ЧIухIула, Дагъистан, дур харбидалъун…

4 февралалда, имам Шамил хвараб къоялъ, гьесул хIурматалда батIи-батIиял тадбирал тIоритIи гIадатлъун лъугьун буго

 

ХIамзатил Расулил цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, имам Шамилил цIаралда бугеб гуманитариял цIех-рехазул централъул хIаракаталдалъун, тIобитIана гьев миллияв багьадур, кIудияв инсан, рагъулав цевехъан, гIалимчи ва шайих ракIалдещвеялъулаб сордо.
Хваралдаса 148 сон баниги, кинаб политика пачалихъалда букIаниги, кIочон толев гьечIо халкъалда жиндирго бахIарчияв, дунялалдаго цIар рагIарав вас. Щибаб цIияб гIелалъе, хасго гIолохъабазе бокьун буго гьев кIудияв инсанасул хIакъалъулъ кIванагIан гIемераб жо лъазе, мухIканго, гъваридго ва камилго бичIчIизе гьесул инсанасулаб тIабигIатги бечедаб тарихги.
Гьедин гьеб букIин бихьизабуна исана 4 февралалда тIобитIараб тадбиралъги. Аслияб куцалда гьенире данделъунги рукIана гIолохъанаб гIел: студентал, цIалдохъаби, бизнесменал, гIелмиял хIалтIухъаби, политикал ва жамгIиял хIаракатчагIи. 190 чиясе хIисаб гьабураб залалда, гIодор чIезени щайгурин, рахъун чIезецин бакI букIинчIо. 200-гIанасев чи къватIивги хутIана, хъаравулзабаз жанире риччачIого.
Данделъиялъул сурат берцин гьабуна гьенире рачIарал гIолохъанал ясазги руччабазги. Цере-цере гьел къанагIатцин рукIунароан гьединал тадбиразда. Гьеб хIужаялъги бихьизабулеб буго имам Шамилидехун халкъалда гьоркьоб рокьиги гъираги цIикIкIунеб букIин. Гьедин, гьений йикIарай цо пуланай гIаданалъ, тадбир лъугIун хадуб, гьелъул хIакъалъулъ Интернеталда хъван бугоан гьадин: «Гъираялда гIинтIамуна тарихчагIазухъ, гIалимзабазухъ ва лъана жеги гIемерал гIажаибал хIужаби имам Шамилил гIумруялъул хIакъалъулъ. Гьанже дица жеги кIудияб шавкъгун ва рекIел соройгун бижизабизе буго дирго лъималазулъ Дагъистаналъул тарихалде рокьиги хIурматги», — ян.
Рехсараб тадбиралда Шамилил хIакъалъулъ лъаларел, жеги гIелмуялде жанире рачинчIел, цIиял хIужабазул суалалгун церерахъана тарихиял гIелмабазул доктор ХIажимурад Доногъоги, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевги, тарихиял гIелмабазул кандидат ШагIбан ХIапизовги. Масала, ХIажимурад Доногъоца бицана гъоркьиса риидал Чачаналде гьабун букIараб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьениб, ГIалистанжи росулъ, чачаназ бицухъе, юкъун йиго имам Шамилил эбел Баху-Меседо. Амма гьеб хIужа дандекколаро хIакъикъаталде, щайгурелъул, Къарахъа МухIамадтIагьирил тIохьода кьурал баяназда рекъон, гьеб росулъ юкъун йиго имамасул лъади ПатIимат. Гьесул эбелалъул хоб буго Генуб росулъ. Гьединго ХIажимурад Доногъоца бицана гъоркьиса чанго гьалмагъгун цадахъ АхIулгохIалъул нахъисеб, бихьулареб рахъалъул гьабураб хал-шалалъул хIакъалъулъги. Гьенибе бахъараб цIакъ захIматаб, хIинкъараб нухалъул хIасилалда, гIалимчияс бицухъе, гьесда гIицIго гьениб бичIчIун буго гьеб машгьураб гохIалъул хIакъикъияб суратги, гьеб цIунулезул бахIарчилъиги, гьезда бихьараб къоги. ГIалимчияс бицунелдехун гьенир рукIаразул жеги цIикIкIун кIварбуссинабуна, АхIулгохIалъул рагъулъ гIахьал­лъарав, хадув Россиялъул рагъул министрлъун вукIарав Д. А. Милютиница гьенир квералъ рахъарал цIакъ къиматал суратаз.
ГIалимчияс абуна жиндие гIе­ме­рал суалал кьолила гIолохъабаз щив авторасул, кинал тIахьал жидеца Кавказалъул рагъул, имам Шамилил хIакъалъулъ цIализе лъикIал рукIинелилан. Гьеб суалалъе жаваб хIисабалда, гьес экраналда рихьизаруна гьеб темаялда тIасан хъварал батIи-батIиял авторазул асарал ва абуна гьездаса бегьилила пайда босизе.
Филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас жиндирго кIалъай сайгъат гьабуна къватIисел улкабазда ругел имам Шамилил наслабазул тарихалъе. Гьес бицараб жоялъги рихьизарурал къиматал ва къанагIатал суратазги кIудияб чIаголъи бижизабуна тадбиралда гIахьаллъаразда гьоркьоб.
ГIалимчияс борхараб кIиабилеб суал букIана имам Шамилие турказул падишагь ГIабдул-ГIазизица генералиссимусасул цIар кьеялда бан. Ахирал соназда гIусманиязул архивазда гьарурал цIех-рехазул хIасилалда гьенир ратана гьеб цIар кьеялъул хIужа баян гьарулел документал. Гьезда гьоркьоб къиматаблъун ккола имам Шамилиеги, гьесул вас ГъазимухIамадиеги, Илисуялдаса Даниял-бегиеги, Таргъуялъул шамхал Абумуслимиеги ва цогидазеги рагъулал цIарал кьеялъул хIакъалъулъ бицунеб документ.
Имам Шамилил рукIарал машгьурал наибзабазул цояв, Илисуялдаса Даниял-бегил балагьаб гIумруялъул, Истамбулалда, КаражаахIмад хабалазда гьесул хоб батиялъу­л хIа­къа­лъулъ бицана тарихчи ШагIбан ХIапизовас.
Гьарурал кIалъаязги, рихьизарурал документазги, суратазги, суалазе кьурал жавабазги кIудияб асар гьабуна тадбиралда гIахьаллъаразе. Бихьулеб букIана, жакъасеб гIо­ло­хъанаб гIелалъе тарихияб лъай гIолеб гьечIолъи, гьеб гьелдехун цIалеб букIин ва гьениб хасаб бакI кколеб букIин имам Шамилил, гьесул гIумруялъул гъазаваталъул те­мабаз.
Жеги цо чанго соналъ цебе имам Шамил хвараб къоялда хурхун тадбирал тIоритIулел рукIана гIицIго Дагъистаналда. КъватIисел улкабаздайин абуни – Турциялда. Гьанже­йин абуни 4 февраль, кIудияв имам ракIалдещвеялъул къо хIисабалда, бахун буго халкъазда гьоркьосеб даражаялде.
ЛъагIел байбихьаралдаса нахъе имам Шамилил темаялъ кIудияб бакI ккуна социалиял гьиназда. Гьесул хIурмат гьабун, 3-4 февралалда Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги вакилзабазул диаспорабазги, жамгIиял гIуцIабазги, жамагIатазги тIоритIана мажлисалги, мавлидалги, кIалъаялги, бачана зикруги, цIалана лециялги. Гьедин, 5 февралалда Томск шагьаралъул мажгиталда, имам Шамил хваралдаса 148 сон тIубай кIодо гьабун, зикру бачана ЦIоралъул магIарулазул жамагIаталъ.
Цебехун абухъего, кIочон толев гьечIо имам Шамил къватIисел пачалихъаздаги: ГIиракъалда, Иорданиялда, Турциялда ва цоги бакIазда. 4 февралалда гIемерал гIадамазда ракIалдещвана гьев, гьесул рухIалдасан гьабуна дугIа-алхIам. КIудияв имамасул хIакъалъулъ хъварал макъалабазги, баяназги, пикрабазги, гьесул суратазги кIудияб бакI ккун буго, масала, Россиялъулги къватIисел пачалихъазулги сайтазда.
Турциялъул Анкара, Баликесир, Бурса, Кахраманмараш, Муш, Сивас, Токат ва цоги шагьаразда февраль моцIалъул байбихьуда дагъистаниязулги Северияб Кав­казалъул мугьажирзабазулги жамагIатаз ва жамгIиялгун политикиял гIу­цIа­баз тIоритIана имам Шамил ра­кIалдещвеялъе сайгъат гьарурал ба­тIи-батIиял тадбирал. Масала, 4 февралалда «Кавказ» фондалда «ГIусмани архивазда имам Шамил» абураб темаялда тIасан лекция цIа­лана тарихчи, профессор Мустафа Озсойица, Гюней росдал мажгиталда бачана мавлид.
Щибаб соналъ, 4 февралалда ни­лъе­да ракIалдещола имам Ша­мил, гьесул гIумру, рагъулаб хIа­ракатчилъи, рикIкIадаб Мадинаялда гьесие щва­раб Аллагьасул къадар ва гьеб гу­реб жеги гIемерабги. Гьелдаго ца­дахъ бичIчIулеб буго нилъгоги кIо­долъулел, камиллъулел рукIин, кIодолъулеб букIин нилъер гьудул-гьалмагълъи, цоцаздехун бугеб гьоркьоблъи, къадру-къимат, адаб ва хIурмат. Гьеб буго имамасул баракатги шапагIатги. Нилъ, магIарулал, чIаго ругебгIан мехалъ, нилъер хал­къалда кIочон тезе гьечIо имам Шамил, нилъер щивасул рекIелъги пикруялъулъги букIине буго гьесул гьайбатаб сипатги дунялалда ватIан рагIизабураб бахIарчияб гIумруги. :
АхIмад МуртазагIалиев