Гара-чIвари

Умумузул квартIа-хъалахъ кIочонге

МацI цIуни гIицIго хъизамалде рехун тезе бегьуларин рикIкIунеб буго МухIамад ГIисаевас

Гьал къоязда нижеца гьоболлъухъ ахIун вукIана республикаялъул Пенсиялъул фондалъул нухмалъулев МухIамад ГIисаев. Гьев хIалтIана республикаялъул нухмалъиялда, районалъул бетIерлъун ва бизнесалда. Лъала гIадамал ва гIумру. Гьесулгун нижер хабар ккана гьабсагIат миллаталъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьеб гара-чIвариялъул гьитIинабго бутIа кьолеб буго гьаниб.

Суал: ГьабсагIаталда дунялалдаго чIахIиял мацIаз «кIкIунел» ругин абизе бегьила гIисинал мацIал. Нилъер ахIвал-хIал цо дагьаб батIияб буго, Дагъистаналда гIемерал мацIал рукIиналъ квалквал гьабулеб буго рахьдал мацI цIунизе. Гьеб захIмалъиялъул бицинего бицинароан, бищун квеш ккараб жо буго мацI лъугIулеб букIин нилъедаго унтулеб гьечIолъи. Дур пик­руялда, щиб гьабизе кколеб мацI цIунизелъун?
М: ЦIакъ захIматаб суал буго, щиб гьабизе кколебали цо течIого чиясда лъала, амма лъан гIолароха, цIунизеги ккола. ЦIунизе ккола хъизамалда, жамагIаталда.
Дица гIемер абула мацI нилъее ТIадегIанас кьураб шапакъат бугин, гьеб бицунгутIи хIакъ цIикIкIараб мунагь кколин. Гьеб жо бичIчIулев гIемерав чи хутIун гьечIоха. Жакъа аслияб къагIидаялъ бицуна гIурус, кIвар кьола ингилис мацIалде. Рахьдал мацIин абуни бесдалаб гIадин хутIун буго. Жакъа киниялдаса байбихьун, хъизамалда, кIудиял эбел-инсуца, улбуз гъасда бицунеб гьечIо рахьдал мацI. Гьеб буго тIоцебе дирги дида релълъарал гIемерал магIарулазулги мекъаб иш. Масала, чачанал мажгитаздаги, ясли-ахалдаги, школаздаги, жамагIатаздаги кIалъала гIицIго чачан мацIалда. Жидерго халкъалдаса, мацIалдаса чIухIун рукIуна гьел. БитIараб бицани, рекIелъ жахIдацин бижула. Ни­лъер гьанир гIемерал мацIал рукIиналъ киназго гIурус мацIалъ кIалъазе хIаракат бахъула. «ХIакъикъат» газеталъул коллектив буго гIицIго магIарул мацI, миллияб тарих, магIаруллъи цIунун церерахъунел чагIи. Ниж — хъулухъчагIи цо дагьал регIичIого, гьелде кIвар кьечIого хутIаниги, нужеца ниж рагъа-рачаризе гьарун — зинкIун, хIанчIун – кин гьабунги нижги халкъги рекIеда ратизаризе ккола.
Суал: Абула хъизаналда бицани, цIунун хутIулин мацIилан. Амма гIицIго хъизаналда бицараб мискинаб мацIалъ, тарих, маданият, адабият лъалеб гьечIони, цIунун мацI хутIилин абураб жоялда дун божуларо. Рахьдал мацIалъул бечелъи лъаларо гьеб мацIалъул адабияталъул бечелъи, умумузул тарих, миллияб гIадат-гIамал лъалеб гьечIони. Гьелде кIвар кьолеб хъизан къанагIат гурони дандчIваларо. Пачалихъа­лъул хасаб программаги гьечIого нилъерго гIадамазе бичIчIикьеялъул хIалтIиги гьабичIого, мацI цIунун хутIиялда щаклъулей йиго дун…
