Багьаби

КIалбиччанкъоялде хIадурлъи

 

Хирияб къо хираго чIела ЛъикIаб гIамал гьабизе кколеб бакIалда, багьаби «зодоре» рахинарулеб
гIадат лъугьун буго Дагъистаналда

Рамазан моцI бачIиналъухъ балагьун чIун рукIуна дунялалъулго бусурбаби. Гьеб моцIалъ щивав чияс хIаракатги бахъула лъикIал гIамалал гьаризе. Амма камулел гьечIо, гьеб моцIалдаса пайдаги босун, жидерго напс цебе гьабулелги. Гьединаб хIасил гьабиялъе гIиллаги буго рамазаналъ, ургъун­го гIадин, кванил нигIматал хира гьарулел рукIин. Дагъистана­лъул муфтияталъги щибаб санайил бизнесчагIазде хитIаб гьабула хирияб моцIалъгIаги кванил нигIматал хира гьаричIого тейилан. Амма…

«Хирияб рамазан моцIалъ нилъе­р щивасул рес буго лъикIал гурел гIамалаздаса ракIал рацIцIад гьаризе. Щибаб соналъ, кIалбиччанкъоялде, кванил ва цогидалги нигIматазул багьа цIикIкIинарулел рукIин бихьула нилъеда. Гьелда бан, ДРялъул муфтияталъ гьарулеб буго даранчагIазда, гIадамазул рес гьечIолъиялъухъги балагьун, багьаби рахинаричIого те­йилан. Салат-салам лъеяв МухIамад аварагасул хIадисалда буго: «Аллагь тIаса лъугьуна бичулелъул, босулелъул ва налъи кьолелъул сахаватлъи бихьизабурав чиясдаса», — ян. Гьадин хъвалеб буго муфтияталъул хитIабалда.

Щайха нигIматал хиралъулел?

КIалккун моцI байбихьаралдасаго «зодоре» рахинарулел руго кванил нигIматазул багьаби. Овощалгун пихъ босизе кIолеб хIалалдаго батуларо. Масала, помидоразул килограммалъул гьоркьохъеб багьа ккола 150-180 гъуруш, охцер – 100 гъуруш, гIеч – 80 гъуруш, гени – 150-160 гъуруш, апельсин – 90 гъуруш, банан – 85-100 гъуруш.
ДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулу­хъа­лъул гьарурал цIех-рехазда рекъон, маялъул лъабабилеб анкьида жаниб кванил нигIматазул килограмма­лъухъ МахIачхъалаялда гьадинал багьаби руго:
хIайваналъул гьан (кг) – 300 гъуруш;
гIиял гьан – 387 гъуруш;
гIанкIудал гьан – 138 гъуруш;
гургуралъул гьан – 335 гъуруш;
ччугIа – 165 гъуруш;
щарил нах – 534 гъуруш;
семечкадул нах – 98 гъуруш;
маргарин – 145 гъуруш;
гIакдал рахь – 73 гъуруш;
ханал (10 хоно) — 57 гъуруш;
чакар — 46 гъуруш;
чай – 954 гъуруш;
ханжу – 35 гъуруш;
пиринчI — 54 гъуруш;
картошка – 28 гъуруш;
цIияб хъапустIан – 62 гъуруш;
пер – 37 гъуруш;
ламадур — 40 гъуруш;
охцер – 108 гъуруш;
помидор – 156 гъуруш.
ДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулу­хъалъ моцIалъ цебе гьабун букIараб хIасилалъухъ балагьани, кванил нигIматазул гьоркьохъел багьаби цIакъго хисун гьечIо, цо-цо нигIмат кепказ, цогидал — цо-кIиго гъурушалъ хиралъун руго. Амма базараздасаги тукабаздасаги нигIматал росулел гIадатиял гIадамазда бихьулеб буго рамазан моцIалъ багьаби, кидаго гIадин, рахинарун рукIин.

Лъидаха бугеб гIайиб?

