Унеб соналъ рекIелъ тарал асарал

Баркула, магIарулал, тIаде щвараб ЦIияб сон

 

Дагъистаналъе ва дагъистаниязе гIезегIанго кIвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букIана 2018 сон.
Политикияб рахъалъ ракIалда чIолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетIерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. ЦIигьабун гIуцIана республикаялъул хIукумат. Артем Здунов тIамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кIвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В. Путин вачIин. Гьелъ рес кьуна хадубккун республика цебетIеялъул аслиял рахъал дандразеги 

Дагъистаналъе ва дагъистаниязе гIезегIанго кIвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букIана 2018 сон.
Политикияб рахъалъ ракIалда чIолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетIерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. ЦIигьабун гIуцIана республикаялъул хIукумат. Артем Здунов тIамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кIвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В. Путин вачIин. Гьелъ рес кьуна хадубккун республика цебетIеялъул аслиял рахъал дандразеги гьелъие кумек гьабизеги.
Гьаб сон дагъистаниязе, хасго нилъер миллаталъе чIухIилъун лъугьана ХIабиб НурмухIамадов дунялалъул чемпионлъун вахъиналда банги. Гьесул бергьенлъиялъ Дагъистаналъул цIар жеги лъикI рагIизабуна дунялалдаго.
Халкъазул ракIазе кIудияб асар гьабураб ишлъун ккана рахьдал мацIазде хIукуматалъ гьабулеб бугеб хашабго бербалагьиги. Дагъистана-лъул Халкъияб Собраниялъ, гьеб суал гьоркьоб лъун, бахIсал гьаруна. Божилъи буго ахIвал-хIал лъикIлъизе батилин абураб.