Инсан ва тIабигIат

Квешаб ракь букIунаро, квешал бетIергьаби гьечIони

Набиюла Гъарачаев: «Рищни балеб къали лъезе бакIцин тун гьечIо – кинабго бичун буго»

Экологияб рахъ лъикIлъи­забия­лъул муралда, сверухълъи рищни-къу­лалдаса бацIцIад гьабулел цIиял къагIидаби хIалтIизаризе байбихьун буго улкаялдаго. Россиялъул 85 субъекталда гьоркьоса 69 регион гурони «рищнидул реформаялде» хIудурго батичIо. Дагъистанги, кколеб къагIидаялда, гьеб реформаялда рекъон хIалтIизе лъугьине бажариялда щаклъи букIана (рищни бакIари, гьеб полигоналде баччи, батIа гьабун къачIай ва ракьулъ букъи). ТIубараб республикаялдаго гьанжелъизегIан букIинчIо сах-саламатаб куцалда хIалтIулеб рищни-къул балеб полигон. Къокъабго заманалда жаниб ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ Избербаш ва Гъизляр шагьараздаса рикIкIад гьечIел бакIазда кIиго полигон гIуцIана.
«Республикаялда рищни-къул баччулел рукIарал цо-цо компаниял 2018 соналъул ахиралда кIиго-лъабго анкьалъ хIалтIулелцин рукIинчIо. Гьезда лъалеб букIиндалха лъагIалил ахи­ралда жидергун къотIи-къай гьа­бизе гьечIеблъи. Избербашалда хIал­тIулеб букIараб компаниялъ декабралъул ахирисел къоязда шагьаралда лъун рукIанщинал къалалцин (350) нахъе росун ратана. Гьединлъидал нижеца кIиго къоялда жаниб шагьаралда киса-кирего цIиял къалал лъуна, рищни баччулел машинабиги чIезаруна.
ЦIияб къагIидаялъ рищни-къул бакIариялъул программаялда ре­къон, щибаб шагьаралъул ва районазул нухмалъиялъ чIезаризе кколаан регионалияв операторас рищни-къул балел къалал лъезе хасал майданал. Амма гьеб хIалтIи лъицаго гIумруялде бахъинабичIолъиялъ, нижер ведомствоялъ тIадчIей гьабизе ккана шагьаразул къватIазда гьединал бакIал къачIаялда», — ян бицана «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас.

БатIа гьабун къачIазе буго

Рехсараб министерствоялъ тIад­чIей гьабулеб буго къватIазда рищни балел бакIал къачIаялда ва гьенир ругел басриял къалазул бакIалда цIиял хисун лъеялда, планалде босун буго рищни-къул батIа гьабулеб микьго комплекс гIуцIизеги.
«Министерствоялъ жаваб кьо­ла гIадамаз щибаб къоялъ къва­тIи­бе балеб рищни-къул (ТКО) тIагIина­биялъул (гьелдаса цогидаб материал гьабун яги ракьулъ букъун), гьединго цогидал хутIелазулгунги хIалтIи гьабизе буго. Республикаялда лъица­ниги хIалтIи гьабулеб гьечIо лъамамесед жаниб бугел чирахъал ва цогидал алатал, медицинаялъул ва биологиялъулал хутIелал, машинабазул бурдул, басриял компьютерал, ралел бакIазда нахъе хутIараб къайи ва цогидабги, ай гIадамазе зарал бугебщинаб тIагIинабиялъул мурадалда. Гьеб кинабго къалазухъеги бан толеб буго ва хадуб рощногохIазда хутIулеб буго», — ян бицана министрас.
ХIисабалде босун буго, лъамамесед жаниб бугел чирахъал ва алатал гIадамазе зарал букIинаредухъ, «КЭМЗ» ОАО концерналда, загьруял жал нахъе гьарун рацIцIад гьаризе.
«Жакъа къоялда санитарияб ра­хъалъул суал жеги тIубан гьечIо. Ква­тIичIого гьеб суалги тIубазе бу­го. Машинадул хварал бурдузул цо­гидаб къайи гьабизе буго «Экопром­лайн» ООО предприятиялда. Хварал бурдузул гIисин гьабураб резина биинеги гьабун цогидал алатазда бахине хIалтIизабизе бегьула. Дербенталда буго медицинаялъул ва биологиял хутIелал гIадамазе зарал ккеларедухъ тIагIинабизе бажарулеб алат. Киналниги регионалиял операторазда цебе масъала лъун буго — гьединал алатал цогидал бакIаздаги гIуцIизе», — ян абуна Н. Гъарачаевас.

