Къуват — цолъиялъулъ

Нилъер гьаракь рагIизелъун

 

ХIажат бугищ нилъее Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс?

«Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс» (РКНК) абураб тIолгороссиялъул цолъи гIуцIана 2007 соналда. Гьебги, аслияб къагIида­ял­да, дагъистаниязул хIаракатал­да­лъун. Дицаги дида цадахъ ру­кIарал цо чанго чиясги гьеб хIаракаталда гъорлъе цIана ча­ча­назулги, ингушазулги, асатIи­назулги, адыгазулгун кабарди­назулги ва гъарачаязулгун бал­каразулги миллиял гIуцIаби ва Мос­кваялда тIобитIана тIоцебесеб съезд. Гьелда гIахьаллъана 45 регионалъул вакилзаби, гуребани нижер гIуцIиялъул хъвай-хъвагIай гьабилароан РФялъул Юстициялъул министерствоялда.
Щай хIажат букIараб гьединаб цолъи гIуцIизе? Щайгурелъул улкаялда гучлъулеб букIана ультранационализм – цо миллата­лъул яги цо улкаялъул интересазе гIоло къеркьолаго, цогидал миллатал хIакъир гьари аслияблъун рикIкIунеб идеология. РФялъул батIи-батIиял регионазда кколеб букIана миллатазда гьоркьосеб дагIба-рагIи, хвезарулел рукIана хIалтIизеги, хIухьбахъизеги, ми­наби рукIинеги ва эркенго кIа­лъазеги ругел Россиялъул Кав­казалъул халкъазул ихтиярал. Москваялъулги РФялъул чIахIиял шагьаразулги милициялдаги батIи-батIиял СМИяздаги «рагIулелго рукIинчIо» кавказалъулал: ритIухъ­лъи-гье­ресиялъул хIисабго гьаби­чIого, жанир тIамулел рукIана гьел, хIакъир гьарулел рукIана. Москваялда гIумру гьабулев вукIарав дидаги чанцIулго хъинтIана гьеб лъикIаб гуреб бербалагьи. Кинаб хIалха букIун батилеб, дирго гIадал бухьенал гьечIел нилъер ракьцоязул? Гьединлъидалги ракIалде ккана нижеда гьеб хIаракат гIуцIизе.
БукIана гьелъие цоги гIилла. ГIалхулаб капитализмалъул идео­логиялъ куцарал Северияб Кавказалъул гIолилазе хIажат букIана инсулаб рагIи, тарбия. Гьезул гIемерисезул хьвада-чIвади букIана, эркенлъиялде рорчIарал гугьунбачазул гIади­наб — гьезухъа гIемер рорчIулаан ватIаналда киданиги гьаруларел ишал. Хасго гьединаб хьвада-чIвади гIемерлъун букIана дагъистаниязда гьоркьоб.
РФялъул батIи-батIиял регионазда гIумру гьабулеб буго 750-800 азаргоялдаса цIикIкIун дагъистаниясги, 600 азаргоялдаса цIикIкIун чачанасгун ингушасги, 150 азаргоялдаса цIикIкIун адыгасгун кабардинасги, 50 азаргоялдаса цIикIкIун гъарачаясгун балкарасги. Гьел хIужаби руго гIага-шагарго рехсарал. Амма хIакъаб буго дагъистаниялгун вайнахазул къадар миллионгун бащдалде гIунтIулеблъи. ГIумру лъикIаб букIун гуро СКФОя­лъул республикабаздаса гIадамал гочунел ругел. Бищун гIемер гочунел руго Дагъистаналдаса: щибаб соналъ 15 азаргогIанасев чи вукIуна республикаялдаса уневги вачIуневги. Чачаналде данде­ккун, щуцIул цIикIкIун ккола гьеб.
Хьул букIана, Путинил администрациялдеги батIи-батIиял министерствабаздеги (МВДялдеги, Оборонаялъул министерствоялдеги (нилъер контрактниказеги призывниказеги квота цIикIкIинабеян абун) культураялъулги лъайкьеялъулги ва гь.ц.), гьединго, Югалъул федералияб округалъул нухмалъиялдеги нухал ратиялде. Доб заманалда рукIинчIо Северияб Кавказалъул ишазул ра­хъалъ министерствоги СКФОги. Нижер (РКНКялъул) пикруги хIисабалде босун, гIуцIана гьеб кIиябго идара. Амма гьезул хIаракат нижер пикрабаздаса ри­кIкIад буго.
