ГIелму ва гIадамал

Лъай бугелъуб цебетIейги букIуна

ГIалимзабаз гьабураб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго
лъимадул гIакълу эбелалъул гIакълуялда бараб букIин

ЧIужугIаданалъул аслияб ишлъун, хIалтIилъун, тIадаб борчлъун кколин абула хъизан данде бачи, лъималазул тIалаб гьаби. Гьелъул магIнаги кколаро рукъалъул хIалтIи гьаби бугин аслияб ишилан абураб. Гьединго чIужугIаданалъул, исламияб диналда рекъонги, ихтияр буго жиндиего лъикIав рос валагьизе. Амма, аслияб куцалда, гьеб иш тIубазабула бихьиназ, гьез ялагьула лъикIай, динияй гIадан лъадилъун ячинеги. Щивав бихьинчиясул анищлъунги букIуна лъималазе лъикIаб тарбия-лъай щвезе бокьи ва бищунго жавабияблъун рикIкIунеб гьеб хIалтIиги тIаде ккола руччабазде. Гьеле гьеб хIужа ритIухъ гьабун буго гьанжесеб гIелмуялъги. МухIканго абуни, гIелмиял цIех-рехаз бихьизабун буго лъимадул гIакълу, инсул гуреб, эбелалъул геназда бараб букIунеблъи. Гьединлъидалин бихьинчиясда тIадаблъунги кколеб лъикIай, гIакъилай гIадан лъадилъун ячин. Лъадуе­йин абуни рос лъикIав вугониги гIола, батIаго гьев гIакъилав вукIин шартI гуро. ПалхIасил, кинабго бухьараб буго генетикаялда. Инсанасул пикру гьабизе тIамулел генаби хурхун рукIунел руго руччабазул Х-хромосомазда. Руччабазулин абуни гьел рукIунел руго кIиго, бихьинчиясул — цо. Масала, эбелалъулги инсулги цо-цо Х-хромосомал ирсалъе щварай ясалъул гIумру, инсул геназда бараблъун букIинеги рес буго, амма васасе гьебго Х-хромосома щолеб буго гIицIго эбелалдасан.
ГIалимзабаз ччорбазул цIех-рехал гьаридал, баянлъун буго цIикIкIарасеб къадаралда эбелалъул генаби щваразул гIадалнахул цIайи бакIаб ва чорхол хIалтIи, къуват загIипаб букIин, амма гIакълуялъул рахъалъ гьединал гIемерго камилал лъугьунел рукIин. Инсул генаби цIикIкIун щваразул черх букIунеб буго къуватаб, гIадалнахул цIайи – дагьаб мукъсанаб. Пикру гьабиялъул даражаги гьединазул букIунеб буго загIипаб. Гьелдаги гIей гьабичIого, гIалимзабаз байбихьана гIадалнахулъ ругел клеткабазулъ умумузул генаби кинаб къадаралда рукIунелали лъа­за­бизе. Инсул генаби клет­кабазулъ цIикIкIун ругез, аслияб ку­цалда, ургъел ва пикру гьабулеб батун буго кванилги жинсиял гьоркьорлъабазулги. Эбелалъул генаби цIикIкIун ратаразе хасиятаблъун батун буго берцинго кIалъай, кIалъалалде цебе ургъи, цо щиб бугониги гьабилалде анкьцIул борци, цебелъу­раб масъала гIумруялде бахъинабизе хIаракат бахъи. ГIелмуялъ абулеб буго инсанасул гIакълу нусабго проценталъ генетикаялда бараб гьечIин. Гьеб бараб бугин гIага-шагарго 50 проценталда. ХутIараб бараб бугин сверухълъиялда, гIумру гьабиялъул шартIазда, лъимадуе кьолеб тарбиялда. Амма, гьебго заманалда, лъимер гIакъилабги пикру гьабизе гьунар бугебги лъугьин гIемерисеб бараб букIунеб буго эбел-лъимадул хурхеналда, гьезда гьоркьоб бугеб бухьеналда. Гьедин бугониги инсуда барабги гIезегIан букIуна. Лъимадул гIакълу-лъаялъе, абизегIанасеб бухьен инсул гIахьаллъиялда бараб гьечIониги, гьесул бажариялъги цо къадаралъу­лаб кумек гьабула лъимер пикру гьабулеблъун лъугьиналъе. Щайгурелъул хъизан-лъимал хьихьи инсуде тIаде кколелъулха. КигIан гIакълу-лъай бугей эбел йигониги, гьелъул къуват гIоларо цого заманалда цадахъго рукъалъул хIалтIи нухда бачинеги, хIажатаб сурсат балагьизеги, лъималазе тарбия кьезеги.
Гьаниб рехсечIого гIоларо цо гьадинаб тарихияб лъугьа-бахъинги. Цересел гIас­­ра­базда бусурбабазул улкабазда руччабазеги кьолеб букIана лъикIаб лъай. Гьеле гьеб заманалда жанибин абуни цIакъго гIемер рахъана бусурбабазда гьоркьоса машгьурал гIалимзабиги. Гьелдаса хадуб, ай руччабазул хIалтIи рукъалъул бокIнилъ бугинги абун, гьел цо ккураб коцонир чIезариялъ ва руччабазе лъай босизе ихтиярал мукъсан гьариялъ исламиял улкабазда дагьлъана гIалимзабазул къадар, къадарлъана гьезул цIирагьиял. Исламияб дунял буссана питна-кьалазде ва жакъа къоялъги кIолеб гьечIо гьеб кIичIикьа хвасарлъизе. Бусурбабазул гIелмиял хIалтIабаздасаги гьезул махщалидасаги пайдаги босун, Европаялъул гIалимзаби церетIуна, гьелдаго цадахъ Европаялъул улкабазда «рухIги» речIчIана. Гьаб заманалдайин абуни гьеб иш дагь-дагьккун битIа-бишун бачIунеб бугин абизеги бегьила. РакIалде ккола чанго анцIго соналдасангIаги дунялго хIайран гьабилин бусурбабазул гIалимзабаз, гьезул гIелмиял цIирагьияз. Гьедин ккезе ккани, рукъа­лъул хIалтIабаздаса дагьал эркенги гьарун, руччабазе ихтияр кьезе ккола лъай тIалаб гьабизе. Лъай бугел руччабаз гьарурал лъималазда гьоркьосалъидалха гIалимзабиги гIакъилзабиги рахъунел.
Фатима Манзур