Хасаб пикру

Дагъистаналъул букIинеселъе гIоло

 

Заман щун буго цолъизеги гъункизеги

Хвел гьечIеб полк ургъана халкъалъ – 2012 соналда Сибиралдаса патриотазда ракIалде ккана гьеб тадбир гIуцIизе. ТIоцебесеб нухалда гьелъул хIакъалъулъ пикру загьир гьабуна Тюменалдаса пенсионерас. Томскалдаса журналистазул хIаракаталдалъун гьеб пикру машгьурлъана ва тIибитIана. Амма гьеб иш унго-унголъунги халкъияблъун лъугьиналъе квербакъана ГIаммаб Россиялъул жамгIияб фронталъ. Ахирги гьеб иш кодобе босана федералияб власталъ. Гьенисан гIуцIараб лъазабиялда рекъон, гьукъана Сталинилги КIудияб ВатIанияб рагъул цо-цо церехъабазулги суратал тадбиралда хIалтIизаризе.

Дунги гIахьаллъана «Цогояб
Дагъистан» абураб гIуцIиялдаса кIинусго гьалмагъгун цадахъ Хвел гьечIеб полкалъул тадбиралда. БагIарараб бакъукь сагIаталдасаги цIикIкIараб заманалда эхетизе кканиги, гьениб букIана байрамалъулаб хIал. Халкъ ана МагIарул театралдехун ва гьелдаса хадуб рикьа-
риххана. Митингалдаги концерталдаги дагьав гурони чи хутIичIо.
Цо-цояз гьикъизе бегьула кинаб пайдаха ккарабин майданалдаса театралде щвезегIан рилълъиналъулин абун? Гьел ритIаралги рукIинаан. БитIараб бицани, дир ихтияр букIарабани, гьеб акция дица хIалтIизабилаан батIиял мурадазе гIоло. Лъалеб букIахъе, нилъер халкъал (Россиялъулги Дагъистаналъулги) лъугьун руго пикрияб, ай психологиялъул ва культурая-лъул, лъайкьеялъул ва экономикаялъул, балъгояб рагъул объекталлъун. Гьединаб рагъалда абула «гибридиябинги». Гьединаб рагъул
хIасилалда нилъ махIрумлъула нилъерго хаслъиялдаса (культураялдаса, мацIалдаса, интеллекталдаса), нилъерго сурсатаздасаги лъидаго рачIеллъун хутIиялдасаги. Гьеб кинабго гьабула щибго гIедегIел гьечIого ва гьединлъидал гьел хиса-басиял хутIула гIадамазда лъачIогоги.
Лъицаха гьабулеб бугеб гьеб «рагъ»? Гьеб гьабулеб буго компрадорияб Россиялъул олигархаз ва гьезде гIагараб политикиябги, культуриябги, информациялъулабги элитаялъги, гьезул рахъкколел журналистазгун экспертазги. Патриотизмалъулги бицунаго, халкъги махсараде кколаго, нилъее кIиго моцIалъ хIалтIунцин щолареб харж цо къоялъги босун, халкъ махсараде кколел гIадамаз. Гьебго заманалда гьез жидерго ишал рекъезарула БакътIерхьул улкабазда (дора руго гьезул лъимал, гIарац ва мулк). ХIакъикъаталдаги, гьеб кинабго «патриотияб» къокъаялъ гIумруялде бахъинабула Россиялда бугеб СШАялъулги Великобританиялъулги колониалияб администрациялъул политика. Гьезул божарал чагIи руго улкаялъул президентасул администрациялдаги.
Гьеле гьединал суалал кьечIого рукIине, ургъун буго КIудияб ВатIанияб рагъда жидее гIоло бергьенлъаби росарал игIланал хIалтIизаризе гьукъараб «Хвел гьечIеб полкалъул» уставги; бегьуларо митингалде рахъине, нилъер халкъазулгун балъгояб рагъ гьабиялъул суалазул хIакъалъулъ бицунги. Бегьула гIицIго гIагарал чагIазул сураталги кодор ккун, «Гьура! Гьураян» ахIизе.
Ниж, рехсараб уставалъул къорикьа кинниги рорчIиялъул мурадалда, театралъул майданалдасаги рилълъана Ленинил Комсомола-лъул цIаралда бугеб паркалде – Даимаб цIадухъеги ЦIар лъаларев солдатасе бараб памятникалъухъе-ги щвезе. Ниж – «Цогояб Да-гъистан» абураб ахIиялъ цолъизарурал ва Пачалихъияб Думаялда гъорлъе инчIел партиязул вакилзабиги (Россиялъул захIматалъул партия, Росу цIилъизабиялъул партия, Россиялъул патриотал), Казбек районалдаса «Алмахъ» абураб жамгIияталъулги, «Халкъазда гьоркьосеб бригада» ДРООялъулги, Шоферзабазулги предпринимателазулги лъидаго рачIел профсоюзазулги церехъаби – кинавниги лъабнусгогIанасев чи. Бажарулаан, жеги гIемер чи къватIиве вахъинавизеги, амма «ХъахIаб ру-къалъ» малъана, «цIакъго хIаракат гьабугеян» абун. Лъуна памятникалда цере тIугьдулги, рахъана ракIалдещвеялъе сураталги, бицана цолъизеги гъункизеги къваригIун букIиналъул хIакъалъулъги, щайгурелъул Дагъистаналъе захIматал къоял жеги цере руго.
