Ракьалда лъалкiал

КIудияб хъизамалда талихIги гьарзаяб букIуна

ХIинкъуге гIемерал лъимал гьаризе. Гьел гIемерлъанагIан, гьарзалъула рукъалъул талихI

Гумбет районалъул МелъелтIа росулъ букIана рохалилаб тадбир – эбелалда байрам ва республикаялъ кьураб иргадулаб шапакъат баркизе данделъун рукIана лъималги, лъималазул лъималги, гIагарлъиги.
— Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. РукIана нижер кIудияб хъизамалда захIматал къоялги, ункъо гъурушалъухъ 10 лъимер кваназабизе ккараб заманги. Рецц ТIадегIанасе, гьабсагIаталда ниж цIакъ лъикI руго. Бугониги, рекIее лъикIаб асар гьабула, нилъеде тIалъиялъ кьолеб бугеб кIвар бихьидалги, — гьадин байбихьана хабар кIудияб хъизамалъул бетIер МухIамад СагIидовас.
МелъелтIисезда лъала гьеб кIудияб хъизамалъул гIумру кинаб букIарабали. Гьебин абуни букIана бигьаяб гуреб, амма кIудияб хъизамалъул талихIаб нухдасан унеб. Бащдаб гIасруялдасаги цIикIкIараб заманалъ гьабулеб буго цадахъ гIумру МухIамадицаги Анисатицаги. Гьез гIезабуна анцIго лъимерги: анкьго ясги лъабго васги. Бищун гьитIинав СагIидил жакъа буго лъебергоялдасаги цIикIкIун сон. Гьанжеги киназго хIикмалъи гьабула кингIагидайин анцIго лъимер хьихьунги, щивасул хъизан гIуцIунги МухIамадихъаги Анисатихъаги бажарарабилан.
Лъабавго васасе минаги базе, ясалги ригьнаде кьезе, гьезие лъикIаб тарбияги кьезе ккани, гьеб расги бигьаяб иш гурелъулха. РакIалде ккана МухIамадилги Анисатилги гIумруялъул балъголъабазде яккизе.
— Доб заманалда, ай цо лъимер хьихьизе ункъо гъуруш кьолел къояз, бигьа букIинчIо. ТIадежоялъе хIалтIизе бакIалги рукIинчIо, — ян байбихьана МухIамадица жиндир­го хабар. — Рес букIана цохIо колхозалда хIалтIизе. Дир хъизан Анисатги яхъи­не ккана Тельманил цIаралда бугеб колхозалда хIалтIизе. Цо лахIзаталъ цебечIезабеха гьадинаб сурат: анцIго лъимадуе цин квен гьабе, гьелде тIадеги гьезие къваригIунебщинаб хъулухъ, хадубги — квен-тIех, нухда бачине кколеб рукъалъул магIишат, гьеб киналдего тIадеги колхозалда хIалтIи. КиналгIаги бигьалъаби рукIинчIо гьелъие, ахиралдаги, захIматкъоял гIолел гьечIиланги абун, гIарацги кьолароан. Доб мехалда нижер гIадаб лъимал гIемераб хъизан жеги кIигоги букIана районалда.
— Кин кьураб нужеца лъималазе тарбия? Бищун кIудияб кIвар сунде кьолеб букIараб?
— Дагъистаналъул киналго хъизамаздаго гIадин, нижецаги тарбия кьеялъулъ хIалтIизаруна магIарул яхI-намусги, тIадегIанлъиги, чилъи­ги борцунел ва цIунулел къанунал. Васазеги ясазеги кьолеб тарбиялъулъги букIана батIалъи. Васазулъ куцалеб букIана къуватги, къвакIиги, хъизамалда цебе жавабчилъи цIикIкIинги. Ясал куцана хъизамалъул гъансито цIунизе тIадаллъун. Васаз хъулухъ гьабуна армиялдаги. Нижер тарбиялъул мурадги букIинчIо гьел бищунго лъикIаллъун лъугьине кколин абураб. Амма лъалаан ва бичIчIулаан, кинаб ахIвал-хIалалде кканиги, гьел унго-унгоял гIадамаллъун хутIизе ва рукIине кколеллъи.
— МухIамад, кинха нужее гIолеб букIараб гIарац хъизан хьихьизе?
— Дун хIалтIулев вукIана механик­лъун. Риидалил заманалда унаан хъу­таналде, комбайналда хIалтIизе. Гьенив хIалтIаралъухъ дие щолаан 5-6 тонна ролъул. Гьелде тIадеги кьо­лаан силос, хер. Рес гIуна, боцIи-панз, чахъу-хух хьихьизе. Гьединго магIарухъ, росдадаса рикIкIад ко­лода, бекьулаан картошка, лама­дур, чIакIултIан ва цогидабги. Гье­нир хIалтIизе гIун рачIунел ясал­ги рукIана. Гьел радал хехго тIа­де ра­хъинеги кколаан. ГIачиги ре­чIчIулаан, хурир-харинирги хIал­тIу­лаан.
— Дида рагIана сундулго рахъалъ мисалияб хъизан букIанин нужерилан…
— Мадугьалзаби гIемер щолаан нижехъе къваригIараб-таралда хадур. Амма киданиги рагIулароан гьезда нижер рокъоб ахIи-хIур. Гьел хIикмалъулаан, анцIго лъимер бугеб хъизамалда жаниб бугеб сихIкъотIи бихьун. Щайгурелъул гьелъие заман букIинчIо, щивасул рукIана жиндаго тIадал ишал. Цо-цояз дида гьикъу­лаан лъабго лъимер бугеб жидер рокъоб букIунин ахIи-хIур, дирин абуни гIодобебиччай бугилан. Кинила гьеб бажарулебилан абун.
