ЖамгIияб транспорт

Гьоко мекъса къиругеги, гIакълу мекъса сверугеги

 

«Лъабабилеб паркалъ» жалго жидедаго чIарал перевозчиказул
табуталда кьабулеб буго ахирисебги магI

Ахирал къоязда тахшагьаралда бицунеб аслияб хабар буго жамгIияб транспорталда рекIадухъ багьа цIикIкIинабиялъул хIакъалъулъ. Масала, троллейбусалда рекIаралъухъ 13, автобусалда рекIаралъухъ — 15 гъуруш, кин батаниги, хIехьезе бегьила, амма маршруткаялда рекIаралъухъ 23 гъуруш боси буго пенсионеразда, студентазда ва мискинал гIадамазда кьабулеб иргадулаб цIал. Гьелъул хIакъалъулъ хабар ккедал, АсхIабов ГIалиасхIабица абуна: «Дун ккола лъабго лъимадул эмен. Юк баччулеб машинаялда хIалтIун, моцIрое щола 16 азарго гъуруш. Дир кIудияв вас — студент, ясал – школалъул цIалдохъаби маршруткаялда рекIун ине ккола цIалуде. Сундулго багьа бахинабулеб буго, лъабго лъимер киндай хIебтIилаян ургъалилъе ккун вуго дунги», — ян.
73 сон барав пенсионер ГIалиев МухIамадица абуна: «12 азарго гъуруш буго дир пенсия. Гьелъул гIемерисеб уна дарабазухъги коммуналиял хъулухъазухъги. Гьоркьо-гьоркьобниги гьанги пихъги къваригIинарищ? РекIаралъухъ багьа цIакъго цIикIкIинабуна, гьанже ниж чай-чедалде рачIине ккелаха», — ян.
Гьелъул хIакъикъат лъазабия­лъул мурадалда, нижеца ният гьабуна цIех-рех гьабизе. Масала, Редукторазул поселокалъул № 23 маршруткаялъул шоферзабазухъе щведал, гьелги ратана гьеб суалалда тIасан дагIба-рагIиялда. ПалхIасил, гьел рази руго 17 гъуршиде пассажирал раччизе.
МахIачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъул № 2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас абуна рекIадухъ багьа 15 гъуршиде бахинабизе кканила чара гьечIолъиялъ. «ЖамгIияб пассажиразул транспорт хIукуматалъул кумек гьечIого тIубаларо. Нижер автобусал рикIкIуна социалияллъун, ай ресукъал гIадамазе учузаб транспортлъун. 2017 соналда дотациялъе кьезе кколеб букIараб 64 миллионги, 2018 соналъ кьезе кколеб букIараб 19 миллионги жеги щвечIо. Гьеб гуребги, хIисаб гьабидал, бичIчIулеб буго, банкротлъиялде нижер предприятиеги ккезабун, тахшагьара­лъул санагIатаб бакIалда бугеб гьеб ракьалда чванта бицатал хIакимзабазе гIемертIалаял минаби разе бокьун букIинги», — ян абуна Сулеймановас.
МахIачхъалаялъул администрациялъул промышленносталъул, тран­спорталъул, бухьеналъул ва ну­хазул магIишаталъул управлени­ял­даса щвараб баяналда рекъон, хIук­му гьабун буго шагьаралда жаниб маршруткаялъухъ рекIаралъухъ багьа 17-ялдаса 23 гъуршиде, Ленинкен­талде — 22-ялдаса 32 гъуршиде бахинабизе. Управлениялъул нухмалъиялъ абуна, багьа цIикIкIинаби кколила кьучIаб хIукму. ЦохIо МахIачхъала хутIун букIанила 2014 соналдаса нахъе багьа бахинабичIеб шагьар. «Нижеца абулеб буго 23 гъуруш босеян. ХIакъикъаталдайин абуни, маршруткаялда рекIаралъухъ босизе ккола 24 гъуруш. Управлениялъул планалда буго маршруткаби 1-1,5 сагIаталъ социалияб транспорт гIадин, рекIаралъухъ 15-17 гъурушги босун, хIалтIизаризе. Тариф цIикIкIинабиялъе гIилла ккола МахIачхъалаялъул жамгIияб транспорталъул автопарк цIигьабизе хIажат букIин. Планалде босун буго тIолалго маршруткаби гIисинал автобусаздалъун хисизе. «Третий парк» компаниялъ 2017 соналъул августалда 50, 2018 соналъул маялда 230 автобус босана. Гьеб гуребги, сентябралда цIикIкIана путевкабазухъ кьолеб гIарацги. Бищунго цIикIкIун кьезе ккола «2 как троллейбус» абулел маршруткаялъул шофераз — 10150 гъуруш, № 25 маршруталда хIалтIулез — 7000 гъуруш, № 61 маршруталъулаз — 6200 гъуруш. Путевкаялъул бищунго гIодобегIанаб багьа буго 4500-5000 гъуруш», — ан бицана рехсараб управлениялда.
