Инсуца бекьараб васас лъилъула

Дадаца гIин кьуричIони, лъимадул гIадлу хола

 

Абула бихьинчиясда тIадаб бугин мина базеги, гъветI чIезеги, вас гьавизеги. ГIемерисел бихьиназ гьел хIалтIаби тIуразарула. Амма вас гьавурав гIоларо, гьесие тарбия кьезеги ккола. Эменги вукIине ккола васас мугъчIвалеб кьурулъун, кидаго гьесул тIалаб-агъазалда вугев чилъун. Социологаз абулеб буго жакъа Россиялъул гIемерисел бихьиназ гьеб борч борхулеб гьечIилан. Эмен жиндирго хIалтIудаса лъималазде регIуларила, гIодоркъоязги гьев я шишаялда нахъа, я ччугIа кквезе ун, яги футболалде машгъуллъун вукIунилан. Лъималазул тIалаб гьаби, гьезие тарбия кьей гьес тIубанго лъадуде рехун тун бугин.
Хъизамалъул бетIер ккола рос, ай хъизамалъулги лъималазулги жавабчилъи букIуна гьесда тIад. Рос ва эмен ккола лъималазе мисалги насихIатчиги. Жакъа Россиялъул гIемерисел регионазда гIадин хашго гьечIониги, хъизамалда жаниб инсул къадру Дагъистаналдаги гIодобе ккун буго. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, Россиялъул гIемерисел регионазда гIуцIулел руго «Умумузул цолъиял» абурал жамгIиял идараби. 19-20 февралалда Свердловск областалда тIобитIана гьезул тIоцебесеб форумги.
МахIачхъалаялъул Советск районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель, умумузул цолъиялъул председатель Заур ГIамиргIалиевасул нухмалъиялда гъоркь форумалда гIахьаллъана Дагъистаналъул делегацияги. Форумалъ данде гьавун вукIана Россиялъул 80 регионалдаса 350 делегат. Тадбиралда гIахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, Федерациялъул Советалъул членалги, диниял идарабазул вакилзабиги, гIелмуялъул, культураялъул ва спорталъул церехъабиги.
РФялъул умумузул цолъиялъул нухмалъулев Андрей Коченовас бицана щибаб регионалда гьадинаб цолъи гIуцIиялъе ккараб гIилла бугила цадахъ рекъон хIалтIи гIуцIи.
Форумалъул бицунаго, Заур ГIамиргIалиевас абуна гьеб букIанила цIакъ кIудияб
кIваралъул тадбир. Гьелда жидеца лъай-
хъвай гьабунила нилъер гьанибги пайда босизе бегьулел проектазулгун.
«Умумузул цолъиялъул аслияб мурад ккола лъималазе тарбия кьеялдаса нахъе кIанцIун чIун вугев эмен гьеб ишалде машгъуллъизави, гьев жиндирго лъималазде ва лъимал гьесде гIагар гьари.
Нилъер гIадатазда рекъон, сон-церекъадги эмен кколаан хъизамалда жанив аслияв чи. Жакъа гьес гьеб жавабчилъи тIубанго эбелалде тIаде рехун тун буго. Школазда эбел-инсул собраниязда, аслияб къагIидаялда, рукIуна улбул. Руго бихьинал жидер лъимер
чанабилеб классалда бугебалицин лъаларел. Гьеб гъалатI битIизабиялъул мурадалда гIуцIулел руго гьадинал цолъабиги. Нижер аслияб масъала ккола умумул лъималазде гIагар гьари, гьел лъималазул ишазулъ гIахьаллъизари, жидерго мисалаздалъун гьезие битIараб тарбия кьеялде гьетIизари. Гьединаб мурадгун нижеца тIобитIараб «Инсул патруль» абураб тадбиралда гIахьаллъана 45 хъизан. Гьезда гьоркьор тIоритIана батIи-батIиял къецалги.
Нилъер лъималаз гIемерисеб заман
чIвала бича-хисиялъул, ракIгъезабиялъул центразда ва кинотеатразда. Кемеровалда гIадаб балагьалдаса лъимал цIуниялъул мурадалда, зама-заманалдаса гьединал бакIазде ун, гьез хIалтIи гIуцIун бугеб къагIидаялъухъ балагьула», — ян бицана Заурица.
