГIабдулмумин ХIажиевасе хIукму къотIизе судалъул данделъи (судья ТIалхIат ХIажиев). Гьеб къоялъ прокуратураялъулги цIех-рехалъулги хIалтIухъабаз гьев туснахъ гьавеян тIалаб гьабулеб букIана. Адвокатаз судалъухъе кьуна хIажатал характеристикаби, гьезда гьоркьоб букIана «Черновикалъул» ХIажиев нижер бербалагьиялда гъоркь эркенго теян абураб редакциялъул гьариги.
Судалъул данделъиялдаги ГIаб­дулмумин ХIажиевас абуна кинаб бугониги такъсир жинца гьабичIин. Гьес бицана, жиндир лъай-хъвай кканила низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз жив кквеялъе гIиллалъун ккарав чиясулгун – Москваялдаса бизнесмен Кемал Тамбиевасулгун. Тамбиевасул баяназул кьучIалда ккун вуго ХIажиев. Тамбиевас ГIабдулмуминида гьарана тIасалъугьаян ва абуна, жиндие гIакъуба кьолеб букIиналъ, жинца гьереси бицине кканин.
Гьебго къоялъ, судалъул данде­лъиялда Кемал Тамбиевас лъазабуна, жинца ГIабдулмумин ХIажиевасул хIакъалъулъ гьереси бицун букIанин абун. Гьесул рагIабазда рекъон, гьев тIамун вуго, «дида лъала пуланав чи, гьесул батизе бегьула «Вконтакте» абураб социалияб гьиналда боевиказе гIарац бакIарулеб къокъа – гьеб къокъаялъул администраторлъунги ккола ГIабдулмумин ХIажиев» абурал баянал хъварал протоколалда гъоркь гъулбасине. ГIабдулмумин ХIажиев ккуна гьел баянал сабаблъун.
Гьеб къоялъ ТIалхIат ХIажие­вас хIукму къотIичIо. Гьес, ГIаб­дул­­муминил хIакъалъулъ баянал ра­кIаризе болжал кьеян гьабураб ХIажиевасул адвокатазул хитIабалда рекъон, кIиго къоялъ нахътIамуна гьеб иш.
2019 соналъул 17 июналда «Чер­новикалъул» редакциялъул хIал­тIу­хъабаз РФялъул президент Владимир Путиниде видео-хитIаб гьа­буна. Гьелда бицунеб буго, редакция­лъул ракIчIолин ишцоясда гIайиб гье­чIолъиялда ва ГIабдулмумин ХIажиевас террористазе гIарац кьолеб букIанин абураб хабарги кьучI гьечIеб бугин. Щайгурелъул, Россиялда гьукъараб террористазул «ИГИЛ» абураб къокъаялъ хIукму гьабун буго гьев чIвазе. Редакциялъ Путинида гьарулеб буго гьеб иш берзукь кквеян ва гьеб делоялъул халгьабизе Генералияб прокуратураялдаги ФСБялъул централияб аппараталдаги тIадкъайин. Видео-хитIаб гьабуна ХIажиевасул лъималазги.
2019 соналъул 18 июналда МахIачхъалаялда, Советский районалъул судалда букIана иргадулаб данделъи – ГIабдулмумин ХIажиевасул рахъалъ кинаб хIукму гьабилебали абураб суалги цебе­лъун. Судалъухъе кьуна Россиялъул Журналистазул союзалъги, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъги, мадугьалзабазги кьурал характеристикаби. Гьебго заманалда судалъул минаялда аскIов вакIарун вукIана ГIабдулмумин ХIажиевасул рахъкколев кIинусгониги чиги.
Прокуратураялъулги цIех-реха­лъулги вакилзабаз судалде хитIаб гьабуна, судалъул залалдаса журналисталги гIагарал чагIиги нахъе ритIеян абун. Гьезул пикруялда, журналистал гьенир тани, суда­лъул балъголъи цIунун бажаруларо ва гIайиб гIунтIизабиялъул рахъалъе гIумруялъе хIинкъи букIине рес буго. Судияс гьезул гьари къабул гьабуна.
Гьенибго ХIажиевас цоги нухалда такрар гьабуна, кинабгIаги такъсир гьабиялъе жив мукIурлъуларин ва цIех-рехалъ судалъухъе кьурал баяналги кьучI гьечIеллъун рикIкIунин абун. Судияв ТIалхIат ХIажиевас къабул гьабуна цIех-рехалъул гьари ва ГIабдулмумин ХIажиев кIиго моцIалъ жанив тIамизе хIукму гьабуна.
Судалъул кIалтIаго тIобитIараб пресс-конференциялда ХIажиевасул адвокатаз лъазабуна, гьеб хIукму­ялда тIасан гIарза хъвазе бугилан. Гьез гIажаиблъи гьабулеб бугоан, судалде кьурал материалал загIипал ва жеги баянлъичIел ругониги, ГIаб­дулмумин кIиго моцIалъ туснахъ гьавизе кколин абураб судиясул хIукмуялда.
Маирбег Агъаев,
«Черновикалъул»
бетIерав редактор