Гьардухъанлъи

ГIетI базабулареб бизнес

Жидерго яхI-намус хIатIикье рехаразул пиша

Советияб заманалда гьардухъ рахъин рикIкIунаан ничаб ишлъун. Цебе, хIалтIизе бокьуларел чагIийиланги абун, гьардухъабазе  гIадлу гьабулаан, бадибчIвай гьабун нечезарулаан. Жакъа гьездехун дагIба гьабулев чи къанагIатги вукIунаро. Дагъистаналда, хасго МахIачхъалаялда гьардухъабиги цIакъго гIемерлъун руго. Гьел руго базаразда, мажгитазда аскIор, больницабазул кIалтIа, шагьранухазда… ГьаниргIан гIемер гьел гьечIо я Краснодаралда, я Ставрополалда, я мадугьалихъ ругел цогидал республикабаздаги. Россиялъул законазда гьечIо гьардухъ вахъарав чи тамихIалде цIалеб статья. Амма РФялъул №151 статьяялда рекъон, санаде рахинчIел гьардухъанлъи гьабизе тIамурасе гьабизе бихьизабун буго кьварараб тамихI. Квеш ккараб жо буго гьеб закон кагътидаго хутIун букIин.

Дагъистан буго, аслияб куцалда, бусурбабаз гIумру гьабулеб республика. Нилъер гIадамалги руго къварилъи ккарасе кумекалъулаб квер бегьизе хIадурал. Нилъераз гьардухъанасе садакъаги кьола. Халкъалда гьоркьоб гьабураб цIех-рехалъ бихьизабуна дагъистаниязул 51 проценталъ гьардухъанлъи гьаби какулеб гьечIолъи ва гьезие садакъа кьолеб букIин. 37 проценталъ рикIкIунеб буго гьеб гьукъизе кколин. ГIицIго 14 проценталъ кьолеб гьечIо гьединазе беццаб шагьи.
Кин батаниги, нилъер ракIгурхIула мина бухIаразда, рагъ-кьалалдаса лъутун рачIаразда, къварилъиялде ккаразда… НуцIидаги кIутIун гьардезе вачIарав нахъе къотIиги къана гIатаб жо буго. Масала, къойида жаниб шагьаралда гьардухъанасе, гьоркьохъеб къагIидаялъ, щолеб буго 500-5000 гъурущ. ТIубараб къоялъ хIалтIуда рукIунел гIемерисел дагъистаниязда макьилъцин бихьуларо гьединаб харж. Гьаниб бачIунеб буго суал: цеве ватарав гьардухъанасе садакъа кьей лъикIлъи, ай Аллагьасе бокьулеб гIамал гьабиго бугодайин абураб. Нилъецаго гIемерлъизарулел гьечIодай гьардухъабазул къокъаби?
МахIачхъалаялъул мажгиталъу­л имамас рузман къоялъ гьабураб вагIзаялда абуна: «Республикаялъул шагьаразул мажгитазул кIалтIаги чIун, гьардолел чагIи цIакъго гIемерлъун руго. Рузман ва байрамкъояз гьардолез мажгитал битIахъе сверунккун рукIуна. Масала, щибаб рузманкъоялъ «яцалъе операциялъе кумек гьабе» абун тIад хъвараб ящикги цебелъун, гьаб мажгиталъул кIалтIа вукIуна хъахIаб горде ретIарав гIолохъанчи. Дица гьесда гьикъана, яцалъе щиб къварилъи бугебилан. Операция гьабизе кколеб хIалалда унтун йигин жаваб кьуна гьес. Дур яцищ гьейилан цIехедал, гурин абуна, диналъул яц йигила. Диналъул яцалъе гIарац бакIаризе мун гьелъул гIага-божарав чийищ кколевин абун гьикъидал, магIна-гIин гьечIел жал рицине лъугьана. «Яцалъе» кумек къваригIун батани, дида аскIове вачIа, яги гурхIел-рахIмуялъулал фондазде а, гьез гьабула кумекилан малъана. Москваялде яги Санкт-Петербургалде ячун, операция гьабизе кколеб хIал батани, дун ина сахлъицIуниялъул министрасухъе квота кьеян гьаризеян абидалги, добго хабар бицана. Гьагъав ккола жиндиего бизнес гьабулев чи. ГIемерисел гьардухъаби гьеб тайпаялъул руго, гьединал чагIазе садакъа кьеян дица абиларо. Нужеца бокьани кье, бокьичIони кьоге», — ян.
МахIачхъалаялъул маххул нухлул вокзалалда ятарай гIаданалъ, 100 гъуруш кьедал, гьадин бицана:
— Дун йиго тажикай. Дида цIар буго Насиба. Лъабабилеб сон буго ниж гьаб пишаялде руссун ругелдаса. Гьаниб бугеб гьава-бакъ нижее дандеккола, гIадамалги руго лъикIал, садакъа кьолел. Дица Тажикистаналда бугеб гIагарлъиялъегицин кумек гьабула, — ян.
— ЦIализе, хIалтIизе бокьилинго кколарищ?
— Цебе кколаан, гьанже кколаро. Дун гьаб пишаялде ругьунлъун йиго.
— Мун «хIалтIудаса» нахъе гъолел чагIи кколищ, полициялъулаз дагIбаго балищ?
— Цо-цо гьединаб квалквалги камуларо, нижер тIалаб гьабулел хасал чагIи рукIуна, полициялъулалги кваназе кколелъулха.
— Дагъистаналда халатбахъун чIезе ракIалда бугищ?
— Квалквал гьабичIого тани, киего инаро.
