Наркотиказда данде рагъ

Гьабизе жо тIагIарас гIомо борлъула

Наркомания – нилъер заманалъул тушман

Санайил Россиялда 70000 чи холев вуго наркотикал хIалтIизариялъул хIасилалда. Кинха лъазе кIолеб лъималаз наркотикал хIалтIизарулел ругищали? Гьеб суалалъе жаваб балагьилалде абила, наркомания бахунеб унти гурониги, РФялъул наркоманиялде данде къеркьеялъул комиссиялъ рикIкIунеб буго наркотикал хIалтIизарулев цо чияс 16 чи унтизавулин.
Наркотикал ричиялда хадуб хал­кколеб Россиялъул федералияб (ФСКН) хъулухъалъул баяназда рекъон, улкаялда наркоманазул къадар бахун буго анлъго миллионалде, официалияб къагIидаялъ хъвай-хъвагIаялде росаразул къадарин абуни 500000 гурони гьечIониги. ХутIаралин абуни ккола рахча-хьван наркотикал хIалтIизарулел. Сахгьаризелъун медицинаялъул идарабазде рачIунезул къадар цIакъго дагьаб буго. Амма гьев 500000 наркоманасегицин дару гьабизе рес гIолеб гьечIо пачалихъалъул, лъагIалида жанив 50000 наркоман гурони къабул гьавун бажаруларо наркологиялъул клиникабазухъа. Гьелдалъун наркоманиялъ пачалихъалъул бюджеталъеги кIудияб зарал гьабулеб буго.
Улкаялда ругел наркоманазул 20 процент ккола школлъимал, 60 процент – 16-30 сонил ригьалда ругел гIолилал, хутIараб 20 процент — чIахIияб ригьалъул гIадамал.
Советияб заманалде дандеккун, ахираб анцIго соналда жаниб наркоманазул къадар цIикIкIана. Масала, 1980 соналда улкаялда 50000 наркоман вукIун ватани, 2018 соналда гьезул къадар анкьго миллионалде бахунеб бугин лъазабуна ФСКНалъул директор Виктор Ивановас. Кризисалъул заманалдайин абуни жеги 10 проценталъ цIикIкIинецин бегьулин наркотикал хIалтIизарулезул къадарин рикIкIунеб буго гьес.
ФСКНалъул ДРялда бугеб отделалъул нухмалъулей Хасайбат Валиевалъул баяназда рекъон, цогидал регионазде дандеккун, нилъер республикаялда аслияб къагIидаялда наркотикал гьаризе байбихьула 40-50 сонил ригьалде рахарал гIадамаз. Ахирал соназдайин абуни республикаялда наркомания тIибитIиялъул къа­гIида дагьаб хисунги буго. РФя­лъул УФСНКялъул ДРялда бугеб инфор­мациялъул ва жамгIиял бухьеназул къокъаялъул баяназда рекъон, цIикIкIунел руго гIолохъанал, 25 сонил ригьалде рахинчIел руччаби наркотиказде ругьун гьариялъул хIужабиги.
Дагъистаналда бугеб наркотикал тIиритIизариялда хадуб халкколеб хъулухъалъул баяназда рекъон, ахирал соназда республикаялда наркотикал хIалтIизарулезул гIолилазул ригь цIакъго гIолохъанлъун буго (12-14 сон). Ахираб 10 соналда жанибин абуни, наркотикал сабаблъун лъимал хвеялъул хIужаби 42 нухалда цIикIкIана.
«Трезвая Россия» абураб феде­ралияб проекталъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, наркотиказде дан­­де­чIеялъулъ Россиялъул 85 субъек­­талда гьоркьоб Дагъистан микь­абилеб бакIалда буго.

