Месед

Руччабазе бегьулебщинаб бихьиназе бегьуларо

 

Рукьалда курхьен баялъ, килщида баргъич ххеялъ инсанасе гьабулеб асаралъул бицун гIемерал тIахьал хъван руго гIалимзабаз. ГIемерисез абулеб буго меседил баргъич даимго килщида ххун тезе лъикIаб гьечIин, хасго бихьиназе. Заман банагIан гьеб магIданалъе химиялъулаб асар гьабулеб гIаламат лъугьунеб буго. Гьелъ бихьинчиясул лугбузул низамги хвезабулеб буго. Амма руччабазе гьелъ зарал гьабулеб гьечIо. Гьелъие гIиллалъунги гIалимзабаз рехсана гьезул ургьимес ва гIаврат къватIиса асар гьабиялдаса цIикIкIун цIунараб букIин. Гьединго гIалимзабаз абулеб буго баргъичалъ асар гьабулеб жанисеб гIуцIиги бугин. Лъалеб букIахъе, килщазул аххаде бакIарун буго нервабазул гIемераб къадар. Гьелъ нервабазул хIалуциналъул карачелазде асар гьабулеб буго, гьединлъидал къараб баргъич базе лъикIабги гьечIо. Жинда тIад хIутIалъул яги кIудияб бетIералъул гIаламат бугеб баргъичалъ рахIатба-хъи гьабулеб гIадаб къараб баргъич баялъ остеохондроз ва радикулит ккезе рес буго. Бакьулъ килщида ххун бугони, гьелъ атеросклероз ва бидул тIадецуй цIикIкIинабулеб батун буго. ГьитIинаб килщида ххеялъ бакьазе зарал кколеб батун буго. Гьединлъидал, баргъич базе байбихьаралдаса хадуб килищ биццалъани, баргъич хисун яги гIатIид гьабизе ккола ва къаси кьижилалде цебе гьеб тIаса бахъизе кIочене бегьуларо. ГIалимзабаз абулеб буго баргъич гьабизелъун хIалтIизабулеб меседалъ руччабазул черхалъе хасаб асар гьабулин ва лъикIаблъун бихьизабулеб буго меседил гьабураб курхьен, баргъич рекIел унти бугел ва ригьалде рахарал руччабазе базе. Баргъич ххезе лъикIаб бугин абулеб буго бидул тIадецуй цIикIкIун букIунезе, щайгурелъул гьелъ бидурихьазул хIалуцин гIодобе ккезабулила. Амма гIарцул гьабураб баргъич, курхьен гьединазе лъикIаб гьечIо.
Кверзул рищиялда буго ургьисалазда, тIулада ва рекIеда бухьараб ункънусгоялдаса цIикIкIун точка. Гьединлъидал тохтурзабаз абулеб буго цо-цо мехалда дандчIвалила, килщида ххураб баргъич бахъани, ботIрол унти ва къаси макьу щунгутIиялъул унти тIаса унел лъугьа-бахъиналги.
Мухтар МухIамадов