Узухъда, ракIалда букIараб кинабго гуро гIумруялде бахъи­набун бажарараб. Амма цо-цо иш рагIалдеги бахъана. Кин бугониги, РКНКялъухъа бажарана РФялъул президентасул администрациялъулги, Москваялъул нухмалъиялъулги ва РКНКялъул къуватал отделениял ругеб улкаялъул жеги 10 регионалъул нухмалъиялъулги бербалагьи хисизабуна. Власталъе бокьуларе­лъулха жидер берзукьа борчIараб пикру. Абизе ккола, тIолабго Россиялдасаго гIолилалги ракIарун, «Машукал» тIоритIулел машгьурал форумалги гIуцIана РКНКялъ (2010-2012 соназда) КЧРалъул Домбаялда тIоритIарал гIолилазул форумазул мисалалда рекъон. Нижеца гьенир ракIарулаан батIи-батIиял НКОязул кIинусгониги вакил – Северияб Кавказалъул 100 ва РФялъул «гIурус» регионалдаса жеги 100. Анкьалъ тIоритIулаан гургинал столал, мастер-классал, лекциял. Гьел рукIана гIолилазе цIакъ пайдаял тадбирал. ГIурус гIолилаздаги, гьезда гъорлъ рукIана миллатчагIазул церехъа­биги, гьезда лъикI лъана Северияб Кавказ ва гьелъул букIана кIудияб хайирги.
Гьелдаса хадуб РКНКялъу­л гIахьалчагIазда гьоркьоб ккана дагI­ба. Гьелъ квалквал гьабуна гIолилазе цIакъ пайдаяб ишалъул цебетIеялъе. Кавказалъулазул хасияталда рекъон, гIаммал ишаздаса цереселлъун цо-цоязе ккана жиндирго мурадал. Гьелда бан, ахираб ункъо соналъ сасана РКНКялъул регионазда гьабулеб букIараб хIаракат. Гьелъул хIасилалда РКНКялда гъорлъе рачIана власталъул квербакъиялдаса пайда босулел ва щакаб хасият загьирлъулел шоуменалги. ХIажат букIанищ гьеб нилъее?
2019 соналъул байбихьудаса хIадурлъулел руго РКНКялъу­л ункъабилеб съезд тIобитIизе, конфликтги лъугIанин ккола. Съезд тIобитIизе кколаан 20 апрелалда РФялъул ЖамгIияб палатаялда, улкаялдаго машгьурал гIадамазул гIахьаллъигун.
РакIалда буго тIолалго регионазул вакилзаби гьенир гIахьал гьаризеги чIахIиязул иш гIолилазухъе кьеялде кIваркьезеги. Гьеб хIаракаталъе хIажат вуго къадруяв, бищун тIадегIанаб идараялда Северияб Кавказалъул масъалабазул хIакъалъулъ бицине бажари бугев цевехъан. Гьелъул хIакъалъулъ чанцIулго хабар ккана мунагьал чураяй Сулиета Кусовалъулги, РКНКялъул ТIадегIанаб советалъул член, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловасулги, дирги.
КIвар бугел масъалаби тIуразе ккани, РКНКялъул хIаракат букIине бегьуларо власталде дандечIараблъун. Амма гьеб букIине бегьуларо цIакъго кIваргьечIеблъунги, ай власталъе хIажатабщинаб тIубалеблъунги. Мех­-мехалда «цабиги рихьизаризе» ккола, амма гьелъ квал­квал гьа­бизе бегьула грантазул рахъалъги, хIакимзабаз жидеда церечIарал масъалаби тIурангутIиялъулги. Батизе ккола «гьоркьохъеб», киназе­го санагIатаб нух ва кьезе ккола РКНКялъул цебетIеялъе нух. Дида ракIалде ккола, гьеб гIуцIи цIунизе кколин букIинеселъе гIоло.
Денга Халидов