Къо ккаралъуб цолъана жамагIат

ТIабигIияб балагьалъ мугIрузул районазда щвезабураб кьаби лъугьана нухмалъулезе экзаменлъун

 

КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босараб къо кIодо гьабулел нилъ киналго рукIаго, цо-цо районазул росабазул гIадамазе тIабигIияб балагьалъ кIудияб зарал гьабуна. Масала, Гумбет ва ЦIунтIа районазул росабалъе бараб хехаб чваххун цIадалъул ва горо-цIералъул хIасилалда щун рачIарал лъараз хвезабуна нус-нус хъизамалъул къайи-свери, магIишат.

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан, ДРялъул нухмалъиялъ лъазабуна къварилъи ккаразе кумек гьабизе бугин ва жавабиял идарабазул хIалтIухъабазда тIадкъана ккараб заралалъул мухIканлъи лъазабейилан. Гьединаб мурадгун ДРя-
лъул бетIерасги, вертолеталдаги рекIун, гьаваялдасан халгьабуна зарал ккарал росабазухъ. Гьединго хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьес гьадин абуна: «Гьаб лъугьа-бахъин ккола нилъер щивасе экзаменлъун. Цоязе — гьабураб хIалтIухъ шапакъат щвела, цогидалин абуни, ай жиндир заманалда тIадал ишал тIуразаричIел хIалтIудаса махIрумлъила», — ян.

Гумбет

ИчIабилеб маялда Гумбет районалъул Гъоркьа Инхо росдал 111 минаялъе зарал ккана. Гумбет районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас бицана иххаз босун анин 12 транспорт, 50-ялдаса цIикIкIун чIегIерхIайван ва тIабигIияб балагьалъ гьабураб заралалъул мухIканлъи жеги лъазабулеб бугин.
«Росдал магIишаталъеги ккана кIудияб зарал. ЦIороца хвезабуна 153 гектар ракьалда ругел ахалгун хурзал, гьездаго гьоркьоб 144 гектаралда бугеб ахбазаналъул, мокьрол ахал, 1,5 гектаралда ругел цIулакьодул ахал, 2 гектаралда цIолбол ва цогидалги нигIматазул ахал. Гъоркьа Инхо росулъ хвезарун рукIарал лъел мухъал къачIана. Участковияб больницаялдеги унеб нух тIубанго хвезабун букIана. Гьебги хехго къачIана», — ян бицана ХIажимурад МухIамадовас.
Гумбет районалъул росабазул гIадамазул аслияб къагIидаялъ бе-тIербахъи букIуна хур-ахалдалъун. Гьединлъидал, ккараб заралалъул
хIисабги гьабун, документал хIадуризе ругин ва кумек гьабизеги кколин абун бицана ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Гьенибго рехсана росдал магIишаталъе 36 миллионалдасаги цIикIкIун гъуршил зарал ккун бугин абураб баянги.
ТIабигIияб балагь ккун хадуб, Гумбет районалде щвана ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул бетIер Владимир Ивановги. Гьес бицана районалда лъел мухъал къачIан ругин ва Рос-потребнадзоралъул управлениялъул тIалабалда рекъон, гьекъолеб лъел хIал-хIукму лъазабун бахъинегIан, Гъоркьа Инхобе гьеб машинабаз баччун щвезабулеб бугин. Гьализабун гурони лъим гьекъезе бегьуларин лъазабуна Роспотребнадзоралъул
управлениялъул нухмалъиялъги.
ДРялъул сахлъицIуниялъул министр Жамалудин ХIажи-ибрагьимовасул баяназда рекъон, тIабигIияб зарал ккарал росабалъ бугеб ахIвал-хIал рукIалиде ккезабун буго. «Киналго росаби хIажатал дарабаздалъун хьезарун ва «А» гепатиталде данде прививка гьабизе кколел гIадамал хIисабалде росун руго», — ян бицана министрас.
МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул нухмалъулев Нариман КазимухIамадовасги абуна районалда МЧСалъул къокъабазул хIалтIи лъикIго гIуцIун ва тIабигIияб балагьалъул хIасилалда зарал ккарал гIадамазе кумек гьабулеб бугин.
ЦIунтIа

