Гьудуллъун ккве тIехь

ТIадеялъул 120 сон тIубала Дагъистаналда тIоцебесеб библиотека рагьаралдаса

 

1900 соналъул 9 маялда Порт-Петровск шагьаралда рагьана халкъияб гIаммаб библиотека. Гьелъул хIаракатчагIилъун рукIана шагьаралъул тIахьал рокьулел, меценатал, пачаясул Россия­лъул армиялъул офицерал. Гьез кьуна библиотекаялъе тIахьалги. Байбихьуда гьениб букIана азаргогIан тIехь. Гьелъул тIоцевесев директорлъун вукIана учитель, лъай тIибитIизабулев чи Георгий Мустанов. Библиотека рагьун букIана Инженерияб къотIноб бугеб минаялъуб (гьанжесеб Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб проспект). Дагъистаналда советияб власть бергьун хадуб, 1921 соналда, библиотекаялъе кьуна А. Пушкинил цIар ва гьеб букIана шагьаралъул библиотекалъун. 1940 соналда библиотека гьабуна республикаялъулаблъун. Библиотекаялъул фондал тIаде цIикIкIиндал, бакI гIоларого букIиналъ, хIажаталлъун ккана гьелъие цIияб, кIудияб мина базе. 1997 соналда Ленинил цIаралда бугеб къотIноб цIияб минаги бан, гьенибе бахъана библиотека ва гьеб гьабуна республикаялъул миллияб библиотекалъун. 2004 соналда гьелъие кьуна Р. ХIамзатовасул цIар.

