Нилъерго сахлъи нилъехъго буго

ГIемерисеб бараб буго гьабулеб хIалтIудаги кваналеб кванидаги

 

Нилъеца гIумру гьабулеб аман буго цIакъ хIалуцараб. ДандчIвалел руго гIемерал захIмалъаби. Гьелдаго цадахъ нилъеца тIаде цIалел руго унтабиги, хасго хIалкколеб буго нервабазде, рекIеде. Гьеб киналдего данде кин къеркьезе кколебали нижеда бицана Москваялда бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул (РУДН) университеталда цебе бугеб мединституталъул нейрохирургиялъул ва нервабазул унтабазул кафедраялъул доцент Наида Гарабовалъ.

Абизе бегьула гьей кколин тохтурзабазул хъизамалда гIурай гIаданилан. Гьелъул кIудада, МухIамадтIагьир ЯхIяев, кколаан медицинаялъул хъулухъа­лъул капитан, сахлъицIуниялъул отличник, ункъгIал ПатIимат Закарялова – тохтур-онколог, ДРялъул мустахIикъай тохтур.
— Тохтурлъиялде дир рокьи бижизабуна тохтур-невролог, дирго эбел Кариматица. ГIадамал сах гьарулаго, гьелъ хIалтIизарулаан гIадатиял гурел къагIидабиги. Гьелда цIакъ бичIчIулаан унтаразул хIалги. Дица халкколаан эбелалъул хIалтIуда хадуб. Гьей хутIана дие учительлъунги насихIатчIужулъунги. Мугъ­за­гьодалъул унтаби гьелъ, бигьаго, гIадатиял гурел къагIидабиги хIалтIизарун, сах гьарулаан. Дарабигицин хIалтIизарулароан. Дида эбелалъ малъарабго гIадин, гьанже дицаги малъула студентазда. Унтарасухъ халгьабулаго, кIвар кьезе ккола гьуърузде, ракIалде, тIомоде. Гьелдаса хадуб гурони, дарабазулги сах гьариялъулги бицинего бегьуларо.
— Жакъа гIемер руго нерваби, бетIер унтарал гIадамал. Гьезул рекIел хIал хIалуцахъего букIуна, гIемер къварилъахъдула. Гьединал унтарал рачIунищ духъе?
— Кидаго цого хIалалда инсан вукIунаро. Амма кидаго хIалуцун рукIани, унтаби нилъедаса бергьуна. Масала, бидул тIадецуй цIикIкIуна, ботIрол, чакрил унтаби лъугьуна, онкологиял унтаби лъугьинеги рес буго. Унти бараб букIуна кванил низамалдаги нилъеца гIумру тIамулеб къагIидаялдаги. Дагъистаналда абизе бегьула алжаналъул ракьилан. Гьенир киналго шартIал руго сахлъи цIуниялъе, ай бацIцIадаб гьаваги буго, тIабигIатги берцинаб буго. Цо-цо нухалда дида ракIалде ккола щайдай нилъер гIадамал унтулелилан. Нилъерго сахлъи нилъехъго гурищ букIунеб? Гьелъие гIурал шартIал руго Дагъистаналда, бугелдаса битIун пайда босулеб бугони. ТIабигIаталъе нилъеца баркалагицин кьезе ккола гьеб киналъухъго. Нилъер умумул гIемер хIалтIулаан, дагь кваналаан, ай кванил низам кьучIаб букIана. Гьанжейин абуни, квен цIакъго гIемерлъун буго. Умумуз гьарулел рукIарал гIадал хIалтIабиги дагьлъун руго.
— Наида, дида рагIана Москваялда нужер рукъ кидаго гьалбадерил цIун букIунилаан. Нужеда лъаларел гIадамалцин рачIунел руго нужехъе…
— Ригьнадул рахъалъ дие битI­ккана. Абизе бегьула гIадамал къабул гьари бугин нижер хъизамалъул гурхIел-рахIмуялъулаб проектилан. Гьединабго хъизамалда гIедалха дунги. Эбелалъухъе рачIунаан республикаялдасаго гIадамал. ГIадамазе кумек гьаби – гьеле дир гIумруялъул магIна.
Дида Москваялда гIемер тохтурзаби лъалелъул, дихъе рачIуна цогидал унтаби ругел чIахIиялги гIисиналги. Унтарал къварилъахъдула, гьезда лъаларо кинав тохтурасухъе ва кире инелали. Гьединлъидал гьел дихъе рачIуна, ва дица гьезул мурадги тIубала.
— Наида, гIемер щолищ Дагъистаналдего?
— Лъималазе цIакъ бокьула Дагъистаналде щвезе. 15 соналъ Мокваялда йигониги, дунгоги ракIалъ кидаго цIала Дагъистаналде. Дир руго эмен, кIудияй яц, вац. Гъира букIуна киналго цадахъ данделъизе. ЛъагIалида жаниб кIиго нухалда, риидалги хасалоги, щола Дагъистаналде. Бокьула лъималазда рахьдал мацI лъазеги, магIарул гIадатал-гIамалазул бицинеги, лъимерлъиги, дие сундасаго хирияй эбелалда цадахъ тIамураб заманги, гьелъ дие кьурал ва гIумруялъ кидаго кумекалъе ратарал дарсалги ракIалдещвезаризеги. Сугъралъ росуги ккола дие кIудиябги гьитIинабги ватIанлъун, лъимерлъиялъул гъанситолъун.
— Гара чIвариялъул ахиралда щиб абилеб цIалдолезда?
— ТIадюссине бокьун буго Гиппократихъе: гимнастика, упражнениял, кIванагIан гIемер лъелго хьвади. Гьеб киналъго щула гьабула сахлъи.
ПатIимат Расулова,
Москва шагьар