Ричарухъабазда гIилла цIехедал, гIайибиявго ватуларо. Жидецаги нигIматал росулезухъа гьел хираго росулин, гьединлъидал жидеда бараб жо гьениб букIунарин абула гьез. Москваялдасаго рачIунин нигIматал хира гьарунин абула даранчагIазги. РачIаха гIадатиял гIадамаз бицунелъухъ гIенеккизе:
ГIайшат: «ГьабсагIат кинабго жо хиралъун буго. Цебе бащдаб кило жаниб бугеб чамасдакIалъул къвачIа 70-90 гъуршиде щолеб букIун батани, рамазан моцI байбихьаралдаса 150-160 гъуршидаса гъоркьего ккечIо».
ПатIимат: «Цо-цо хъизамал кIал биччазе гIурал нигIматал росизе рес гьечIого рукIуна. Гьебго заманалда щибаб шагьаралда, ай мажгитазда цере рагьун рукIуна, кIал биччазе киридахъ гIадамал кваназарулел бакIалги. ГIадамазе кIал би­ччазе гьединал бакIал гIуцIулелги базаразда багьабиги рахинарун кванил нигIматал ричулелги рес­публикаялда гIумру гьабун ругел бусурбаби гурищ кколел? Багьаби рахиналъулъ жидеда гIайиб гьечIеб гIадин кIалъала ричарухъаби. ХIакъикъаталдайин абуни, гьел руго гIайибиял, ай жидеего хайир гьабулел чагIи».
Мадина: «Нилъеца ричарухъабазде гIайиб рехула, гьез – къайи чIезабулезде. Амма нилъерго гьаниб гIезабулеб нигIматгIаги щайха хира гьабулеб? Гьанги къватIисайищ бачIунеб республикаялде?»
Мурад: «Багьаби рахинариялъе гIайибияллъун руччаби кколин рикIкIуна дица. ХIажат бугелги гьечIелги нигIматалги росун, кIалбиччанкъоялъ лъицаго кваналареб гьуинлъиялъул стол цIезабула гьез. Налъи гьабунцин босулеб буго стол «къачIазе» батIи-батIияб нигIмат ва бикьизе жо. ГIадамаз босулеб бугелъул, ричарухъабазги хираго бичиларищха».
КIалбиччан къоялъул байрамалде лъималазе рикьизе нигIматал росулелъул, цо-цо заман арал нигIматалги ричун ратула. Хирияб къоялде гIедегIун къайи босулел гIадамаз нигIматал гьарураб заманалъул халгьабуларелъулха. Гьелъул жаваб БетIергьанасде цере рахъараб къоялъ кин кьезе бугебали дида лъаларо. Аллагьасда божулел чагIаз гьединаб жоги гьабилищха.
Кавказалъул цогидал республикабазда ва цо-цо пачалихъазда щиб хIалха бугеб?

Ингушетия

Дагьал церегIан къоязда, Ингушетия республикаялъул бетIер Юнус-Бек Евкуровас, рамазан моцIалъ базаразда кванил нигIматазул багьабазул бицун тIобитIараб данделъиялда лъазабуна базараздагун ярмаркабазда багьаби рахине тезе гьечIилан. Бусурбабазе хIажатаб нигIматалъухъ багьа гIодобегIан гьабиялъул мурадалда, базаразда ричарулезухъа ижараялъухъ кьезе кколеб гIарац кIалккун моцIалъ босичIого тезе бугинги хъван буго гьес Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда. Гьединго, Евкуровас шагьаразул ва районазул администрациязул бутIрузда тIадкъана ресукъал хъизамазул сияхI гьабейин ва гьезие гьабураб кумекалъул хIакъалъулъ щибаб анкьида жаниб Интернеталдасан хIисабги кьейин.

Чачан республика

Цогидал республикабаздаго гIа­дин, Чачаналъги рамазан моцIалъ цо-цо нигIматал хира гьарун ругин бицунеб буго социалиял гьиназда. Масала, 290 гъуршиде бичулеб букIараб хIайваналъул гьан, кIалккун моцIалда 400 гъуршиде бахинабун бугила. Кванил нигIматазул багьаби рахинариялъул хIужаби ругищали цIех-рех гьабулеб бугин республикаялъул прокуратораялъин хъвалеб буго «Грозный» телерадиокомпаниялъул сайталда.

Тажикистан

2017 соналда, Тажикистаналъу­л тахшагьаралъул мэр Рустам Эмо­малица, рамазан моцIалда нигI­матазухъ багьаби хира гьарунин абун, хIалтIудаса рехана кIиго базаралъул директор. Гьелдаса цебеги, тахшагьаралъул мэрас ричарухъа­би эркен гьарун рукIана рамазан моцIалъ базаразул администрациялъе ижараялъухъ гIарац кьеялдаса. Амма рамазан моцIалъул тIоцебесеб къоялъго нигIматазухъ багьаби кIи­го нухалъ цIикIкIана. Гьеб мехалдаги, базаразда жанир киса-кирего чIвана пихъилгун овощазул букIине кколеб гьоркьохъеб багьаялъул бицунел стендал. Багьабазда хадуб халкколеб букIана шагьаралъул администрациялъ гIуцIараб хIалтIулаб къокъаялъги. Квеш-лъикI багьаби цо хIалалда чIезаризе кIвана, амма цо-цо нигIматал базаралдаса тIубанго тIагIана, цогидал нигIматазулги даража гIодобе ккана. ЛъикIаб нигIмат босизе къваригIаразейин абуни, базаргабаз нахъе бахчараб нигIмат бичулеб букIана, амма кIиго багьаги абун. Гьеб хIужаялдасанги бихьулеб буго, рамазан моцIалъ багьаби хиралъиялъул иш лъида бараб бугебали. ХъантIарав чи, ракьул чохьонив лъуниги гIорцIуларин абулаан умумуз. Аллагьас цIунаги гьеб хъантIиялдаса.
ПатIимат СултIанмухIамадова