А. Пушкинил цIаралда бугеб библиотека сверизабуна лъималазулгун гIолилазул библиотекаялде, гьанже гьеб буго М. ХIажиевасул цIаралда бугеб къотI­ноб.
Библиотекаялъул хIал­тIул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна гьелъул директор ГIали ГIалиевасулгун.
— ТIадеялъул 120 сон тIубала МахIачхъалаялда тIоцебесеб биб­лиотека рагьаралдаса. Гьелщинал соназ чанго аза-азар цIалдолес пай­да босун батила библиотокея­лъул тIахьаздаса. КигIанасеб къа­дар тIахьазул библиотекаялъул фон­дазда бугеб? Чан чи хIалтIулев ву­гев библиотекаялда?
— Дагъистаналъул миллияб библиотека рикIкIуна Северияб Кавказалдаго тIахьазул фондазул рахъалъ бищун кIудияблъун ва бечедаблъун. Цогидаб литература, журналал, газетал рикIкIинчIого, тIахьазул фондалда буго миллионалде гIагарун экземпляр. Библиотекаялда буго 24 отдел, хIалтIулев вуго 182 чи.
— Нужехъе рачIунел ратилаха пачалихъиял басмаханабазда къватIире риччарал тIахьал ва бюджеталда ругел газеталгун журналал. МахIачхъалаялда ва республикаялъул цогидал шагьаразда рагьун руго жалго бетIергьанал басмаханаби, гьенирги риччала тIахьал, журналал, газетал. Гьезда тIадаб бугищ библиотекаялде басмаби ритIизе? Кин ва лъица гьезда хадуб халкколеб?
— Республикаялъул хIукуматалъ гьабураб хIукмуялдалъун, пачалихъиял рукIа, чияда рачIел рукIа, Дагъистаналъул ракьалда рахъарал газетазул кIи-кIи экземпляр, тIахьазул лъаб-лъаб экземпляр миллияб библиотекаялде битIизе ккола. Гьелда хадуб хъаравуллъи гьабула библиотекаялъул пачалихъияб библиографиялъул отделалъ. Гьез мониторинг гьабула киналго издательствабазул. Дагъистаналда хурхараб тIехь кибниги, Россиялда ва улка бахун къватIиб басмаялда бахъун бугин рагIидал, гьеб тIехь нижеца библиотекаялде бачIинабула.
— Гьанже Интернеталдасан, те­ле­визоралдасан, хIатта телефоналдасан цIиял харбал, бокьараб цогидаб информация щолеб заманалда библиотекаялде рачIун газеталгун тIахьал цIалулезул къадар дагьлъун батила?
— Дица абиларо библиотекаялде рачIунел гIадамал дагьлъун ругилан.ЧIагояб тIехь цIалиялдаги Интернеталдасан цIалиялдаги гьоркьоб цIакъ кIудияб батIалъи бугелъулха. Нижеца хIисаб гьабураб мехалъ, аслияб къагIидаялда, библиотекаялде рачIунел руго тIадегIанал ва гьоркьохъел цIалул заведениязул студентал, гIелмиял хIалтIухъаби, аспирантал ва 50-60 соназул ригьалда ругелги, гьездаса кIудияб гIелалъул гIадатиял цIалдолелги. Планалда рекъон, лъагIалида жаниб нижеца хъулухъ гьабизе ккола къоло ункъазарго цIалдолесе. ГьедигIанал ва гьездаса цIикIкIунги цIалдолел библиотекаялде рачIуна. Гьелде тIадеги, библиотекаялде рачIуна цIибахъараб тIехьалъул презентация гьабизе, машгьурал дагъистаниязул юбилеял, тIоритIула тарихиял ва гьанжесеб заманалъул кIвар бугел лъугьа-бахъиназда бан дандеруссинал, выставкаби ва цогидалги тадбирал. ПалхIасил, миллияб библиотека лъугьун буго республикаялъул тахшагьаралъул маданияталъул ва адабияталъул тадбирал тIоритIулеб гъанситолъунги.
— ЦIакъго цересел, къанагIатал тIахьал гIемер ругищ библиотекаялда. Армениялъул, Грузиялъул пачалихъиял библиотекабазда руго 600-700 соналъ ва жеги цере риччарал тIахьал, манускриптал. Мисалалъе, эрмениязул Матенадаран библиотекаялда V гIасруялъ хъварал хъвай-хъвагIаялцин цIунун руго.
— Нилъер гьанибги букIун буго хъвай-хъвагIай Албания абураб Дагъистанги Северияб Азербайжанги гьоркьобе бачараб некIсияб пачалихъ бугеб мехалда. Амма гIасрабазул свералабазда, даим рагъ-кьалалда гьоркьобе кколеб букIараб Дагъистаналда доб хъвай-хъвагIай цIунун хутIичIо, жибго Албания пачалихъги биххана, хъвай-хъвагIайги тIагIана. КIиабизе, нилъер халкъалъ гIумру гьабулеб букIараб бакIалда Дагъистанин абун географиялъул рахъалъ цо бакI букIун гурого, политикияб рахъалъ цокIалаб, цогояб нухмалъи бугеб бакI букIинчIо. Гьелъ цIунун хутIичIо некIсиял, албаназул заманалъул хъвай-хъвагIаял. БатIияб жо буго Кавказалде, Дагъи­станалде ислам-дин бачIараб мех. ГIарабалъ, гIажамалъ хъвай-цIали тIибитIизе лъугьараб мехалъ щибаб росулъ гIелму-лъаялда хадуб чIарал чагIазул рокъор рукIана библиотекаби. ГIагараб Бакъбаккул улкабазде ун гьенисан росун, катибаца квералъ хъван данде гьарурал батIи-батIиял гIелмабазул, тариха­лъул, адабияталъул ва маданияталъул тIахьал тIагIинаруна лъеберабилел соназда тIаде бачIараб цIияб власталъул гIуцIиялъ. Цо-цо цIодорал, гIужда рекIеда ратарал чагIаз цересел, гIарабалъ ва гIажамалъ хъварал тIахьал рахчун цIунана. Хадубккун библиотекабаздеги гьел кьечIо. ГIицIго КIудияб ВатIанияб рагъда цересел ва хадусел соназда СССРа­лъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул гIалимзабаз байбихьана росабалъе хьвадун цересел тIахьал, хъвай-хъвагIаял ракIаризе. Гьел цIунун руго Дагъистаналъул гIелмияб централда.
Нижер библиотекаялда бищун цереселлъун руго ХIХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда гIурус мацIалда рахъарал тIахьал. Гьединал тIахьазул нижер фондазда буго анкьазарго тIехь. Гьездаса микьго тIехь босун буго Россиялъул цIакъго къиматал тIахьазул реестралде.
Миллияб библиотекаялда руго 1922 соналдаса нахъе Дагъистаналда къватIире риччарал тIахьал, газетал ва журналал.
— Газета, тIехь, кагъат заманалдаса басралъула, загIиплъула, хола гьелъул даража. Гьанже рес буго гьел оцифровать гьаризе, ай электронияб варианталда лъезе. Гьеб рахъалъ нужеца щиб гьабулеб бугеб?
— Нижеца библиотекаялъе тIалаб гьабуна оцифровать гьабулеб кIиго аппарат ва байбихьана гьеб хIалтIи гьабизе. Гьеб буго цIакъ захIматаб, заман тIад унеб хIалтIи. Жакъа къоялде оцифровать гьабун лъугIана ункъо фонд.
Нижер буго хасаб сайтги, гIурус мацIалда гуребги, гьелда материалал лъун руго Дагъистаналъул аслиял миллиял мацIаздаги.
— Дагъистаналъул шагьараздагун районазда ругел муниципалиял библиотекабазулгун гьоркьоблъи кинаб бугеб? Россиялъул регионазул библиотекабазулгун бухьен бугебищ?
— Республикаялъул муниципалиял библиотекабазулгун цадахъ нижеца гIуцIун буго библиотекабазул совет. Тартибалда тIоритIула методикиял, малъа-хъваялъулал семинарал, цоцазе гIахьал гьарула хIалбихьиял, данд­рала ругел масъалаби.
Нижер бухьенал руго Северияб Кавказалъул регионазул, РФялъул миллияб, Санкт-Петербургалъул, къва­тIисел пачалихъазул литератураялъул библиотекабазулгун.
— Мисалалъе, Москваялда къва­­тIибе биччараб тIехь нужер цIал­долес тIалаб гьабуни, фондалда гьебги гьечIони…?
— Москваялдаса гуребги, Россиялъул бокьараб регионалдаса нижеца бачIинабула тIалаб гьабулеб тIехьалъул электронияб вариант ва цIалдолесе рес буго нижер компьютералдасан тIехь цIализе. ЦIалдолезул гьединал мурадал тIураялъе библиотекаялда буго лъебералда микьго компьютер. Флешкаялда бахъун ва цогидаб къагIидаялъ копия бахъизе нижеца изну кьоларо. Библиотекаялда гьелъие гIуцIун буго хасаб отделги.
Дагьал рукIунаро, хасго гIалим­за­базда гьоркьор, Англиялда, Америкаялда, Турциялда ва цогидалги улкабазда къватIире рачIарал тIа­хьал цIехон рачIунел гIелмиял хIал­тIухъаби.
Москваялъул, Санкт-Петербурга­лъул нижергун бухьен бугел библиотекабаздаса гьел пачалихъазул библиотекабазде заказги гьабун хIа­жатаб тIехь нижехъе бачIинабула.
Гара-чIвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.