Баракатаб тадбир

АхIулгохIда – ифтар

 

КIалбиччаялъул тадбиралда гIахьаллъана щуазаргоялдасаги цIикIкIун чи

Ифтаралда гIахьаллъана районазул бутIрул, имамзаби, республикаялъул муфтияталъул вакилзаби. Гьенир нашидал ахIана, мавлидал цIалана «Бакълъухъ», «ЧIикIаб» ва «Унсоколо» къокъабаз. Ифтаралъул гIахьалчагIазе насихIатал гьаруна Дагъистаналъул гIалимзабаз, бихьизабуна кIудияв имамасул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб сценка. Болъихъ районалъул вакилзабазги бихьизабуна «Рекъел гьаби» абураб сценка.
Гьединаб тадбир гьабизе квербакъаралъухъ кIудияб баркала загьир гьабуна Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасе ва имам ГъазимухIамад Абакаровасе ДРялъул муфтиясул заместитель ГIабдула Салимовас.
— КIиабилеб хIежилан жинда абулеб АхIулгохIда тIобитIараб гьаб тадбиралъ данде гьавуна чанго азарго чи. Хирияб рамазаналъ цолъизаруна гIадамал, киназго хIаракат бахъана лъикIал гIамалал гIемер гьаризе. Жакъасеб тадбиралда гIахьаллъанщиназе кIудияб баркалаги буго. ТIадегIанас къабул гьареги киназулго ккурал кIалалги, кьураб садакъаги, гьарурал лъикIал ишалги, — ян абуна ГIиса НурмухIамадовас.