Огь руччаби, руччаби…

МагIарул берцинай, бицинищ дурго?

ГIанаби багIарай, берал чIегIерай, магIарул берцинай, бицинищ дурго. ХIатIида тIадагьай, гIинда цIодорай, дир гIащикъаб кочIолъ ахIилищ дур цIар? (З. ХIажиев)

Щаялиго шагIирасул гьал рагIаби кидаго ракIалдещола дида, руччабазул байрамалда цере. Цо-цояз гьеб байрамалъ чIужугIаданалда тIадал ишал гIемер гьарунин рикIкIаниги, бокьула дие микьабилеб март…
Бокьун буго дида цадахъ исана МахIачхъала шагьаралъул «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» конкурсалда гIахьаллъарал ва гьениб тIоцебесеб ва кIиабилеб бакI босарал ПатIимат МухIамадовалъе ва Элмира Жамаловалъе, микьабилеб марталъул байрамги баркулаго, дирго макъалаялдалъун боркьараб саламги кьезе.

Учитель! Дур цIаралда цебе…

Щивав чиясул гIумруялъулъ хасаб бакI ккола учителас, квешасги лъикIасги, вокьулесги вокьуларесги. Гьесул лъимерлъиялъул ва гIолиллъиялде тIамурал тIоцересел галабазул ракIалдещвеязда гIажаибаб мугьруги чIван букIуна учителас. Учитель ккола нилъер щивасе жиндирго талихIалъул кескал рикьулев хIикматав инсан. Живго учителасул гIумруги берцин гьабула гIемерал кесказдаса данде гьабураб талихIалъул квацIиялда.
Гьеб квацIиялъги хIикматал накъищал угьула гьесул къисматалда.

Гьайбатаб къисматалъул
свералабазда

Гьеле гьединаб гьайбатаб къисматалъ берцин гьабун буго Хунзахъ районалъул Харахьиса Элмира Жамаловалъул гIумруги. Гьелъ абула лъималазул гьурмазда букIунеб рохелалъ тIамулила жий гъираялда гьелгун хIалтIизе.
ГIемерал соназ гIагараб росулъ хIалтIарай Элмира къисматалъ ячана МахIачхъалаялде. Гьей хIалтIизе лъугьана тахшагьаралъул №8 лицеялде магIарул мацIалъул учительлъун. Байбихьудаго Элмираца жиндирго хIалтIулъ рихьизаруна лъикIал хIасилал. Шагьаралъул конкурсазда, фестивалазда, цIалдохъабазул церерахъиназда, олимпиадабазда ва цогидалги тадбиразда гьелъие бергьенлъи щвечIеб бакIго хутIун батиларин абизе бегьила.
Рехсезе рокьун руго гьезул цо-цоял. Элмира Насрудиновнаялъул цIалдохъаби санайил церерахъу-на МагIарул театралда рахьдал мацIазул къоялде тIоритIулел тадбиразда. Гьелъул жиндиргоги буго махщел сценаялда ролал хIазеги, кечI ахIизеги, пасихIго ракIалдасан кучIдул рикIкIинеги. ХIалтIул хIасилалги хIисабалде росун, республикаялъул магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIидиновалъ гьелъие кьуна баркалаялъул ка-
гъатги шапакъатги. Амма бищунго кIудияб шапакъатлъун учителалъ рикIкIуна цIалдохъабазул гьурмазда жиндирго кумекалдалъун речараб гьимиги, рохелги, талихIги. Гьеб киналъго кьолебги батила гьелъие къуватги жанги, тIадегIанаб даражаялда хIалтIизе. ГIолохъанал учительзабазе кумекалъе Аваручитель сайталда гьелъ лъола жиндирго дарсазул, тадбиразул планал, разработкаби. Гьединго гьел рахъула магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъ къватIире риччалел тIахьаздаги.
Элмира Жамалова, магIарул мацIалъул учитель хIисабалда, машгьурлъана республикаялда. Сана-йил лъабго-ункъо нухалъгIаги гьей ахIула ДИРОялде махщел камил гьабизе рачIарал учительзабазе дарсал кьезеги.

ПатIиматил гIумруялъул магIна

РачIаха гьанже учителалъул
рекIел чIвабзаз рачунел ругел талихIал сариназухъ цо лахIзаталъ гIенеккизе. Жиндилъ бугеб гьунарги лъималазде бугеб гIащикъаб рокьиги гьанже гурони къватIибе тIатинчIей, загьирлъичIей ПатIи-матица асир гьаруна конкурсалъул жюриялъул киналго членал. Баккана магIарул гъасда цоги бакъ, кунчIана гIажаибаб гвангъиялъул хIикматаб цIва. Дида абула дир киналго героял цIвабзаздаги бакъ-моцIалдаги релълъарал рукIунилан. Амма дир гьел героял руго ракьалда. Гьединаз гвангъизабула, кунчIизабула сверухълъи. Гьединал, бакъуегицин хинлъи кьолел цIвабзаз рукIкIине толаро гIумру. Гьезулъ бугеб гьеб балъго-лъиги бихьула гIицIго гьединазда. Гьеле гьединал рацIцIадал, гвангъарал гIадамазул цояй ПатIиматица дир рекIелъги тана жиндирго лъалкI.
ПатIимат гьаюна Хунзахъ районалъул Гозолоколо росулъ. Заманалдаса гьелъул хъизан гочана Ленинкеталде. Ленинкенталъул № 35 гимназияги лъугIизабун, ПатIимат цIализе лъугьана ДГПУялъул филологияб факультеталде. Гьелдаса хадуй тIадюссана гIагараб школалде. Гьений ПатIимат хIалтIана 12 соналъ. 2012 соналда Ленинкенталда рагьана цоги цIияб школа. Ва гьелдаса нахъе ПатIимат хIалтIулей йиго №2 школалда магIарул ва гIурус мацIазул учительлъун.
Гьелъул цIалдохъаби санайил гIахьалъула «БукIинеселде гали» абураб гIелмияб конкурсалда ва росула цересел бакIал. Гьединго гьел мустахIикълъула бергьанлъабазе кучIдул цIалулезул къецаздаги, магIарул мацIалъул ва адабияталъул олимпиадабаздаги. Абизе бегьула исанасеб цееяхъин жийго учителалъул букIанин тIоцебесебилан. ТIоцебесеб бергьенлъи — ПатIиматил учителасулаб гIумруялъул гIидра-ялда тIирщараб тIоцебесеб тIегьлъун хутIила гьеб.
ЧIужугIаданалъе бищунго кIудияб талихIлъун ккола буцIцIараб, роцIараб хъизан. Гьеб буго ПатIиматилги. Амма гьелдаго цадахъ жиндирго гIумруялъул магIналъун гьелъ рикIкIуна жиндир талихIалъул хасаб бутIалъун кколел цIалдохъабиги.
РакI-ракIалъ баркула ракьцоял, ракIцоял, ишцоял ПатIиматида ва Элмирада ихдалил тIоцебесеб байрам — махI берцинаб 8 март. Гьарула гьезул гIумру берцин гьабулел тIугьдуллъун ругел лъималазе талихI-рохел. Биччанте даим гьезул бадисан гьимизе ПатIиматиеги Элмираеги талихIалъул бакъги.
Шамай Хъазанбиева