Ракьцоясул бергьенлъи

1 марталда Москваялда бихьизабуна Камил ГIалиевасул «Учитель» абураб кино

 

Гьеб ккола Камилил тIоцебесеб кIудияб хIалтIиги. Цебеги гьесул нухмалъиялда гъоркь къватIире рачIун рукIана «Сант Луис», «Репортаж», «Къисас» абурал фильмал. Россиялда тIоцебе гьес бахъана «Умумузул васигат» абураб проектги.
«Учитель» кино халатбахъуна 40 минуталъ. Гьеб бахъулелъул, кьочIое босун букIана Дагъистаналда ккараб хIакъикъияб лъугьа-бахъин. Кино бахъизе байбихьана 2018 соналъул риидал. Гьелда гIахьаллъана 30 чи.
Камил ГIалиев ккола ТIолго­рос­сиялъул ва Халкъазда гьоркьосел ки­нофестивалазул лауреат. Гьесие щвана «Киномаяк» (2017), «Дир Да­гъистан» (2017), «Вяткаялда данд­чIвай» (2018) кинофестивалазул шапакъаталги.
Киноялъухъ халгьабизе рачIун рукIана культураялъул ва искусствоялъул хIаракатчагIи, режиссерал, актерал ва цогидалги. Киноялдаса хадуб режиссеразда, артистазда ва киноялъухъ балагьизе рачIаразда гьор­кьоб ккана киноялъул хIа­къа­лъулъ гара-чIвари. ГIемерал суалал кьуна Камил ГIалиевасеги.
Киноялъухъ балагьаразе цIакъ бокьана гьелъулъ бугеб аслияб пик­ру, ургъизе тIамуна жакъа нилъер жамгIияталда церечIун ругел суалазда тIад.
Тадбир нухда бачунелъ бицана гьадинал фильмал рахъулелъул пачалихъалъ кумек гьабизе ккелин, кинематографиялъе квербакъиялъе Россиялъул президент Владимир Путиница тIадкъанги бугила кинематография цебетIезабиялъе программа гIуцIейилан. Гьелъие би­ччараб субсидия цIикIкIинабун буго 1 млрд гъурушалъ. Гьеб программаялде гъорлъе ккезе буго Камил ГIалиевасул хIалтIиги.
Тадбиралда гIахьаллъарав «Ан­жи» футболалъул клубалъул президент ГIусман Къадиевасги абуна гIолохъанав режиссерасе кумек гьабизе бугин.
Киноялъул аслияв багьадурасул хIакъалъулъ социалиял гьиназда хъварал къваригIел гьечIел харбазул кьучIалда гIагарлъиялъулги цадахъ хIалтIулезулги жиндир хIакъалъулъ пикру хисизабурав, гьез адабалдаса инкар гьабурав гьев тIамула хвел тIасабищизе.
Киноялдаса хадуб гьелъу­л хIакъа­лъулъ букIараб гара-чIвариялда Ка­милил эмен МухIамадсултIан ГIа­лиевас абуна:
— ГIун бачIунеб гIел куцазе ккола западалъул гурел нилъерго фильмаз. Нилъерго улкаялда букIине ккола гьел куцалеб къебелъиги. ХIаракат бахъизе ккола гIолилал куцалел фильмал рахъиялъул хIалтIи цебе бачине. Гьелъие къваригIуна пачалихъалъул рахъалдаса кумек. ГIарацги кино бахъулезухъе щвезе ккола. КIудияб баркала гьаб тадбиралда гIахьаллъаралщиназеги. Бажараралда гIей гьабун рукIинчIого, церехун ине тавпикъ кьеги киназего. Гьединго баркала кьезе бокьун буго Москваялъул хIукуматалъул вакилзабазе, Москва шагьаралъул Думаялъе, «Улкаялъул ирс» гурхIел-рахIмуялъул фондалъе ва Россия­лъул президентасда цебе бугеб ДРя­лъул кидагосеб вакиллъиялъе, — ян.
ПатIимат Расулова