Аслияб куцалда, гьардухъаби рукIуна шагьаралъул рагIаллъабазда аскIор ругел поселоказда рукъзалги ккун. Гьенибги букIуна цIогь, чороклъи, квешаб махI. Тохтур МухIамадов МуртазагIалица бицухъе, къватIиса рачIарал гьардухъабаз нилъехъе росун рачIине рес буго гьанир рукIунарел рахунел унтабицин. Гьардухъабазе прививкабиги гьаруларелъул.
Налогазулаб идараялъ къалмиде босизе бегьулеб цо мисалги рехсела. Германиялда хIалтIулев МагIазов Владимирица бицана гьениб гьардухъанлъи гьабизе бокьарас шагьаралъул мэриялде кьезе кколила гьелъие изну гьарун гIарза. Щивав гьардухъанасе бихьизабураб бакIги букIунила. Мэриялъул вакилас гьесухъе, пломбаги бараб, жанибе гIарац рехизе каратIги бугеб банка кьолила. Бакъанида, рокъове иналде, гьардухъан мэриялде ине кколила. Гьениб, хасав чияс, къоялъ щвараб гIарац рикIкIунила, 30 процентги хIукуматалъе тун, 70 процент гьесухъе кьолила.
Кибха бугеб нилъер миграциялъулаб хъулухъ, полиция, ГИБДД, шагьаразул администрациял, лъималазул ихтиярал цIунулеб идара, санэпидстанция?! Гьаниб бачIунеб буго цо гьадинаб суалги. «Берда цере ругел гьардухъабазе гIадлу гьабун бажаруларел гьел идарабаз, жидедаго тIадаб хIалтIи кингIагидай тIубазабула», — ян абураб. Гьеб суал нижеца кьуна миграциялъулаб хъулухъалъул хIалтIухъанасе. Гьес гьадин бицана:
— Цо пуланаб бакIалда гьардухъабазда тIад протокол гьабулеб бугони, гьел лъутула цогидаб бакIалде, цогидаб шагьаралде. Кквезе щваразухъги ратуларо документал. МВДялъул буго 29 чиясе бакI бугеб спецприемник, гьеб нижее гIолароан. Гьанже нижеца рагьана 80 чиясе бакI бугеб спецприемник. Амма судалъул хIукму гьечIого къватIиса рачIарал гьардухъаби гьенире рачине нижер ихтияр букIунаро. Документал гьечIел чагIазе судиясги кинха суд гьабилеб? Нижер ихтияр гьечIо гьардухъан лъабгоялдаса цIикIкIун сагIаталъ кквезе, полициялъулазулги гъира букIунаро гьезулгун хIалтIи гьабизе. Гьез гIумру гьабулеб буго гIарац кьун ккурал рукъзабахъ. Россиялъул ракьалда закон хвезабун гIумру гьабулев чиясе рукъ кьей такъсир ккола, гьелъие бихьизабун буго административияб статья гуребги, «За организацию незаконной миграции» абураб статьяялда рекъон уголовнияб тамихI гьабизеги. Участкаялъулав полициялъулавгун ниж щола гьединал бакIазде. Гьеб мина батула тIоцебесеб группаялъул инвалидасда тIад хъвараб. Гьабула протокол, амма судияс гьев пакъирасе щиб гIадлу гьабилеб?
Гьардухъаби гIемерлъиялъе аслияб гIайиб полициялъул яги миграциялъулаб хъулухъалда ругезул гуро. Гьеб буго нилъер щивасул гIайиб. ГIемерисел дагъистаниял гурхIел-рахIму бугел рукIиналъ квербакъулеб буго республикаялда гьардухъаби гIемерлъиялъе, гьезул бизнес тIегьаялъе.
Гьеб социалияб масъалаялда тIад хIалтIулел экспертаз абулеб буго гьардухъанлъи кколила, рекъезабураб сагIат гIадин хIалтIулеб бизнес гуребги, рахъ-рахъалде бикь-бикьараб, лъикIго гIуцIараб иерархия. Гьенир ругила жидерго «крестные отцы», «смотрящие», «солдатал» ва гIадатиял гьардухъа­би, Къокъго абуни, гьеб кколила гIадатияб гуреб мафия. Гьеб цолъи­ялда гъорлъ рукIунила миллионералги, наркодилералги, мухьдахъ гIадамал чIвалелги. Киналго гьардухъабиги гурила кколел мискинал, пакъирал, мина-къайи гьечIел гIадамал. Цо-цоял, басрияб-хвараб ретIелги ретIун, хIалтIуде гIадин, гьардезе унила — цо чанго сагIаталъ артистлъиги хIан тIадруссунила евроремонт гьабураб жидерго минаялъуве.
КIвар бугеб масъалалъун ккола гIадамазул бадиб магIу хулизабизе гьардухъабаз пайда босулел лъимал. Гьеб мурадалда гьитIичал рикъарал лъугьа-бахъиналги ккола. Лъимал гогьдаризе, барщаризе лъугьинчIого рукIиналъе гьезие кьола макьу щвезабулеб дару, лъимгун жубазабураб гIаракъи ва наркотикал. ХIасил-калам, гьардухъабазухъ лъимал гIумру гьабун гIемер мехалъ хутIуларо, гьезул къайи-свериялда лъимер ккола «театралияб реквизиталъулаб» къайи.
Щибха гьабилеб? Гьабизе бегьулеб жо гIемераб буго. Масала, кьочIое босизе бегьула Германиялда гьардухъабазухъа налог босулеб къагIида. Амма Дагъистаналда гьеб хIалтIи гIуцIун бажариги щакаб жо буго. Щайгурелъул гьардухъабазул суркIиниса кваналел чагIи гIезегIан ругелъул. Лъиеха бокьилеб жидерго гьабихъе бачIунеб лъим къотIизабизе.
Нури НУРИЕВ