ЦIияб къагIида

Интернеталъул «хIалкIолъи»

Рес буго 05.r-mis.ru порталалдасан тохтурасухъе хъвай-хъвагIай гьабизе

РФялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул № 406 буюрухъалда рекъон, иргаялда чIечIого, поликлиникаялде тохтурасухъе инелъу­н электронияб хъвай-хъвагIай гьабизе ихтияр буго РФялъул гражданазул, батIиял пачалихъазул гражданазул ва гражданлъи гьечIел чагIазул. Онлайн-хъвай-хъвагIай гьабулаго, унтарас рихьизаризе ккола хадусел  документазул реквизитал: паспорт, СНИЛС, медицинаялъул страховияб полис. Хадуб Интернеталда бугеб электронияб сияхIалдаса тIасабищула дурго поликлиника, къваригIарав тохтур, къабул гьавиялъе рес бугеб  къо ва заман. Хъвай-хъвагIай гьабун хадуб, унтарасул хасаб электронияб кабинеталде рехун бачIуна хIадурараб талон. Тохтурасухъе ине рес ккечIони, системаялъ изну кьола гьеб цоги къоялде бахъизе яги хвезабизе.

Гьеб хIалтIи кин гIуцIун бугебали лъазабизелъун ниж щвана МахIачхъала шагьаралъул цо чанго поликлиникаялде.
Республикаялъул тIомолгун венерологияб диспансералъул поликлиникаялъул заведующий МухIамад АхIмадов:
— Гьеб хъулухъ нижер поликлиникаялда жеги хIалтIулеб гьечIо. ХIадурлъи гьабулеб буго хIалтIи байбихьиялъе: рекъезарун руго къваригIунел алатал, гьелъие ругьун гьавулев вуго кIиго хIалтIухъан. Пачалихъияб услугаялъул порталалдасан тохтурасухъе хъвазе нижеца байбихьизе буго исана декабралъул авалалда. Гьебмехалъ хIалтIизе буго видеобухьеналдасан тохтурас консультация гьабулеб къагIидаги.
Республикаялъул лъималазул ца­би-гIусазул поликлиникаялъул заведующий Тимур Ражабов:
— Гьеб хIалтIи байбихьиялъе кинабго хIадурун буго. Нижеца «Рос­телекомалъулгун» гьабулеб къотIи-къайги буго. ЦIияб соналдаса нахъе байбихьизе буго госуслугалъул порталалдаса пайда босизе.
МахIачхъала шагьаралъул № 6 поликлиникаялъул бетIерай тохтур Бурлият ГIисаева:
— Унтаразул рес буго жиндирго хасаб кабинеталдаса госуслугаялъу­л порталалдасан бокьарав тохтурасухъе ине иргаялда чIеялъул хъвай-хъвагIай гьабизе ва дандекколеб заманги къоги чIезабизе. Амма гьеб къагIида гIе­мерисезе, хасго херал чагIазе, захI­малъулеб буго. Гьединлъидал гьеди­наб ресалдаса пайда босулезул къадар щуго-анлъго процент гурони гьечIо.
Лъималазул восстановительнияб медицинаялъул ва реабилитациялъул централъул бетIерав тохтур Залумхан Садулаев:
— 2017 соналъул 15 ноябралда тас­дикъ гьабураб РФялъул хIуку­маталъул № 2521-Р буюрухъалда рекъон, госуслугаялъул порталалдасан тохтурасухъе хъвай цебего гIуцIун букIине кколаан. Амма гьеб хIалтIи жеги байбихьун гьечIо. ХIадурун руго къваригIунел алаталги специалисталги ва бачIунеб соналъул январалда гьеб къагIида хIалтIизе биччазеги буго.
«Целитель» поликлиникая­лъул адми­­нистратор Анжела Му­хIа­ма­до­ва:
— Гьеб хIалтIи нижеца байбихьана бащдаб лъагIелалъ цебего. Нижехъе рачIунел унтаразул 70 проценталъ гьелдаса пайда босула ва бокьарав тохтурасухъе электронияб къагIидаялда хъвала.
ЦIияб къагIида билълъанхъизабиялъул рахъалъ МахIачхъалаялдацин расги лъикIаб хIал гьечIеб мехалда, районазда гьеб иш кин гIуцIун бугебали лъазабизелъун бухьен ккуна кIиго районалъул поликлиникая­лъулгун.
Хунзахъ райбольницаялъул полик­линикаялъул заведующая ПатIимат Махулаевалъ абуна, жидеца госуслуги порталалъул ресаздаса пайда босизе жеги байбихьичIилан. Гье­лъие хIажатал алатал лъезе ругила кватIичIого.