ДРялъул предпринимателазул ва водительзабазул чияда бачIеб профсоюзалъул председатель ГIисалмухIамад Набиевас абуна, троллейбусалда рекIаралъухъ 13 гъуршиде ва «Метан» автобусалда рекIаралъухъ 15 гъуршиде багьа бахинаби экономикияб рахъалъ кьучI бугеблъун кколила. Щайгурелъул анцIго гъуруш букIанила цIакъго учузаб багьа, хIукуматалъ кьолеб мукъсанабго компенсациялъ гьезда тIад гьарулел рукIарал харжалги рецIулел рукIинчIила. «Маршруткабазул шоферзабаз абулеб буго рекIадухъ багьа цIикIкIинабизе бегьуларин. Перевозчиказ цоцалъ рекъон бахинабураб багьа кколин гьебилан. Гьединлъидал, водительзабазе бокьун батичIони, багьа бахинабизе ихтияр букIунаро», — ян абуна Набиевас. ГIарац бокьичIого гуро водительзаби багьа бахинабиялде дандечIун ругел, республикаялъул жамгIияб транспорталда тIад «Лъабабилеб парк» компаниялъ квер лъолеб бугеблъи лъан. «Транспорталъул министерствоялда, республикаялъул хIукуматалда ва шагьаралъул администрациялда, жидеего нухалги ратун, рекIадухъ багьа цIикIкIинабиялъул иш жигаралда цебе тункулеб буго «Третий парк» компаниялъул нухмалъулез. Гьез тIалаб гьабулеб букIана микьго гъурушалъ багьа цIикIкIинаби, «гIаданлъи гьабун» анлъго гъуршиде бачана. Маршруткабазда ре­кIа­ралъухъ тариф микьго гъурушалъ цIи­кIкIинабуни, лъагIалида жаниб гьеб компаниялъе тIадеги цо млрд. 350 млн гъуруш щвезе­хъин буго. Гьедин багьа бахинабия­лъул мурадги ккола перевозчиказул автопарк цIи­гьаби. «Лъабабилеб парк» компаниялда ракIалда буго монополистлъун лъугьине ва республикаялъул халкъалдаса бакIарараб гIарцухъ цIиял автобусал росизе. РекIадухъ багьа бахинабиги ккола республикаялъул жалго жидедаго чIарал перевозчиказул табуталда (гроб) кьабулеб ахирисеб магI. Дагъистаналда тIобитIичIо па­сса­жирал раччи гIуцIиялъул рахъа­л­ъ торгал. БатIи-батIиял соназ гьеб ры­нок бикьун букIана республикая­лъул хIукуматалъулги шагьаралъул администрациялъулги чагIазда гьоркьоб. ГьабсагIаталда ахIвал-хIал жеги квеш буго, щайгурелъул гьеб рынок кьолеб буго федералиял монополистазухъе. Жалго перевозчиказ абулеб буго тариф цIикIкIинабиялъе гIилла бугин газалъул багьа цIикIкIин. Газалъул багьа цIикIкIинабиялда рекъон рекIадухъ багьа бахинабулеб букIарабани, щивав пассажирасухъа босизе кколаан, анлъго гъуруш гуреб, 70-80 копеек», — ан баян гьабуна профсоюзалъул председатель ГI. Набиевас.
24 январалда махIачхъа­лая­лъу­лазде гьабураб хитIабалда ша­гьа­ралъу­л бетIерасул ишал тIуралев Му­рад ГIалиевас бичIчIизабуна багьаби цIикIкIинариялдаса живги рази гьечIилан. Жинда бичIчIулила транспорталъул компаниялда дандчIвалел захIмалъаби. Амма кинго лъазе кIолеб гьечIила щай 23 гъуршиде бахинабулеб бугебали. Кин гьез налогал, водительзабазе харжал ва бюджеталда гьечIел фондазде гIарац кьезе бугебали. Гьелда бан, мэрас абуна, администрациялъул пикруги загьир гьабун, гьеб масъалаялда сверухъ лъугьун бугеб хIалуцараб ахIвал-хIалалъул цIех-рех гьабеян гьарун, Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасухъеги, прокуратураялдеги, налогазул ва захIматалъул инспекцияздеги, полициялдеги, монополиялда дандечIараб хъулухъалдеги кагътал хъвазе ругин.
Тариф рекъезабиялъул рахъалъ, федералияб законалда рекъон, транспорталъулаб компаниялъул ихтияр букIуна рекIадухъ багьа жидецаго чIезабизе. МахIачхъала шагьаралъул администрациялъулин абуни, гьеб хисизабизе ихтияр букIунаро.
26 январалда Мурад ГIалиев дандчIвана Ленинкент посёлокалъул гIадамалгунги, «Третий парк» компаниялъул вакилзабигунги ва № 61 маршруталъул водительзабигунги. Ленинкенталъулаз лъазабуна жал рази гьечIила «Лъабабилеб парк» компаниялъ рекIадухъ босулеб гIарац 30 гъуршиде бахинабиялдаса. Ленинкенталде хьвадулеб № 61 маршруталъул водительзабиги рази руго 20 гъуршиде пассажирал раччизе. Хадуб шагьаралъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда мэрасул ишал тIуразарулес лъазабуна, гьеб масъала роцIцIинабичIого, жамгIияб транспорталда рекIаралъухъ босулеб багьа цIикIкIинабизе жинца гьукъулеб бугилан.
Нури Нуриев