Гьунар

Хвасар гьавуна

ЧIужугIаданалъ бихьизабуна унго-унгояб бахIарчилъи

Гъоркьиса октябралда Казбек районалъул Дилим росулъа Шавдан ва Халатала участкабазде унеб нухде бараб чабах битIизабулев вукIарав МухIамадгъазиев Гъапурил бульдозер гебегана. Гьеб бихьана гIи-боцIуда хадур унел рукIарал гIолохъабазда ва хехго тракторалде аскIоре щвана. Щваниги, кабинаялъуса Гъапур вахъи­зе гьезда кIвечIо. Гьез ахIана медицинаялъул хехаб кумекалъулаб машина, ва гьебги хехго тIаде щвана. Медсестра Равшан Эмеевалъ, тракторалъул чIинтIараб кабинаялде гъоркьеги хъурщун, лъавудаса арав ва бида вецIцIулев Гъапур къватIиве цIана ва гьесие хIухьел босизе рес щолеб хIал гьабуна, цинги, хIажатаб тIоцебесеб кумекги гьабун, больницаялдеги щвезавуна. Гьелъул лебаллъиялъ 7 лъимадул эмен хвасар гьавуна.
ЦIаралъеги реццалъеги муста­хIикъай йиго гьей магIа­рулай. ГIун бачIунеб гIелалъе гьеб буго лъикIаб мисалги. Нижецаги хъвана гьелъул хIакъалъулъ районалъул газеталда, МухIамадгъазиевасул гIа­гарлъиялъул ва лъимал-хъизаналъул рахъалдасан, Равшаниегун гьелда цадахъ рукIаразе баркалаги загьир гьабуна.
М. Чупалаев,
районалъул Херазул
советалъул председатель