ЦIодорлъи гьабе

НугIазул «гьужум»

 

Крымалъул гемморагияб унти тIибитIу

Дагъистаналда нугIаз хIан­чIун зарал ккана 300 чиясе. ДРялъул Сах­­лъи­­цIуниялъул минис­тер­ствоялъул баяналда ре­къон, МахIачхъалаялдаса ун­къо сон бараб лъимаде ва Гъизляр районалда гIум­ру гьабун вугев чи­ясде, нугIаз хIанчIиялъул хIа­силалда, бахана Кры­малъул гемморагияб ли­хо­радка. Жеги анлъго чи боль­ницаялда вегизавун вуго гьеб унти батиялда щаклъи ккун.
Дунял хинлъанагIан нугIаз гIадамазда хIанчIиялъул хIужаби цIи­кIкIунел руго. Гьединлъидал цIакъ цIодорлъи гьабизе ккола, хасго тIа­би­гIаталда ругеб заманалда. Нагагь нугIалъ хIанчIани ва аскIоса-гIебеде по­ликлиникагун больница батичIони, тIомолъа нугI къватIибе бахъизе ккола пинцеталъги ккун, гьелъул бетIер тIомолъ хутIиларедухъ. ХIан­чIараб бакIалдаса нахъе бахъараб нугIги, инфекциялъулаб унти бу­гищали балагьизе, лабораториялде кьезе ккола.
ХIанипат Лабазанова