ХIухьбахъи

ГIадлу гьабизе буго

 

Лагеразул хIалтIухъабазул халгьабизе тIаде босана МВДялъ

ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъулги Роспот­ребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъулги хIаракаталдалъун 22 маялда тIоритIана хIухьбахъиялъулгун сахлъицIуниялъул лагеразул хIалтIухъабазе дарсал.
«Солнечный берег» абураб республикаялъулаб лъайкьеялъулгун сахлъицIуниялъул централда тIоритIана мастер-классалги лекциялги. Гьел дарсал кьуна МЧСалъул экспертаз.
Риидалил каникулазул заманалда лагеразде рачIарал лъималазул гIумруялъе хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул бицунаго, ДРялъул вице-премьер – лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъ лагеразул хIалтIухъабазда абуна, цебеккун лъазеги гьабичIого, министерствоялъул вакилзаби щвезе ругин киналго лагеразде. «Нагагьлъун гьенир тохтурзаби яги цогидал махщелчагIи ратичIони, гIадлуги гьабизе буго. ГIагарав чи хун вугин яги вацасе ригьин гьабулеб букIанин абурал тайпаялъул гIиллаби хIисабалде росизеги гьечIо», — ян лъазабуна министралъ. Лагералъул щивав хIалтIухъанасул хIакъалъулъ баянал Жанисел ишазул министерствоялде ритIизе ругинги бицана гьелъ.
ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул
министерствоялъул пресс-хъулухъ