Кидаго гIадин, «цIодорлъи» гьабуна полициялъги. Цин гьез Северияб посталда чIезавуна «Алмахъ» абураб жамгIияб гIуцIиялъул анкьго вакил – туснахъ гьарурал ДРя-лъул МВДялъул офицерал, вацал ГIашикъовазул сураталгун рачIунел ругин багьанаги батун. АхIизе ккана полициялъулазухъе ва гIицIго ункъо сагIаталъул гара-чIварияздаса хадур эркен гьаруна гьел.
Паркалда рукIаго, нижехъе вихха-
хочун вачIана Советский РОВДя-лъул начальник: цIакъго «цIодорав» полициялъулас лъазабун батизе буго, гьениб вацал ГIашикъовазул рахъккун, митинг тIобитIулеб бугин. Гьеб бакIалдаго гьес байбихьана «дагьалъ цевегицин ХъахIаб рокъов хIалтIулев вукIарав» диде семизе «гьединаб иш гьабунилан ва гьелда гIахьаллъулев вугилан» абун. Хадуб гьес буюрухъ кьуна гьав-дов кквеян, сверункъаян, щивниги къватIиве виччагеян абун.
Дида бичIчIана, гьесухъе гьересиял баянал кьун ругеблъи ва хIалбихьана, гьаниб митинг гьечIин, гIадамал рокъоре тIадруссунел ругин ва цо-цоял гьеб ишалда гьоркьор рукIинего рукIинчIин гьесда бичIчIизабизе. Гьес жаваб гьабуна, «отделалда кинабго баянлъила…» абун. ЛъикI бугоха. Гьаризе ккана гIолохъабазда, сабру гьабеян, гуреб-ани, гьезде гIунтIизабилаан «власталде дандечIей гьабиялъул, хIатта полициялъулал рухиялъулгицин» гIайиб. АнцIгониги къуватав бихьинчи вачун ана РОВДялде. Дунги даргияв Абакар КъурбанисмагIиловги ине ккана гьезда хадурго отделалде. ТалихIалъ, полициялъул гIакъилаб нухмалъиялда бичIчIана, хIакъикъат кинаб бугебали.
Кинаб хIасилха гьабураб гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб? Гьайгьай, гIиси-бикъинал дагIбаялги кIочон тун, цолъизе ккола. ДРялъул МВДялъ некIого хIалтIизабулеб буго, такъсир гьабилалдего тами-хIалде цIалеб къагIида, цо щиб букIаниги гьабизе гуринги абун. Низам хвезабиялъул хIужа ккелин абунцин гуреб, тIадегIанаб нухмалъиялъе бокьичIеб иш ккезе гурин яги гьезухъа ругьел бачIанин абунги. Гьелъие руго гIурал мисалал. Машинаялда жанир вацал ГIашикъовазул суратал ратанин абун, ичIабилеб маялда Казбек районалдаса гIолохъаби кквейги, «Цогояб Дагъистан» абураб акцияги. РакIалдещвезаризе бегьула анцI-аза-зар дагъистанияв, динияб бербалагьи сабаблъун, хасал сияхIазде росиги. Щибниги такъсирияб иш гьабичIониги, гьезул рукIуна гIемерал масъалаби: я росулъ, яги шагьаралдаса къватIире рахъине толаро, я хIалтIуде лъугьине рес кьоларо. Гьебго сияхIалда рехсезе бегьула 2016 соналда Шамил районалда чIварал вацал ХIасанхIусеновалги гьеб такъсир гьабуразе низам гьабунгутIиги.
Дир пикруялда, республикаялъул нухмалъиялъул чIахIиялги гьоркьохъелги кабинетазда кидаго кIочонел руго улкаялъул Аслияб законги хвезаризе рес гьечIел Дагъистаналъул къануналги. Заман щвечIодай, гьедин гьабизе бегьуларин абун гьезда ракIалдещвезабизе?
«Хвел гьечIеб полкалъул» хIакъалъулъ абуни, цебетIезабизе ккола гьадинаб пикру. ГIицIго ветераназулги рагъул гIахьалчагIазулги суратал рихьизари гуребги, халкъалъулгун гьабулеб балъгояб ра-гъул масъалабазул хIакъалъулъги бицине ккола гьелда. Заман щун буго – Дагъистаналъулги тIолабго Россиялъулги букIинеселъе гIоло – цолъизеги гъункизеги.
Денга Халидов,
Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул президиумалъулги ДРялъул ЖамгIияб палатаялъулги член