МацI цIунизе нигатгун

Рахьдал мацIазул учительзабазул республикаялъулаб конкурсалда исана гIахьаллъана 40 учитель

 

МахIачахъалаялъул №11 гимназиялда санайил тIоритIула шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацIазул бищунго лъикIав учитель» абурал къецал.
Исана республикаялъулаб конкурс тIобитIана 19-22 марталда. Къецазда гIахьаллъана 40 учитель, гьезда гьоркьоса — магIарул мацIалъул микьго учитель, киналго руччаби-учительзаби. Гьезул щияй мустахIикъай йикIана рецц-бакъалъе.
ТIоцебесеб къоялъ гIахьалчагIаз кьуна дарсал. Дарсал кьезе рукIана анцIго батIияб мацIалда: магIарул, дарги, лъарагI, лак, табасаран, чачан, агул, лезги, азербайжан.
Болъихъ районалъул Кьохъ росдал гьор­кьохъеб школалъул учитель Гьадигат ХIасанова исана кIиабилеб нухалда гIахьаллъулей йикIана конкурсалда. Гъоркьиса «МагIарул мацI» номинациялда гьелъ ккун букIана лъабабилеб бакI.
МухIамад АхIмадовасул «ЧIужугIадан» абураб кечIалъе сайгъат гьабун букIараб гьелъул дарсида цIалдохъабазда дагьабги бичIчIана чIужугIаданалъ инсанасул гIумруялъулъ кколеб бакI. Учителалъ гьел рачана шагIирасул шигIрияб улкаялде ва лъай-хъвай гьабуна гьеб улкаялда чIужугIаданалъ ккун бугеб бакIалъулгун. Дарс кьелалде цебе гьей дандчIван йиго шагIиргунги. Гьадигатихъа бажарана тIоцере рихьулел ругел цIалдохъабазул дарсида гIа­хьал­лъи чIаго гьабизе.
Шамил районалъул Микьигьориб школалъул учитель Умагьани ХIадисова кIиабилеб нухалда гIахьаллъулей йикIана конкурсалда.
«Предложениялъул тайпацоял членал» абураб темаялда гьелъ дарс кьуна микьабилеб классалда. БатIи-батIиял творческиял тIадкъаязул, хIаязул кумекалдалъун гьелда кIвана дарс интересаблъун гьабизе, ва цIалдохъабазги кIудияб гъираялда кьолел рукIана жавабал.
Буйнакск районалъул ЧIикIаб росдал лъайкьеялъул централъул учитель Барият ХIажиевалъ цIалдохъаби рачана Хъа­хIабросулъа МахIмудил гIишкъул дунялалде. Гьел гIенеккана учителалъ пасихIго рикIкIунел шагIирасул кучIдузухъ. «Муи — МахIмудил рокьул матIу» – гьединаб букIана дарсил магIнаги.
Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра АхIмадовалъ дарс кьуна «Прилагательноял» абураб темаялда. Дарсил авалалдаго гьелъ хIаракат бахъана цIалдохъаби «прилагательное» абун цIар бугеб гIажаибаб улкаялде рачине. Грамматикиял хIаязул кумекалдалъун Загьрал дарс букIана лъималазул ракIазе асар гьабулеблъун.
Казбек районалъул Дилим росдал гимназиялъул учитель Динара Батиевагун цадахъ цIалдохъабаз гьоболлъи бана умумузул гIадатазухъ: цIоросаролъги чIучIана, бицанкIабиги тIамуна. Гьединал хIаязул ва къагIидабазул кумекалдалъун лъималазда бичIчIана журарал предложениял щалали. Дарсил ахиралда гьез гIуцIана журарал предложениял.
Абизе ккола аслияб бахIс букIанин гьал хадур цIарал рехсарал учительзабазда гьоркьобилан.
Хунзахъ районалъул БакьайчIи росдал школалъул учитель Фирюза ШагIбановалъул дарсида цIалдохъабаз сапар бухьана хунздерил тIалъиялде: тIогьода росарал авлахъалги, гIурччинаб гIидраги, гIидраялда кьурдулел кьагIиги, мугIрул цIураб гIиги, вехьасул щвантIихалъул гIашикъал сариналги. Гьединаб букIана БакьайчIиса шагIир ХIажи Гъазимирзаевасул творчествоги гIумруги. Учителалъ пасихIго шагIирасул кучIдул рикIкIунелъул, классалда букIана гIажаибаб сихIкъотIи. МагIаруллъиялъул махI бахъарал гьезул паналъи щивав цIалдохъанасухъе майилан кьолеб букIана Фирюзаца.