ДРялъул транспорталъул ва нухлул магIишаталъул министр Ширухан ХIажимурадовас бицана, тIабигIияб балагьалъул хIасилалда Гумбет районалда ункъо батIияб бакIалдаса машинадул нухал хвезарун рукIанин ва хехаб къагIидаялъ гьел къачIанин. Хадурккунги гьел кколеб хIалалда къачIазе ругин.
«Гумбет районалда букIараб нухал къачIалеб техникаги ЦIунтIа районалде бачана. Гьениб цIакъ захIматаб хIал буго. Лъабго бакIалдаса ччукIун ун рукIана нухал, хвезабун букIана Агъвали-Шаури-Кидеро шагьранухги. КъачIалел руго ЦIунтIа-Мокъокъ шагьранухги», — ян бицана Ширухан ХIажимурадовас.
ЦIунтIа районалъул бетIер Шамил МухIамадовасул баяназда рекъон, 7-10 маялда рарал цIадаз хвезабун буго кинабниги 16 кьо.
«ЦIикIкIараб зарал ккана Кидеро росдал администрациялде гьоркьобе унеб ункъо росдае. Кидеро-Мокъокъ шагьранухлул 400 метралъул манзилалда нух ччукIун ун буго. ТIабигIияб балагьалъул хIасилалда бегана токалъул вышка. Районалъул 26 росулъ букIинчIо ток. Жакъайин абуни, киналго росаби токалдалъун хьезарун руго. ТIабигIияб балагьалъ гьабураб заралалдаса хадур гьарурал хIалтIабазулъ гIахьаллъана 2000 чи. Цереккунисел баяназда рекъон, ЦIунтIа районалда тIабигIияб балагьалъ зарал гьабун буго 157 минаялъе», – ян бицана районалъул бетIерас.
— Гьеб киналъулго мухIканаб хIисаб-суал гьабизе ккола. Гьединал бакIазда бихьула нухмалъулезул бажариги, жигарги, хIалтIудехун бугеб бербалагьиги, — ян кIалъана ДРялъул бетIер. — Видео-конференциялъул кумекалдалъун халгьабулеб буго киб цIикIкIун зарал ккун бугебалиги, кинаб рахъалде техникаги къуватги битIилебалиги. Кумек гьабизе буго республикаялъул нахъраталилаб фондалдасаги. Амма нужецаго гIадин нужер хIалтIи гьабизе къватIиса чи вачIунаро. Щивасдаса тIалаб гьабизе буго хIалтIул хIасилги. Нилъеца бизнесалъулги, администрациялъулги, жамгIияталъулги къуват цолъизабизе ккола.

ЦIумада ва БежтIа

ЦIумада районалда рарал цIадаздаса хадуб, хIухьбахъиялъул ахал ччукIун ун гуреб, кIудияб зарал ккечIин бицана районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас.
БежтIа участокалъул бетIер Тажудин Нажмудиновас бицана муниципалитеталда рарал чваххунцIадаз иххал рахъинарунин, Гьинухъ габурлъиялдасан унеб нухги гьабсагIаталда къан бугин. Нух къачIаялъул хIалтIаби унел руго гьабсагIаталда.
«Киназго гьабизе ккола къварилъи ккаразе кумек. РагIабаздалъун гуребха, ишалдалъун. ЦIунтIа районалда нух къачIалев тракторист вихьана. Дида бицана гьев чи къаси-къад чIечIого хIалтIулев вугин. Гьеле гьединал гIадамаз ккун буго Дагъистан. Гьединаздаса мисалги босун хIалтIизе ккола нилъги», — ян лъазабуна Владимир Васильевас.

Горо-цIад

Гьал къоязда хехаб чваххун цIад ва горо-цIер бана Лаваша, Хунзахъ, ГIахъуша, Дахадаев, Дербент ва Гъаякент районазда. Социалиял гьиназда тIиритIун ругоан Лаваша районалда бараб цIулакьоялдаса чIахIияб горо-цIералъ машинабазул цIурдул ва минабазул шиферал гъуризарунин рихьизарулел видео ва суратал. Дагъистаналда бугеб МЧСалъул бетIераб управлениялъул баяназда рекъон, гIадамасул сахлъиялъе зарал ккараб хIужа гьечIо.
ПатIимат СултIанмухIамадова