М: БитIараб буго. Нилъеца рокъоб бицунеб даражаялда гурони, лъималаздаги гьеб лъазе гьечIо. ЛъикIаб даражаялда мацI лъазе ккани, гьелда сверухъ гIезегIан хIалтIи гьабизе ккола. ГьабсагIат гьеб хIалтIи гьабулеб гьечIеблъи щивасда лъала.
РакIунтун гьеб иш цебе бачунев цевехъан вукIине ккола республикаялда, районалда, щибаб росулъ ва хъизамалда. Щай нилъеца гьединаб хIалтIи гьабичIого тун бугеб? Гьеб суал кьолеб буго дица диегоги киналго магIарулазеги.
Заман щун буго нилъее гьединаб ишалъе данде ракIаризе.
Суал: ГIадамал жакъа кан­тIи­заризе кIвечIони, метер иш хисизабун бажаруларо. Амма гьеб бигьаяб масъала гуро. Гьанже гIемерав чи гочунев вуго шагьаралде, гьанир шартIал лъикIал ругелъул. Шагьаралде гочунеб гIолохъанаб хъизаналъ жидерго лъимералда рахьдал мацI лъаялъул суал цебелъолебго гьечIо. МагIарул мацIалъ тIубалеб къваригIел батулеб гьечIо гьесда гьаниб гIодоблъиялда.
Гьеб заманалда росулъги мацI цIуниялъул суал борхулебго гьечIо. Гьенибги гьитIинаб къоялдаса «хъулухъ тIубалеблъун» ккун буго гIурус мацI.
М: ГIадамасе магIишат гьабизе къваригIуна мацI. ГIурус мацIалъ жиндаго тIаде босун буго гьеб хъулухъ. МагIишат гьабизе гIадамал гьукъун бажариларо нилъехъа, гьеб битIунги букIинаро. Росабалъа шагьаралде гочунгеян кин абилеб, гьесги магIишат гьабизе кколелъул. Цере росабалъ рукIарал заводал-фабрикал къана, гIаммал магIишатал риххана, жидеего санагIалъаби гьаричIого гIадамал чIелищ? Дун гьелда тIад гIемер ургъула.
Цебе МахIачхъалаялдаса Болъи­хъе щвезе тIубараб къо унаан, жакъа кIиго сагIаталда жанир щола гьенире. Ургъараб мехалъ гIемераб цебетIей буго цебеялда дандеккун гьанже. ГьедигIанго малъкъосун халкъги гьечIо. Амма нилъ магIарулал нилъерго гIадатаздасаги нилъерго мацIалдасаги нахъе кIанцIун чIун руго. Цебе цониги школа букIинчIо магIарул мацI малъулареб. Цоял жал магIарулал гурин чIун руго, цогидал гIиллаби ралагьулел руго, мацIин абуни лъугIун бахъунеб буго.
ГIемер пикру гьабула дицани бицунин магIарул мацI, дир лъималазги бицунин, лъималазул лъималазда лъаладайин гьаб мацI дун хвелелдейилан. Пикру гьабулеб гьечIо рухIияб рахъалъул, бечелъиялда хадур лъугьун руго нилъ.
ЦIияб сонги тIаде щваралъул, дагъистаниязе гьаризе бокьун буго щулияб сахлъи, нилъерго умумуз кьун букIараб квартIа-хъалахъ — нилъерго магIарул мацI цIунизе малъизе ва цебетIезабизе тавпикъ ва ракIазулъ иман. Иман рекIелъ гьечIони, лъикIал нигатал тIурачIого хутIула. МагIарул росабалъ умумузул минаби цIигьаризе рес бугеб, росдал годекIаби хин гьаризе гъира цIикIкIараб, лъималазул кинидахъ эбелалъул рахьдал мацIалда кучIдул цIикIкIараб, кIудиясул адаб гIемераб, шапакъатазул цIураб батаги нилъее ЦIияб сон.