ЖамагIаталъул газа

РацIцIадал росаби – бацIцIадаб Дагъистан

 

Республикаялда тIобитIана Дагъистаналъулго росабаз гIахьаллъи гьабураб субботник

Араб шамат къоялъ республикаялда тIобитIана Дагъистаналъулго росабаз гIахьаллъи гьабураб субботник

Росдал магIишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялда март моцIалдаго гьеб тадбир тIолабго республикаялъул росабалъ тIобитIиялда бан ахIараб данде­лъиялда гьаризе кколел хIалтIабазул чIванкъотIараб сияхI къабул гьабун букIана ва щибаб районалда хадур министерствоялъул вакилзабиги щула гьаруна. ГIамм гьабун хIалтIуе нухмалъи гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель, росдал магIишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Субботник, ро­сабалъ гуребги, тIобитIана гIодоб­лъиялда ругел мугIрузул районазул хъутабаздаги. Шамат къо тIаде щвелалдего росун рукIарал пихъил ва пихъил гурел аза-азар гъутIбиги чIун, гьеб къоялъ берцин гьаруна росабазул къватIал, лъималазул ахал, спортивиял майданал, школал, гIи-боцIи хьихьулел бокьазда ва иццазда сверухъ бакIал. Министрас, жидерго аппараталъул хIалтIухъабигун цадахъ лъугьун, жигараб гIахьаллъи гьабуна ЦIияб Хушет росу сверун бакI берцин гьабиялъулъ.
ГI. ГIабдулмуслимовас ракIалде щве­заруна жамгIияв хIаракатчи Вла­димир Познерил «Россиялъу­л тIабигIаталдаса киналго цIакъ чIу­хIула, амма гьеб цIуниялъулъ гIа­хьал­лъи гьабула гьезул гIицIго цо проценталъ» абурал рагIаби.
«Нилъеца ургъел гьабичIони, гье­лъул милат гьабулел чагIи рукIунаро. Гьединлъидал субботник гьабия­лъул мурадги буго нилъерго ракь ясбер гIадин цIуни», — янги абун, байбихьана гьес хIалтIуде.
Росабалъ гьарурал хIалтIаби ана гIуцIараб къагIидаялда. Аслияб жо — гIолилазул тIадкъараб ишалде бихьулеб букIана гъира-шавкъ букIин. Мисалалъе, Хунзахъ районалъул БакьайчIиб, ГIараниб, ГIобода, ТIануси ва Хунзахъ росабалъ чIана 1500 гъветI, кIурана гъутIби ва къватIал чороклъиялдаса рацIцIад гьаруна. Гьеб кина­лъулъго, министерствоялъул управлениялъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулаевгун цадахъ, гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Зайдиев НурмухIамадицаги.
Хъумторхъала районалда нус-нус чияс гIахьаллъи гьабуна гъутIби чIеялъулъ, райцентралда, Шамхал-Янгъиюрт, Темиргъой, Тюбе росабалъ къватIал рацIцIад гьариялъулъ. Гьел хIалтIаби тIоритIана районалъул бетIер Салим Токаевасул гIахьаллъигун.
ГIахъуша районалъул Муги, ГIа­хъуша, Усиша, ХIапшима росабазул нухазул рагIаллъабазда, «Усишинский», «Сумена Курбанова», СПК «Тебекмахинский», СПК «Уйташский», СПК «Гулатинский» агрофирмабазда районалъул бетIер МухIарамов АхIмадил ва министерствоялъул хIалтIухъан Исуев Зубайрил нухма­лъиялда гъоркь чIана 3000 гъветI, къватIазда гьабуна рацIцIалъи, нахъе баччана рищни.
Буйнакск районалда лъабго къоялда жаниб чIана 3000 гъветI. Гьеб тадбиралда министерствоя­лъул ра­хъалдасан гIахьаллъана ГIабдул­загьир ХIусеновги.
Цогидазеги мисалияб къагIи­даялда хIалтIаби гьаруна Агъул, Гъуниб, Дербент, ЦIияблак, ЦIумада, Казбек, Хайдакъ, Гъизилюрт, Гъизляр, Нугъай, ЧIарада, Шамил районаздаги.
ТIолгодагъистаналъулго росабазул субботник тIобитIи ккана цIакъ лъикIаб иш, санайилго такрар гьабизе бегьулеб тадбирлъун.