БахIарчилъи

Лъимал чияр рукIунаро

Яс хвасар гьаюразе баркала кьуна республикаялъул нухмалъулез

ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов ва ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов дандчIвана щуабилеб тIалаялдаса гъоркье йортулей йикIарай яс хвасар гьаюрал ТIагьир МухIамадовгун ва Айдемир Къулдуевгун.
«Гьеб буго унго-унгояб бихьинчилъи. Гьединаб лъугьа-ба­хъин ккезе бегьула щивасулгун, щивас жидее щвараб тарбиялда ре­къараб гIамал бихьизабула гьеб ме­халда. КIудияб баркала буго ну­жееги нужер эбел-инсуеги», — ян абуна Артем Здуновас.
Транспорталъул компаниялъул дис­пет­черлъун хIалтIулев Айдемир Къулдуевас бицана щуабилеб тIалаялъул гордухъа гъоркье лъи­мер далун бугин, кумекалъе ва­чIайин абун гьесде ахIун буго мар­шруткаялъул водительлъун хIал­тIулев ТIагьир МухIамадовас. Гордухъа къватIие даларай ясалъухъа бажаричIо рокъое ххарун ва гьей гъоркье йортана. Эбелги тукаде ун, жийго цохIо хутIун йикIун йиго щуго сон барай гьей яс. Лъимадуе абизегIанасеб зарал ккечIо, гьей хвасар гьаюразул цоясул, ай ТIагьирил квер къуркьана. Гьеб лъугьа-бахъин бахъун буго минаялда аскIоб лъураб видеокамераялъ ва дунялалдаго бихьанин абизе бегьула гьезул бахIарчилъи.
«Нужеца гьабураб иш бихьидал, дихъе ахIун бачIана батIи-батIиял регионаздаса, лъимер хвасар гьа­бура­лъухъ киназго баркалаги кьолеб буго нужее», — ян абуна В. Ивано­васги.
Россиялъул МЧСалъул Дагъис­таналда бугеб бетIераб управления­лъул начальник Нариман Казима­хIамадовасги тIадегIанаб къимат кьу­на лъимер хвасар гьабуразе ва 27 декабралда, гIадамал хвасар гьарулезул къо кIодо гьабиялъул тадбиралде ахIана гьел шапакъатал кьезе.
ПатIимат СултIанмухIамадова