Гьесул пикруялда рекъон, умумузул цолъиял гIуцIизе ккола школазда, администрациязда цере. Гьес кIудияб гIунгутIилъун рикIкIунеб буго школазда цIакъ дагьал гурони бихьинал-учительзаби хIалтIулел ва жидерго лъималазе тарбия кьеялъулъ бихьиназ мукъсанабго гурони гIахьаллъи гьабулеб гьечIолъиги.
«Нижер районалда гIумру гьабун ругезда дирго мисалалдалъун бихьизабула дица лъималазулгун гьоркьоблъи щула гьабизе кколеб къагIида ва гьелъул бугеб кIвар. ГIодоркъояз лъималгун дун уна паркалде, киноялде, ралъдахъе, музеязде… Гьеб ккола чияр заралияб асаралде гъоркье дирго лъимал ккеялдаса цIуниялъе гьабулеб хIалтIи. Дун гIемер щола дирго лъимал цIалулеб школалде, гьениб классалъе яги школалъе бажарараб кумекги гьабула. Рос-рукъалде араб мехалъ, ясалъ такрар гьабула инсулгун букIараб гьоркьоблъи. Инсул бербалагьиялда вугони, васасул чорхолъ куцала бихьинчиясул хасият-гIамал. Жакъа нилъее чара гьечIого хIажат буго лъималазе тарбия кьеялъулъ хъизамалда жаниб инсул кIварги къадруги борхизаби», — ян абуна Заур ГIамиргIалиевас.
Россиялдаго гIадин, Дагъистаналдаги лъималазе тарбия кьеялъул иш тIубанго улбузде рехун тун бугин абиларо. Амма лъималазул ахикьги, школалдаги, парказдаги, ракIгъеялъул центраздаги, экскурсияздаги лъималгун цадахъ, гIемерисеб мехалда, рукIуна улбул. Лъималазе тарбия кьеялъул хIалтIи, анкьил ахиралда цIалул дневникалда квешал къиматал ратидал, гIин кьуриялдалъун лъугIизабулеб бугони, инсулги лъимадулги ракIазул гIагарлъиги, цоцада ричIчIиги букIунаро. Инсул кьварараб гIадлу щвечIони, васасул унго-унгояв бихьинчиги лъугьунаро.
Ахиралда рехсела цо гьадинаб биценги. Цо нухалъ свакан, кватIун хIалтIудаса рокъове щварав инсуда, нуцIида аскIов ватула жиндирго щуго сон барав вас.
— Эмен, цо жо гьикъизе бегьилищ дуда? — ян абула гьес.
— Бегьила, щиб ккараб?
— Дуе кигIанасеб харж щолеб?
— Гьеб дуе щай? Гьеб дур иш гуро,- ян кIалъала эмен.
— Гьадинго лъазе бокьун буго. Бегьулеб батани, бице, цо сагIаталъ хIалтIун чан гъуруш дуе щолеб?
— 500 гъуруш.
— Гьеб 500 гъуруш дие къарзалъ кьезе кIолищ дуда?
– РасанкIо босизелъун гIарац тIалаб гьабизе бицунеб букIараб хабарищ гьеб. Вилълъа, кьижизе вега. ГьедигIан кIудияв гогьмалъун вукIине бегьуларо. Дун тIубараб къоялъ хIалтIула, свакала, дуца абуни дие гIантал жал рицунел руго.
ГьитIич сихIкъотIун рокъове уна ва жиндаго хадуб нуцIаги къала. Эмен ургъалилъе ккола ва васасе щиб бугониги кIвар бугеб жо босизе бокьун батизеги бегьулин пикру гьабула. Гьесул рокъове лъугьиндал, вас бусада вегун ватула.
— Мун жеги кьижичIогойищ, дир вас?
— КьижичIо, дада. Гьадинго вегун вуго, — ян жаваб кьола васас.
— Дица дуе цIакъ хъачIго жаваб кьунин ккола. Жакъа дир захIматаб къо букIана, гьелъги батила, дун гIедегIун ккана. ТIасалъугьа дидаса. Ма, босе дуца гьарулеб букIараб гIарац.
Вас тахида кIусана ва гьимана.
Баркала, эмениланги абун, васас къандалъоялда гъоркьа бахъун бачIана цо букIкI-букIкIкIараб гIарац, гьеб рикIкIана ва инсухъе бегьулаго абуна: «Гьаниб 500 гъуруш буго. Бегьиларищ дица дур заманалъул цо сагIат бичун босизе? ТалихI кьеги, бегьулеб батани, метер хIалтIудаса хехго вачIа. Дие бокьун буго мунгун цадахъ тира-сверизе ине», — ян.
Нури Нуриев