Шамил райбольницаялъул поликлиникаялъул заведующий ГIали ХIам­затовас абуна, жидехъ гос­услу­га абулеб портал хIалтIулебго гьечIи­ла. Гьеб хъулухъалъе къваригIунел алаталги гьелда хIалтIизе лъалел чагIиги ругила. Амма районалда гьеб хъулухъалъул кIудияб кIварго букIинин кколарила, щайгурелъу­л гьенир абизегIанасел иргаби рук­Iу­нарила.
ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялда цебе бугеб регионалияб медицинаялъул информациялъу­лабгун аналитикияб централъул ди­ректорасул ишал тIуралев Эдуард МустIапаевас бицана:
— Интернеталдасан унтарав тох­тура­­сухъе хъвалеб къагIида Дагъистаналда байбихьизе кколаан 2011 соналдаго. Гьелда рекъон хIал­тIи­зе кколаан республикаялъу­л ки­нал­го медучреждениял ва мед­хIал­тIухъаби. Гьелъие шартIалги чIе­­зарун руго. СахлъицIуниялъул ми­нистерствоялъ тIоритIула гьеб хIалтIи гIуцIизе малъулел семинаралги. Гьелъие кумек гьабула цоги регионаздаса ахIарал специалистазги. Гьел курсазда ругьун гьавуна 150-ялдаса цIикIкIун регистратор ва администратор.
Исана соналъул октябрь моцIалда жаниб республикаялда, электронияб къагIидаялдаса пайда босун буго 739 чияс. 2011 соналдаса нахъе рикIкIани, гьеб къадар 75 азарго чиясде бахуна.
Жакъа гьеб къагIидаялде рачIи­на­лъе республикаялъул киналго медучреждениязда шартIал гIуцIун руго. Масала, исана МахIачхъалаялъул № 1 поликлиникаялда электронияб къагIидаялда хъулухъ гьабун буго 721 чиясе. Кинабго бараб буго жалго гIадамазда, гьезул жигаралда. Медицинаялъул учреждениязда гьеб къагIида гIуцIиялъе хасал алаталги хIажалъуларо. АРМ-компьютер цолъизабула регионалияб системаялда ва специалистас хIалтIизабула электронияб регистратура. Гьенибе гIарза бачIарабго гьеб системаялъ хIадурула унтарасе тохтурасухъе ине талон. Системаялда жаниб цIу­нараб электронияб картаялда рукIуна унтарасул киналго анализал, диагнозал, цереккун хIалтIизарурал дараби, гьев сахгьавиялъул хIасил. Гьединлъидал, Россиялъул кинаб больницаялде аниги, цIидасан анализал гьаризе кколаро. Къокъго абуни, тохтурасда цебе букIуна унтарасул тIубараб медицинаялъулаб сурат. Жакъа хIалтIизабулеб медицинаялъулаб кагътил карточкаялъе къо-лъикI гьабизе хутIун буго цо-кIиго сон.
Камуларо медучреждениял техникаялдалъун хьезаричIолъи, информациялъулал системабазде нух къан букIин, бухьеналъул каналал хIалтIуларого рукIин, специалистал гьечIолъи гIадал квалквалалги. Гьединал гIунгутIаби лъугIизариялда тIад ниж хIалтIулел руго ва хьул буго къокъаб заманалда жаниб тохтурасухъе хъвалеб цIияб къагIида киналго медучреждениязда лъикI хIалтIилин, дагъистаниязги гьеб жигараялда къабул гьабилин абураб.
Госуслугаялъул порталалъул кумекалдалъун рокъосанго тIуразе бегьулел къваригIелал: тохтурасухъе инелъун хъвай-хъвагIай гьаби, тохтур рокъове ахIи, медицинаялъул кумек гьабиялъул хIакъалъулъ баян, унтарав хадуб вухьинабураб медучреждениялъул хIакъалъулъ баян, гьарурал медицинаялъул хъулухъазул хIакъалъулъ баян ва гьезул багьа, ОМСалъул полисалъул ва страховияб медицинаялъул организациялъул хIакъалъулъ баян.
Бихьулеб буго республикаялъу­л гIемерисел больницабазда ва поликлиникабазда гьеб тадбир ра­гIалде бахъинабиялъул мурадалда хIалтIи гьабулеб букIин. Амма гьеб къагIидаялде байбихьизе нухмалъулезул таваккал гIоларогоги бу­го. Гьедин бугониги, ДРялъул сах­лъицIуниялъул министрасул тIа­лабалда рекъон, республикаялъул ша­гьаразул ва райцентразул поликлиникабазда гьеб хъулухъ хIалтIизе ккола 2019 соналъул авалалдаса байбихьун.
Нури Нуриев