— Кинха бажарулеб букIараб?
— Гьеб ккола дир хъизан Анисатил тарбиялъул балъголъи. Гьей киданиги лъималазде ахIдолароан. Гьезги гьелдаса босана мисал, цоцазухъ гIенеккана ва цоцазе кумек гьабизе ругьунлъана. АхIдон цоцазде кIалъай нижер хъизамалда букIараб тарбия гуро.
— Кин гьединаб низам чIезабун бажарулеб кIудияб хъизамалда?
— Ниж киданиги семулароан лъималазде. Гьел мекъи рукIин бихьаниги, малъун гьабулаан. Киданиги гьабичIо гьезде гIайибги. Ясаздаяли щиб гурин, жеги цониги нухалда васазда кьабичIо нижеца. Анлъго сон байдал, какалги рана лъималаз. АнцIго сон гьез байдал, Къуръанги малъана цIализе. Гьедин бачIун батила нижехъе баракатги иманги.
— ГьабсагIаталда лъимал кир ругел? Кинаб бугеб гьезул къисмат?
— Хъизан Анисатица анкьго класс гурони лъугIизабун букIинчIо. Амма лъималаз цIали гьабуна. Нажмудин цIалана МахIачхъалаялда бугеб Москваялъул нухазул института­лъул филиалалда. ХIажимурадица лъугIизабуна механизаторал-бульдозеристал рахъунеб училище. Низамудин цIалана Дамаскалъул исламияб университеталда. Шагьрузатица лъугIизабуна Хасавюрталъул аграриябгун зкономикияб колледж. КIиго яс хехго ригьнаде кьуна. Гьезул киназулго буго хъизан-рукъ. Рецц Аллагьасе — дун разияв вуго дирго гIумруялдасаги лъималазул талихIалдасаги.
— Нужер лъималазе нужеца кьечIого хутIараб жо бугищ?
— Нижер лъимал кидаго рази рукIана сундасаго, нижеца гьезие гьабулелдасаги кьун бажарулеб бугелдасаги. Кинабго букIана гьоркьохъеб къагIидаялда. Гьезие цIакъ бокьулаан рацIцIа-ракъалъи. Школалдаги гьелъул рахъалъан мисалиял рукIана гьел. Амма ясли-ахалда бакI щвечIоха нижер лъималазе. Гьенире, аслияб къагIидаялда, росулаан хъулухъчагIазул лъимал. БитIун бицани, захIматго букIана. Гьанже гIадин, хIухьлаца ракулел пучдулги, черолел машинабиги, цогидал санагIалъабиги рукIинчIелъулха. Киналго кьижулаан цохIо рокъор, печалда сверухъ.
Нижеца хабар бицунелъул, сихIкъотIун гIенеккун чIун йикIана Анисатги. Дица гьелда гьарана росасул хабаралде тIаде дагьа-макъабго жо жубайилан.
— Дун цIакъго хехго яхъунаан тIаде — ункъо-щугоялдаго. ГIачиги речIчIун, гьел рохьдолъе гъолаан. Гьелдаса хадуб лъималазе квен гьабулаан. Нижер рокъоб кидаго букIунаан рахь, дицаго щар чIван, бахъулаан нису-нах. Къойил черезеги кколаан. Лъимал школалдаса рачIиналдеги, квен хIадурулаан. Ясазе цIакъ рокьулаан цIурачадал, васазе — хинкIал. Гьабулеб кинабго хIалтIулъ дир кумекчагIилъун рукIана лъимал. Хасго цIикIкIарай ясалъ кверчIвалаан сундаго.
Дие битIккана дир хьолбохъ дунги дир захIмалъабиги ричIчIулев гIумруялъул гьудул вукIинги. Гьес кидаго гьабулаан дие кумек. Гьанже дагьа-макъабго дун унтидалгицин, дир тIалабалда вуго, рукъалъул магIишат бачинеги кумек гьабулеб буго, кидаго гIадин. ГIумру гьабизеги бигьалъана. Лъималги кIудиял гIуна. Гьанже нижехъе къойил рачIуна лъималги гьезул лъималги.
— Васазе минаби рай нилъер гьаниб тIадаб жо буго. Нужер васазул ругищ жалго бетIергьанал минаби?
— Щивасул буго, цIакъго чIухIараб гьечIониги, гьоркьохъеб мина. Дица ТIадегIанасе кIудияб рецц гьабула гьадинав росасухъги иман бугеллъун лъугьарал лъималазухъги. Жакъа дун ккола бищунго талихIал улбузул цояй. Жакъа дие щвараб гьаб шапакъатги — гьебги ккола дир талихIалъул иргадулаб гIаламат­лъун. Гьадинал лахIзатаз кIочон тола захIмалъабиги. ХIурматиял улбул, хIинкъуге гIемерал лъимал гьаризе. Гьел гIемерлъанагIан, гьарзалъула рукъалъул талихIги. Гьениб бижула кIудияб рокьиги. Дун чIухIарайги йохарайги йиго дица ватIаналъеги диегоги пайдаялъе гIезарурал лъималаздаса.
ПатIимат Расулова