Экология

РацIцIалъи гьабизе бокьани…

Рищни-къулалдаса, зарал гуреб, пайдаги букIине рес буго

Гьал къоязда республикаялда цIадал раялъул хIасилалда тахшагьаралъул КОРалъулъе чорокаб лъим ун батизе рес бугин, гьединлъидал гьализабун гурони лъим гьекъогеян лъазабулеб буго Дагъистаналъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ.
«Краналдаса бачIунеб лъеца чехь-бакьал унтизаризе рес букIиналда бан, лъим гьализабун яги тукадаса шушбузухъ бугеб босун гурони кванилъ хIалтIизабизе ва гьекъе­зе лъикIаб гьечIо. Бокьилароан, чан­го соналъ цебеккунго гIадин, гIе­мерал цIадал ран хадуб чорокаб лъим жанибе ккараб КОРалъул лъеца гIадамазе зарал гьабизе. Доб мехалда тахшагьаралда 300 чи унтун вукIана», — ян лъазабулеб буго ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ.
Роспотребнадзоралъ КОРалъул халгьабуна ва, лъел кьер хисун гурони, сахлъиялъе зарал гьабулеб кIудияб хиса-баси ккун батичIо, лъеца чехь-бакь унтиялъул цогIаги чияс гIарзги бачIинчIо.
2016 соналда ккараб лъугьа-ба­хъи­н гьанжеги такрарлъилин хIинкъун, тукадаса лъим баччулел руго гIадамалги. Амма КОРалъубе чороклъи ва гIадамазе зарал ккеларедухъ тIадал идарабазе гьабулеб хIалтIи бихьулеб гьечIо.
Дагьал церегIан къоязда республикаялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул советалъул данделъи­ялда Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Элеонора ГIумариевалъ жидерго хIалтIул хIакъалъулъ бицунаго, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас лъазабуна нухмалъуле­лъул хIалтIудаса рази гьечIин. Рес­публикаялда лъим чороклъи сабаблъун гIадамазе зарал ккеялъул гуреб, гьединал лъугьа-бахъинал цIидасан кколаредухъ кинаб хIалтIи гьабулеб бугебали бицине кколин лъазабуна Владимир Васильевас.
Тахшагьаралъул къватIаздаса жин­дир заманалда рищни-къул ба­кIа­рулеб букIарабани, цIадал рараб мехалда КОРги чороклъилароан. КигIан бицаниги, рищни-къулалъу­л суал тIубанго бахъунеб гьечIо республикаялда. КигIан гIемерал цIа­лул идараби рагьаниги, чIухIарал ми­наби раниги, ахирисел соназ­да МахIачхъалаялда рекIун руго «рищни-къулалъул шагьар», «роржунел къучIбузул шагьар» абурал тIокIцIарал. РацIцIалъиялъул хIакъалъулъ бицунаго, кIочон тезе бегьиларо рощнол къалазухъ кванан хьихьун ругел гIачиги…
Кинаб хIалтIиха гьабулеб бугеб республикаялъул нухмалъиялъ МахIачхъала рощнолъа бахъиялъу­л мурадалда? Цогидал регионазда ва къватIисел пачалихъазда кинаб къагIида хIалтIизабулеб бугеб рищни-къул дагьлъизабиялъе гIоло? Нилъер нухмалъиялъги къватIисел пачалихъазул хIалбихьияздаса пайда босизе бугин рищни-къулалдаса республика бацIцIад гьабиялъейин бицунеб буго.

Анкьго завод

Ахираб 20-25 соналъ, кигIан гIе­мер бицаниги, жеги гIумруялде бахъинабизе кIвечIеб анищлъун хутIун буго республикаялда рищни-къул батIа гьабулел заводал рай. Исана сентябралъул ахиралда тIобитIараб 26-абилеб сессиялда премьер Артем Здуновас лъазабуна тIадеялъул Дагъистаналда ункъо полигон ва рищни-къул батIа гьабулеб анкьго завод рагьизе бугин. Гьединго лъазабун букIана рищни-къул балеб 9 бакI къазе бугин абунги.
Рищни-къулалъул цIурал къалалги гIадамаз гIумру гьабун ругел бакIазда аскIоса гIебеде ругел свалкабиги тIагIинаризе кинал ресал ратун лъикIин абураб суалалда тIасан батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго экологияб, ЖКХялъул ва цогидал рахъазул экспертаз.
РацIцIалъи цIуниялъе гIоло гIемерисез тIасабищулеб буго рищни-къул бухIи, цогидазин абуни, къватIисел пачалихъаздаго гIадин, батIаги гьабун, гьелъул цогидаб къайи гьабулел заводал разе кколин рикIкIунеб буго. Гьеб къагIида хIалтIизабизе ккани, турулареб рищни-къулалда гьоркьоса (ТБО) бищизе ккола хадубккун пайдая­лъе хIалтIизабулеб къайи, нахъе ху­тIараб рищни-къулин абуни, жиндаса энергия щвезабизелъун, хасал печазухъ бухIизе бегьула.

