Миллаталъул тIалабалда

МацI бугони — буго халкъ, мацI гьечIони — гьечIо халкъ

14 февралалда «Гьудуллъиялъул рокъоб» тIобитIана «Дагъистаналъул халкъазул
мацIал цIуни ва церетIезари» абураб цIаралда гъоркь гургинаб стол

Гьеб данделъиялда гIахьаллъана Пачалихъияб Д­умаялъул депутат, «Рахьдал мацIазул ассоциация» гIуцIиялъул нухмалъулев ХIажимет СапаргIалиев, ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумарова, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалей, рахьдал мацIазул учительзаби, вузазул преподавательзабигун студентал ва журналистал.
Данделъиялда рорхана гIезегIан кIвар бугел суалал, бицана жакъа щивав чиясда церечIун ругел масъалабазул. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ нижеца гIатIидго бицине буго газеталъул хадусеб номералда.