Учителалъухъа бажарана тIоцере рихьулел ругел шагьаралъул цIалдохъаби цо лахIзаталъ магIаруллъиялде вехьасул гIумруялъул берцинлъиялъухъе гьоболлъухъ рачун.
Учителалъги цIалдохъабазги цадахъ гIуцIана вехьасул гIумруялъул проект.
МагIарухъ авлахъалда рижарал тIогьол квацIабилъун рукIана гьеб дарсида ХIажи Гъазимирзаевасул кучIдулги. Гьезул щибалъулъ бихьулеб букIана щибаб росдалги росдал кьураби-нохъазулги къиса. Гьеб къисаялъул хIакъалъулъ МахIачхъалаялъул №11 гимназиялъул ва Ленинкенталъул №2 школалъул цIалдохъабазе шавкъалда бицунеб букIана Фирюза ШагIбановалъ.
Исана МахIачхъала шагьаралъул школазул «Рахьдал мацIазул бищун лъикIав учитель» конкурсалда тIоцебесеб бакI ккурай Ленинкенталъул №2 школалъул учитель ПатIимат МухIамадовалъ магIарул адабияталъул дарс кьуна ичIабилеб классалда.
Гьелъ цIалдохъабазе бицана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, шагIир ГIабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цIаралдасан» поэмаялъул хIакъалъулъ — регана нахъехун КIудияб ВатIанияб рагъул тарихалъул тIанчал. Нахъеги гъугъана рагъул гьаракь, гьелъул ракIгъанцIизабулеб кьогI­лъиялъ цоги нухалда рачана цIалдохъаби рагъулал нухаздасан ватIаналъул бахIарчиял васазулги ясазулги хвел гьечIеб къисаялъухъе. Нахъеги гIодана кечI… РакIалдещвезаруна солдатазул лъаббокIонал кагътазул къисаги…
ПатIиматил дарсил аслияб хаслъилъун букIана пульталъул кумекалдалъун интерактивияб доскагун цIалдохъаби хIалтIи.
Гъуниб районалъул Ругъжаб росдал школалъул учитель Сапият МухIамадовалъ «Составиял глаголал» абураб темаялда дарс кьуна анцIабилеб классалда.
ЗахIматабилан кколеб грамматикаялъул гьеб дарс цIалдохъабазда бичIчIизабизе учителалъ хIалтIизабуна Британиялъул психолог Бьюзен Тонил рагIаби ракIалда чIезариялъул къагIида. КIиго къокъаялде рикьарал цIалдохъабаз тIадкъаял гъираялда ва хехго тIуразарулел рукIана.
МагIарул мацIалъул учительзабазул дарсазе къимат кьолеб жюриялда рукIана МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель, педагогикиял гIелмабазул председатель Баху МухIидинова, филологиял гIелмабазул кандидат, ДИРОялъул хIалтIухъан РайхIанат Юсупова ва Дагъистаналъул мустахIикъай учитель, Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул магIарул мацIалъул учитель Сарат МухIумаева.
Гьез тIоцебесеб бакIалъе мустахIикъайлъун йихьизаюна Сапият МухIамадова. КIиабилеб бакI щвана ПатIимат МухIамадовалъе. Ва лъабабилеб бакIалде ячIана Фирюза ШагIбанова.
Сапият МухIамадовалъе рес щвана цогидалги мацIазул финалалде йорчIарай анцIго учительгун къеркьезе.
КIиабилеб къоялъ къецазул гIахьалчагIаз тIоритIана классалъул сагIтал. Гьенир бергьарал гIахьаллъизе кколаан конкурсалъул ахирисеб бутIаялдаги. Гьенибги битIккана Сапиятие. Гьелъул классалъул сагIат жюриялъул членаз рикIкIана бищун лъикIаблъун.
Конкурсалъул бищунго хIалуцараб лахIзат. Классалъул сагIтидаса хадуб конкурсалъул гIахьалчагIаз жюриялъ бихьизабураб темаялда рекъон бицине кколаан жидерго хIалтIул хIакъалъулъ, ай, гIелмияб къагIидаялда абуни, цIунизе кколаан проект. Щуго учителасда гьоркьоса, проект цIунун хадуб, нахъе ине кколаан жеги кIиго учитель.
Ва тIаде щвана конкурсалъул хIасилал рицунеб заман. ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана магIарул мацIалъул учитель Сапият МухIамадова. КIиабилеб бакI щвана Каспийск шагьаралъул №3 школалъул табасаран мацIалъул учитель Гюльмира Мамедовалъе, лъабабилеб бакI кьуна Лак районалдаса Асли МухIамадовалъе.
Шамай Хъазанбиева