Анлъго оператор

«Регионалиял операторал жидерго хIалтIуде лъугьана 2018 соналъул 31 декабралдаго. Нижеца республика бикьана анлъго бутIаялде. Анлъго регионалияв операторасда гьоркьоб бикьун буго рищни бакIариялъул хIал­тIиги. Гьезул цо-цоязулгун къотIи-къай хъвана 10 соналъул болжалалъе, цогидазулгун — 15 соналъул болжалалъе. Амма ниж дандчIвана цо масъалагун: цогIаги шагьаралда яги районалда рищнидул къалал лъезе дандекколел бакIал гьечIо, гьел киналго ричун ратана. Нагагь ратаниги, гьел руго шагьаралъул централиял къватIазда, КОРалъул рагIаллъабазда – гьебин абуни бегьулеб жо гуро», — ян лъазабуна ДРя­лъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министрас.
Набиюла Гъарачаевасул баяналда рекъон, шагьаразда рищнидул къалал ракьулъ лъезеги бегьулеб буго. Гьеб хIалтIи гIумруялде бахъинабизелъун специалистазулгун гIакълу дандбалеб бугин бицана ведомствоялъул нухмалъулес.
МахIачхъалаялда ва Каспийскалда хIалтIулеб «Лидер» компаниялъ, рии тIаде щвелалде, рищни-къул баччулеб 40 машинаги босизе буго.
ЦIияб къагIидаялда рищни-къул бакIариялъул программаялъе, миллиардгун 600 миллион гъуруш инвестициял риччазе руго. Гьединго Хъумторхъала районалда рищни-къул батIа гьабулеб завод базе тIа­деги 600 миллион гъуруш щвезабизе инвесторазулгун къотIи гьабулеб буго.
«Нижеда ракIалда буго исана Ма­хIачхъалаялда, Каспийскалда, Дер­­бенталда ва Хасавюрталда рищни-къулалъул 500000 тонна батIа гьа­бун къачIазе бегьулел бакIал гIу­цIизе. ТIа­деялъул республикаялъул цогидал ша­гьаразе ва районазе жеги ункъо гье­динабго рищни-къул батIа гьабун къа­чIалел бакIал гIуцIизе руго», — ян би­цана Набиюла Гъарачаевас.

ГIадамазда гIайиб гьечIо

Базаразда гьан бичулел гIадамаз боцIи хъун хадуб кинабго чороклъи бала рощнол къалазухъе. Гьелъ сверухълъиялдаго чороклъиги тIи­битIула, махIги бахъинабула. Амма гьеб ричарухъабазул гIайиб гуро, гьединаб чороклъи базелъун бихьизабураб бакI гьечIелъул щиб гьезги гьабилеб? Цебе республикаялда рукIана хварал хIайванал яги хIайваназул ургьимес ва цогидаб чороклъи букъулел бакIал. Гьанжейин абуни гьединаб бакI цониги шагьаралда яги районалда гьечIо.
«Рищни бакIариялъулъ цIияб къагIида хIалтIизабун бажаруларин абулезда ракIалде щвезабила, чанго соналъ цебе республикаялъул шагьаразда аскIор ругел рощногохIал рухIулел рукIана, самолетазецин квал­квал гьабулаан шагьаралда тIад лъураб кIкIуялъ. Гьел гохIал лъу­гIизаризе ва цIа свинабизе бажарула­рин ахIи балел рукIана гIадамал, амма дагь-дагьккун гьеб рахъги рукIалиде ккезабун бажарана. 2019 соналдаса байбихьун 2024 соналде щвезегIан, ихтияр гьечIого гIуцIарал киналниги рощногохIал тIагIинаризе руго, гьениса рищниги нахъе босун, ракьги цIигьабизе буго. ГIадамазда гIайиб гьечIо къватIазда рищни гIемерлъунин абун. Жиндир заманалда рищни нахъе бакIарулеб ва гьеб рищни-къул батIа гьабулеб заводалде баччулеб бугони, ша­гьаразул къватIал ва республикая­лъул тIабигIат дагь-дагьккун ба­цIцIа­лъизе буго», — ян лъазабуна ДРя­лъул тIабигIиял сурсатазул ва эко­логиялъул министрас.
ПатIимат СултIанмухIамадова