ХIисаб-суалалъе цIакъай Асият

Малайзиялда тIобитIараб къецалда лъабабилеб бакI ккуна магIарулалъ

 

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналдаса цIалдохъаби бергьенлъигун тIадруссана Малайзиялъул тахшагьар Куала-Лумпуралда тIо­би­тIараб менталияб арифметикая­лъул рахъалъ (ракIалда чIезабун хIисаб гьаби) дунялалъулго чемпионаталдаса. Арифметикаялъул къеркьеялъулъ гIахьаллъана 80 батIияб пачалихъалдаса 12000 лъимер. Чемпионаталда лъабабилеб бакI ккуна 11 сон барай Асият ГIумаровалъ.
Чемпионаталъул къецал рикьун рукIана лъабго бутIаялде ва гьезул цоябги букIана ингилис мацIалда. ХIисабалъулъ бищунго хехал тIасарищулеб хIалуцараб къеркьеялъулъ кIиабилеб бакI щвезе кIиго балл камуна Асиятие. Ucmas программаялда рекъон, ракIалдаса тархазул масъалаби гьаризе кколаан гIахьалчагIаз.
Асият ГIумарова цIалулей йиго МахIачхъалаялъул «Развитие» лъайкьеялъулаб центр» НОУялда. ИчIго сон баралдаса нахъе байбихьана гьелъ арифметикаялъул масъалаби гьаризе ругьунлъизе.
Асият ГIумаровалъул тIоцебесеб бергьенлъи гуро гьеб. Исана Испаниялда тIобитIараб, менталияб арифметикаялъул къецалда Европаялъулаб чемпионаталда кIиабилеб бакI ккун букIана гьелъ. Гъоркьисалаги гьей гIахьаллъана менталияб арифметикаялъул тIолгороссиялъул къецазулъ ва лъаб­абилеб бакI ккун букIана гьенибги. Дагъистаналда, апрель моцIалда тIобитIун букIараб гьединабго къецалда Асиятица тIоцебесеб бакI ккун бук1ана.
Асиятил эбел Жамиля ГIумаровалъ бицана ясалъе цIакъ бокьулин менталияб арифметикаялъул къагIида, гьединго кIвар кьолин немец мацIалдеги.
«Малайзиялда тIобитIараб чем­пио­наталда нижеца лъай-хъвай гьабуна Германиялдаса гIахьалчагIазулгун, гьез Асият гьоболлъухъеги ахIана. Гьеб букIана кIудияб тадбир. Микьго минуталда жаниб 200 пример гьабизе кколаан лъималаз. ЦIакъ хIалуцараб ахIвал-хIал букIана, киназухъаго гуро гьединаб захIмат хIехьон бажарулеб», — ян бицана Ж. ГIумаровалъ.
Асиятица кIудияб гъирагун лъазабулеб буго немец мацI. КватIичIого Гетел цIаралда бугеб институталда немец мацI лъаялъул рахъалъ экзамен кьезе буго Асиятица. Гьелда ракIалда буго программистлъун яхъинеги.
Менталияб арифметикаялъ рекIехъе хIисабалъул масъалаби гьаризе гуребги, ургъизе, ракIалда жо чIолеллъун лъугьине кумек гьа­була. Гьеб къагIидаялде лъимал ругьун гьарула 5-12 сон базегIан. Гьеб ригьалдаса арал лъималазда ракIалда жо чIезаби дагьаб хIинцго букIунин рикIкIуна гIалимзабаз. Гьединлъидал, менталияб арифметикаялде ругьун гьарурал 5-12 сон барал лъимал, бокьараб масъаялда ва бокьараб дарсида цогидаздаса хехго бетIер хIалтIулеллъун рукIуна.
Малайзиялда тIобитIараб чем­пио­наталда, Россиялдаса 27 лъи­мер гIахьаллъун букIана. Ма­лай­зиялда тIобитIараб гьеб чем­пионаталда тIоцебесеб бакI бо­сана МахIачхъалаялъул № 38 шко­лалда цIалулев, 12 сон барав МухIамад Кагировас, кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Чачан Республикаялдаса цIалдохъан.
ПатIимат
СултIанмухIамадова