Нартазул дунял

СагIудиязул ГIарабиялда батун буго 10 метр бугебги инсанасул ракьа-макъар

 

БатIи-батIиял халкъазул маргьабаздагун биценазда дандчIвала кIудияб къаркъалаялъул гIадамазул, ай нилъеца нарталин абулезул бицунел бакIал. Гьединал чагIи маргьабазда гурони рукIунарин ракIалдеги кколаан. Амма гIалимзабаз абулеб буго, кигIанго божизе захIматаб жо бугониги, гьединал гIадамал рукIараблъи хIакъаб бугин.

Ливаналда буго «Баальбекская терраса» абун цIар кьураб жа-ниблъи. Гьенир сокIкIун руго цIакъго кIудиял ганчIал. Гьениб буго дунялалда бищун кIудияблъун рикIкIунеб, ай инсанас тIад квер лъун цо кинабалиго форма гьабураб гамачIги. «Югалъулаб гамачI» абун цIар кьураб гьелъул бакIлъи буго 2000 тонна. Инженер Коломийчукил хIисабазда рекъон, гьеб гамачI багъаризабизе, хIажалъула 60 азарго чиясул къуват. Гьединго, гьениб буго щибалда 800 тонна бугеб лъабго къоноги. Гьединлъидал бачIунеб буго суал, лъицаха гьел ганчIал гьенире раччарал ва щал гьезда квалквадулел рукIаралин абураб.
Египеталда 500 тонна бакIлъиялда бугеб гамачI буго Хефрен пиргIавнил хабада лъун. Грециялдайин абуни цIунун хутIун руго 20 метр биццалъиялда ва 125 тонна бакIлъиялда ругел къадалъ лъурал къанал. Югалъулаб Африкаялда, Окованго гIурул рагIаллъуда, гIумру гьабун ругез бицуна цебе заманалда гьеб ракьалда рукIарал нартазул хIакъалъулъ. Цо биценалда буго гьел гIадамазул букIанила цIакъго кутакаб къуват ва, цояб кверги цебе лъун, гьезда кIолаанила гIор нахъбуссинабизе. Гьез гьаракь гьабураб мехалда гьеб рагIулеб букIун бугила чамалиго кило-
метралъ рикIкIада ругезда. Нартав чинхъидал, гъотIода рещтIун букIараб хIинчI ракI кьвагьун холаанила.
Инказул биценалдайин абуни рехсолел руго океан къотIун рачIарал нартазул. Бищун борхатаб къаркъалаялъул индеецгицин гьезул наказде гурони вахунароанила. Къойида жаниб гьезул щивас кваналаанила 500 чиясцин кванан бахъунареб нигIмат.
Азарго соналъ цебе гIумру гьабун вукIарав гIарабазул ибн Фадлан абурав цIех-рехчияс хъвалеб буго жинда батанила анлъго метр бугеб инсанасул ракьа-макъар (скелет). Гьединабго скелет бихьун буго Швейцариялъул Люцерна шагьаралъул музеялда гIурусазул хъвадарухъаби Тургеневасдагун Короленкодаги. Гьезда бицун буго гьеб батанин 1577 соналда цо кинабалиго нохъода.
Ункъо-щуго метр логода бугел скелетал гIажаиблъи гьабизе ккарал жал гуро. Гьел испаниялъулаз нахъе тарал хъвай-хъвагIаязда рехсолел руго, Америкаялда кверщел гьабулаго жидеда ратулаанин 20 метр бугелги инсанасул скелетал.
XIX гIасруялда вукIарав Уитни абулев археологасда батун буго горсверуда кIиго метр бугеб гвангвара. Гьебги батун рагIула Огайо штаталъул шахтаялъуб. Югалъулаб Африкаялдайин абуни гIемерал ратун руго цIакъго кIудиял лъалкIал. Масала, метр-гун бащдаб бугел. Гьединал хIужабиги цере рукIаго щайха гIадамазда рихьизелъун гьел скелетал ва цогидалги баянал музеязда лъоларел? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго гIалимзабаз абулеб буго гьеб бугила Дарвинил теориялъул «рухI лъугIичIого» букIинелъун гьабулеб иш.
Исламалъул тарихиял тIахьазда хъван буго Аллагьасул гIемерисел аварагзаби кIудияб къаркъалаялъул чагIилъун рукIанилан. ХIакъаб жо буго, НухI аварагасе гама гьабизе Уджа абурав кIудияб къаркъалаялъул чияс кумек гьабураблъи. НухI аварагасул наслу – гIадитал рукIун руго ракьалда тIад бищунго къуватал ва рорхатал. Амма жал рижарав Аллагь вукIинги кIочон тун, гьез какал разе байбихьун буго ганчIазе ва гIемерисел лъугьун руго мунапикъзабилъун. ЦIакъго гIорхъолъа рорчIидал, гьел хIакъаб нухде ахIизе Аллагьас витIун вуго Гьуд авараг. Амма гьел гьесухъ гIенеккун гьечIо, ва 70 соналда жаниб Гьуд аварагас гьабураб насихIат гьез къабул гьабун гьечIо. Гьеб мехалда Гьуд аварагас БетIергьанасда гьарун буго гьезул руччаби лъимал гьаризе кIолареллъун лъугьинарегийин, гьезул къадарги дагь гьабегийин. Гьеб соналъ цониги лъимер гьабун гьечIо гьезие. Гьуд аварагасул гьари къабул гьабураблъи бихьаниги, гьел кантIун гьечIо ва Аллагьас ракъдаллъиги тIамун анкьго соналъ гIазаб чIамизабун буго. Ракъуца хун буго къавмалъул бащдаб къадарниги. Гьелдаса хадубги, кинго гьел кантIулел гьечIолъи рихьидал, Аллагьас гьезде тIаде батIи-батIиял балагьал риччан, гьел тIагIинарун руго, цIад гьаризелъун Маккаялде ун рукIарал хутIизегIан. Гьеб заманалда гIадат букIун буго цIад гьаризелъун Маккаялде унеб.
2006 соналда СагIудиязул ГIарабиялда батун букIараб инсанасул къаркъалаялъул скелеталъул халалъи букIана 10 метр. ГIалимзабазул пикруялда рекъон, гьеб букIун батизе рес буго Къуръаналда рехсей гьабурал, Гьуд аварагасул ахIиялъе мутIигIлъичIезул къавмалдаса чиясул.
ГIалимчи Карл Бомица хъвалеб буго гIадамал гIисинлъи-
ялъе гIиллалъун ккун батизе бегьулин тIабигIат хиси. НекIо тIубанго бахчун букIун батизе рес бугила озоналъулаб каратI. Гьанже гьелъул анкьил бутIа гурони бахчун хутIун гьечIолъиялда бан, бакъул чIоразул радиация цIикIкIи-налъ рухIчIаголъиги гъветI-херги гIисинлъун ва гьитIинлъун ругила.
Наира Сайпудинова,
Islam.dag сайт