Россиялда буго 20500 свалка

Рищни-къул батIа гьабиялъул рахъалъ миллияб бюроялъул баяназда рекъон, Россиялда буго рищни-къулалъул законияб гуреб 20500 свалка, гьелъ ккун буго миллион га ракьул. ХIисаб гьабуни, Кипралъул яги Ливаналъул ракьул манзил бащалъула Россиялъул рищни-къул барал ихтияр гьечIого гьарурал свалкабаз кколеб ракьул манзилалда.
Россиялда щибаб лъагIалида жаниб турулареб рищни-къулалъул 60 миллион тонна къватIибе рехула гIадамаз, гьелъул цогидаб къайи гьабизе гIицIго кIиго процент гурони хIалтIизабуларо.
Жиндаса цогидаб къайи гьабизелъун турулареб рищни-къул батIа гьабулеб бугони, рищнидул полигоназда, гIадамазе зарал гьабичIого, ракьулъ букъизе бегьулеб рищни-къулалъул къадар 65 проценталъ дагь гьабизе бажарулин абулеб буго специалистаз.
Миллияб бюроялъул баяназда рекъон, турулареб рищни-къула­лъулъ букIуна жиндаса энергия щвезабизе бегьулел жалазул 25 процент. Гьелин абуни ккола жиндаса цIатари гьабизе бегьулел жал — RDF (рищни-къулалдаса гьабураб цIатари). Гьеб цIатариялъ бигьаго хисизе бегьулаан цемент, хинлъи ва электроэнергия гьабулеб бакIалда хIалтIизабулеб гIадатияб цIатари.
Гьеб жо гIицIго кагътида бицун тараб цIиял къагIидабазул бицен гуро. ГIисин гьабураб рищни-къул 1950 соназдаса нахъе тIолабго дунялалдаго RDF къагIидаялде буссинабулеб буго. Россиялдайин абуни гьединаб цIатари гьабизе бегьулеб букIиналдецин чанго соналъ цебе­ккун гурони кIвар кьезе байбихьичIо.

Рищни-къулалъул цIатари
учузго чIела

Россиялъул ЖКХялъул эксперт Андрей Савранскияс рикIкIунеб буго гIемерисезда лъалеб гье­чIин рищни-къул цIатариялъе хIал­тIизабиялдаса босизе бегьулеб пайдаялъул хIакъалъулъ. ГIадамазе энергия яги цогидаб цIатари бичулел гIуцIабазул «экспертаз», рищни-къулалдаса цIатари гьабизе лъикIаб гьечIин, гIадамазул пикраби мекъи ккезарулел руго. Гьелъие гIиллаги ккола гьел гIуцIабазе жидергояб гуреб цогидаб цIияб цIатари гIадамаз бичун босизе хIажат гьечIеблъи. Гьединлъидал тIадкIалъаялги цIи­кIкIуна: гьеб батIа гьабун бухIулеб рищни-къулалъулги квешаб кIкIуй бахъунин ва гьелъ нилъер сахлъия­лъе зарал гьабулин абун.
Исана бараб рищни-къул бухIулеб щуго завод (Подмосковьеялда ункъо, цо Татарстаналда), жамгIиял хIа­ракатчагIаз рикIкIунеб буго экологиялъе зарал гьабулеблъун.
Савранскиясги рикIкIунеб буго гьезул пикру битIараб бугин. «Европаялъул улкабазда, экологияб рахъалъ кьварарал низамал ругел бакIазда рищни-къул бухIулел заводал сордо-къоялъ гьоркьоса къотIичIого хIалтIула. Европаялъулаз рищни бухIула, цебеккунго батIаги гьабун. БатIаги гьабичIого, цебекканщинаб рищни-къул бухIи гьез рикIкIуна экономия гьабунгутIилъунги, экологияб рахъалъ хIинкъи букIинлъунги».
Нилъер улкаялдаги, Европаялдаго гIадин, RDF гьабулеб къагIида лъазабуна ва «Топал-I» къвакIараб цIатари гьабизе байбихьана. Менделеевасул цIаралда бугеб метрологиялъул институталъ ва Роспотребнадзоралъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилалдаги гьеб цIатари бухIулелъул къватIибе рехулеб кIкIуйдулъ рукIунел химикиял жал гIадамазе зарал кколареб къадаралдаса цIикIкIунел гьечIо.
Ленинград областалда байбихьун буго басриял тIорччол котельниял хисизе ва гьенир «Топал-I» хIалтIизабизе. Гьеб бухIун, къватIире рачIунел газал рацIцIад гьарулеб къагIидаги гIуцIун буго. Экологияб рахъ цIуниялъул киналго тIалабал тIуран руго. Гьединлъидал гIадамал гIумру гьабун ругеб бакIалда аскIоб букIинеги бегьулеб буго рищни-къулалдаса гьабураб цIатариялда хIалтIулеб бакI.
ТIабигIияб цIатари лъугIулеб ва рищни-къулалъул свалкаби гIе­мерлъулеб заманалда, RDF хIал­тIи­забизе байбихьи бищунго лъикIаб ишлъун рикIкIунеб буго ЖКХялъул фондалъул экспертас.
Щиб лъалеб, тIадеялъулгIаги Дагъистаналъул шагьаразда ра­цIцIа­лъи букIине бегьула. Амма, цо-цояз абулеб буго, заводал ран хадубги рацIцIалъи лъугьиналда щаклъи бу­гин. Щайгурелъул, къватIазда гу­ребги, жеги ралъдалъги гьекъолеб лъелъги хIажат бугелъул гьеб ра­цIцIалъи гьабизе. Ахираб чанго соналда жаниб тахшагьаралда ралел ругел гIемертIалаял минабазул канализация кибе ине бугебали пикру гьабулел гIемер гьечIелъул. Гьай­гьай, тахшагьаралда ранщинал гIе­мертIалаял минабазухъ гIадамаз гIум­ру гьабун хадуб байбихьила гьеб суалалдеги кIвар кьезе.
ПатIимат СултIанмухIамадова