Парахатго толаро

Камулел гьечIо Сириялде ине гъира бугел гIолилал

 

Терроралде данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) данделъиялда бицана изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазул хIаракаталда гIахьаллъиялъул мурадалда улка тун къватIире ине гIолилал риччангутIиялъул ва, ГIагараб Бакъбаккул улкабазда кколел ругел рагъулал лъугьа-бахъиназулъги гIахьаллъун, Дагъистаналде тIадруссунел ракьцоязулгун гьабизе кколеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Данделъи нухда бачана ДРялъул бетIер Владимир Васильевас. Гьес рехсана гьадинал хIужаби: халкъазда гьоркьосел террористазул гIуцIабазул (МТО) хIаракаталъулъ гIахьаллъулев вуго 1500 дагъистанияв, аслияб къагIидаялда гьел руго Сириялдаги ГIиракъалдаги. Гьезул гIемерисел ккола 25-30 сон барал гIолилал. Гьезда гьоркьоса цо-цоял цебеккун цIалулел рукIун руго ГIагараб Бакъбаккул улкабазул диниял цIалул идарабазда.

МТОялдаса тIадруссарал дагъистаниязулгун гьабулеб хIалтIиялъулги, Терроралде данде къеркьолеб миллияб комитеталъулги ДРялъул жанисел ишазул министерствоялъулги цадахъаб хIаракаталъулги бицун, Васильевас гьабуна гьадинаб хIасил: «Гьел цадахъал тадбиразул хIасилалда дагьлъана ГIагараб Бакъбаккул улкабазда рагъулаб хIаракаталъулъ гIахьаллъулел дагъистаниязул къадар. Низам цIунулел идарабазул гьанже буго гьеб рахъалъ хIалтIиялъул лъикIаб хIалбихьи. Гьелъ рес кьуна хIал лъикIлъизабиялъе. Масала, 2017-2018 соназда цониги хIужа ккечIо, Сириялдаса яги ГIиракъалдаса тIадруссарал дагъистаниял бакIалдаго рукIарал такъсириял къокъабазулгун бухьен гьабиялъе нугIлъи гьабулеб. Амма лъикIал хIасилал кканин абун, гIодоре риччазе бегьуларо. Нилъер гIемермиллатазулаб рокъоб парахалъи цIунизе жеги жигар бахъизе ккола», — ян.

ДРялъул жанисел ишазул министрасул ишал тIуралев Дмитрий Гутыряца данделъиялда бицана низам цIунулел идарабаз гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. Министерствоялъул баяназда рекъон, уголовнияб жавабчилъиялде цIан вуго Сириялде ине къачIан вукIарав 84 чи, гьезда гьоркьоса 11 – исана. «МТОялъул мухъилазда гъорлъе ине хIадурун ратулел руго аслияб къагIидаялда МахIачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт шагьараздасаги Унсоколо районалдасаги гIолилал. Амма халгьариялъул тадбираздалъун гьел тIатинаруна ва улка тун ине риччачIо.

Низам цIунулел идарабазул тадбираздалъун, чIезавуна ва ккуна Сириялдаса тIадвуссарав 129 чи, гьезда гьоркьоса ичIго – исана. МТОялъул церехъабаз гIуцIулел руго бакIазда «кьижарал» гIисинал къокъаби. Гьезул хIаракаталъе нухмалъи гьабулеб буго къватIисел уулкабаздасан. Исана республикаялда тIатинабуна анкьго гьединаб къокъа,ккуна 14 чи ва яргъидалъун дандечIей сабаблъун чIвана 15.

МВДялъул баяназда рекъон, гIолилал такъсириял къокъабазулъе цIалеб аслияб нух буго Интернет. Гьедин МТОялъул къокъабазулъе ккана Сириялде ва цогидал бакIазде арал дагъистаниязул 70 процент. Интернеталъул халгьабулаго, тIатинабуна террористазул къокъабазулъе гIадамал ахIулеб 13 сайтги щуго къокъаги. Гьезул микьго къана ва рагьана лъабго уголовнияб дело», — ян бицана Гутеряца.