ЦIиял нигIматал — цIиял унтаби

Дагь-дагьккун сахлъи «чIвалеб» квен

 

Ахираб къого соналда жаниб нилъеца хIалтIизарулел рукIарал ва ругел кванил нигIматазул къадарги гьезул батIалъиги цIикIкIунеб букIин бихьулеб буго. ЧIахIияб ригьалъул гIадамаз гIемер абулеб рагIула, гьабщинаб нигIмат бихьун букIарабани, умумуз  щибдай абизе букIарабилан. Нилъин абуни рохизе бегьилаан гIорцIизегIан квенги батIи-батIиял нигIматалги щолел рукIиналдаса, гьезул гIемерисел битIахъе заралиял гьечIелани. Кинал нигIматазха сахлъиялъе зарал гьабизе бегьулеб?

Хехго белъунеб кваница
хехго унтизарула

Ахираб заманалда къватIире ри­ччалел батIи-батIиял нигIматазул гьабураб кванил цIех-рехал гьарулел руго гIалимзабаз. Цогидал нигIматазул лъугьинарулел кванил нигIматал (ультраобработанные) сахлъиялъе загьругIанги заралияллъун кколин лъазабулеб буго гьез. Цебе абулаан гьединал нигIматаз гIадамал кьара гьарулин. Гьанжесел цIех-рехазда рекъон, кьаралъизари гуребги, гьединал нигIматаз рекIел ва бидурихьазулгун сосудазул унтаби раккизарулел руго.
Ультраобработка гьабураб нигIмат ккола кванил тIадежубаял (пищевые добавки) гъорлъ бугеб квен, цебеккунго хIадур гьабураб ва хехаб заманалда белъунеб яги бежулеб квен (фастфуд), газ гъорлъ бугел гьекъолел жал, пачкабахъ лъун бичулеб бакъвараб чурпа, гьанал ва ччугIил нахъе хутIарал кескал яги ракьа-макъаралъул гьабулеб нигIмат (белъараб, кIкIуйдулъ бежизабураб бакь, ччугIил нигIматал). Гьединал нигIматал, гIемерисеб мехалда, хIадур гьарула гIемераб чакарги цIамги гъорлъе бан. Витаминалги клетчаткаги гIураб къадаралда букIунаро гьезулъ.
Франциялъул ва Бразилиялъул гIалимзабаз цIех-рех гьабуна ультраобработка гьабурал нигIматаз рекIел ва гIадалнахул би хьвадиялъул низам биххиялда рарал унтаби лъугьинарулел ругищали. 105000 чиясда гьоркьоб (21 процент бихьинал, 79 процент руччаби, гьоркьохъеб ригь 43 сон) гьабураб анализалъ бихьизабуна, гьел гIадамазул рекIел ва гIадалнахул унтаби лъугьиналъе хIинкъи 12 проценталъ цIикIкIун букIин.
Испаниялъул гIалимзабаз, гьоркьохъеб хIисабалда, 38 сон барав 20000 чиясда гьоркьоб гьабураб халгьабиялда рекъон, ультраобработка гьарурал нигIматал кванилъ хIалтIизариялъул хIасилалда (къойи­да жаниб ункъо-щуго нухалда) баянлъун буго 62 проценталъул батIи-батIиял унтаби загьирлъун рукIин.
Статистикиял баяназда рекъон, нилъеца къойил хIалтIизабулеб кванилъ 20-60 процент гьединал ультраобработка гьабурал нигIматал ратула. Гьединлъидал тIадехун рехсарал цIех-рехал гьарурал пачалихъазда гьединал кванил нигIматал дагьго хIадур гьаризе хIаракат ба­хъулеб буго.
Гьанжесеб заманалъул хехаб кванил бакIалда, овощал, каршал, пихъ, ччугIа ва цогидалги сахлъиялъе пайдаял нигIматал хIалтIизаризе кколин рикIкIуна гIалимзабаз.

«Абадиял химикатал»

Тукабазда ричулел батIи-батIиял нигIматаз рекIел ва гIадалнахул бидул свериялъул хIалтIи гуребги, рак унтиги лъугьинабизе рес бугин рикIкIунеб буго кванил нигIматазухъ халгьабулел гIалимзабаз. Масала, PFAS ккола кванил нигIматал жанир цIунулел къучIби (упаковка), лъеца биччизабиларедухъ ратIлида бахунеб жо (пропитка), цIа свинабизе хIалтIизабулеб полоп, цIарагIалда жаниб квен рекIинаредухъ бахун букIунеб жо, гIусал рацIцIунеб квар ва цогидалги химиялъул нигIматал.
ГIадамазе квегIенлъиялъеян абун хIалтIизарулел гьединал жалаздасан кванилъе ва хадуб инсанасул чорхолъе загьруял жал ккола. PFASаз сахлъиялъе зарал гьабулеб бугин гIалимзабаз некIого ахIи балеб буго. ГIалимзабаз лъазабун буго PFASаз инсанасул чорхолъ рак унти лъугьинабулеб, тIул унтизабулеб, ургьиб бугеб лъимер кIудияб гIеялъе квал­квал гьабулеб бугин. Цо-цо нигIматал гьарулел бакIазда гьел хIалтIизецин гьаруларо. Гьездаги абула абадиялъго химия гъорлъ цIунулел нигIматалин. Азарго соналъгицин туричIого цIунун хутIулин гьединал, ай химия гъорлъ бугел алатал, пластикалъул къучIбиян рикIкIуна гIалимзабаз. Инсанасул чорхолъе ккаралдаса нахъеги гьел тIокIалъ киданиги ратIалъуларо.
СШАялъул FDAялъул (нигIматазул цIех-рех гьабулеб тIолгодунялалъулго департамент) специалистаз гьабураб цIех-рехалда рекъон, кванил нигIматал ричулел тукабаздаса 90 батIияб нигIматалъул хIалбихьи гьабидал, гьаналъ, ралъдал нигIматазулъ, шоколад жубараб ва гIадатияб рахьалъулъ, шоколадалъул торталъулъ, ананасазулъ, гьуинаб картошкаялъулъ ва цогидалги къачIарал къучIбузухъ лъурал нигIматазулъ PFASалъул заралиял жал ратана.
СШАялъул сверухъ бугеб тIа­би­гIат цIуниялъул агентствоялъ (ЕРА) гьабураб цIех-рехалда ре­къон, къвакIарал къучIбузухъ бичулеб рахьдалъ сахлъиялъе зарал гьечIого букIине бегьулелдаса 35 нухалъ цIикIкIун заралиял химикатал (PFAS) ратана.
«Абадиял химикатал» гIицIго тукабазда ричулел къучIбуздаса гурелги, ракьулъ бекьун гIезабулеб нигIматалъулъгицин дандчIвалел ругин абулеб буго гIалимзабаз. Кинха гьел заралиял жал нилъерго ракьалда бекьараб нигIматалде гъорлъе кколел? Гьелъие гIиллалъун ккола рищни-къулалъулъ рукIунел «абадиял химикатал» (PFAS) лъелъе кколел рукIин, гьеб чорокаб лъимги хурзабазухъе ва ахазухъе щолеб букIин.
ПатIимат СултIанмухIамадова