Дагъистан — микьабилеб бакIалда

Лъабго соналъ цебе РФялъул ДРялда бугеб УФСНКялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, республикаялъул наркологияб диспансералда хъвай-хъвагIай гьабун буго 6000-гIанасев чиясул. Амма диспансералъул хIисабалда лъечIезул къадар 10 нухалъ цIикIкIараб батулинги абула.
Республикаялъул гIадамал диналде руссарал рукIиналъ, наркодиспансералъул хIисабалда ругезул къадар дагьаб бугин бицуна наркотиказда данде къеркьеялъул мурадалда тIоритIулел цо-цо данделъабазда. ТIатине чIечIого наркотикал хIалтIизарулезул къадар хIисабалде босани, республикаялда соналдаса соналде цIикIкIунел руго гьеб квешаб пишаялде машгъуллъарал.
Гьекъел-мехтел, наркомания, ток­си­комания – гьел «гIузраби» ри­хьичIел, гьезул хIакъалъулъ ра­гIичIел чагIи ратиларо нилъеда гьор­кьор. ГIолохъанаб ригьалда, щибго унтичIого, тохлъукьего ракI­чIун ва цогидалги ричIчIуларел гIи­лла­баздалъун гIадамал хвеялъул хIу­жабиги камуларо. Гьединал хвелазе гIиллалъунги, гIемерисеб мехалда, наркомания яги токсикомания букIин бичIчIаниги, гIадамаз гьеб цоцаздаса бахчула. Нилъер хасият бугелъулха рокъоса къватIибе хабар босулареб. Гьединлъидал ахирисеб ва балагьаб къоялде щвезегIан бахчулеб буго наркоманиялъул унтиги. ГIадамазда цере нечечIого рукIине гIоло, бахчулеб буго жидерго лъималаз тIасабищараб квешаб нух, гьелдалъун хадубккун зарал кколеб буго наркотикал хIалтIизарулезул хъизан-лъималазеги. Наркоманас живго унтарав чилъун киданиги рикIкIунаро. Гьединлъидал гьесул гIумруялъулги сахлъиялъулги жавабчилъи тIаде кколеб буго эбел-инсуде яги цогидаб гIагарлъиялде.
«Законалда рекъон, наркоманиялдаса яги мехталидаса инсан сахгьавизе ихтияр гьечIо унтарасул изну гьечIого, — ян бицун букIана ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоя­лъул бетIерав нарколог МухIамад ХIай­даровас журналистазулгун бу­кIа­раб цо дандчIваялда.
– Судалъул хIукмуялда рекъон, лъа­гIалида жанив 4-5 чи гурони бажаруларо наркоманиялдаса сахгьавизе хIалица тIамун. Нижеда щибгIаги гьабун бажаруларо, наркотиказде машгъуллъарав чи, сахгьавизе гIоло гьесул гIагарлъиялъ тохтурасухъе ине мукIур гьавун гурони. ГIагарлъиялъ диспансералда дару гьабизе мукIур гьаруразул къадар лъагIалида жаниб 1200-1300 чиясде бахуна. Щибаб соналъ жаниб хъвай-хъвагIай гьабула 240-250 унтарасул. Гъоркьиса нижеца «наркомания» абураб диагнозгун хIисабалда лъуна 170 наркоманги 300 гьекъолдухъанги. Нижер хIисабалда вуго кинавниги 19000 чи, гьезда гьоркьов 6000-гIанасев наркоман ва 13000 токсикоманги гьекъолдухъанги, — ян баян кьун букIана гьес.
Сунца рачунел нилъер гIолилал наркотикал хIалтIизариялде? Наркомания сахгьабизе кIолищ? Гьеб къватIиса бачун бачIунеб балагьалдаса нилъерго лъимал, гIолохъанаб гIел кин цIунилел? Гьединал суалал рорхула цо пуланав чияс наркотикал гьарулел ругин яги наркотикал сабаблъун кинабгIаги такъсир гьабун бугин рагIидал. Кин букIаниги, жидер ва гIагарлъиялъул гIумруялъулъ гьединаб хIужа дандчIвазе ресго гьечIин абун кIвар гьабичIогоги тола цо-цояз. Наркотиказда данде­чIеялъул хъулухъалъул вакилзабазин абуни цIодорго рукIине малъу­ла, щайгурелъул наркотиказде ругьун­лъулел ратулел ругелъул шко­лал­да цIалулелги, батIи-батIиял хIал­тIабазда ругелги. Масала, ДРя­лъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул бетIерав наркологасул ра­гIабазда рекъон, ахирал соназ­да жа­ниб наркотикал хIалтIизаризе бай­бихьун буго батIи-батIияб ригьа­лъул ва ишалъул гIадамаз.
— Чанго соналъ цебе, наркотикал хIалтIизарулел рукIун ратани, рукъги гьечIев, дунялалдаса ракIги буссарав чияс, гьанже гьединазул 60 процент ккола тIадегIанаб лъайги бугел, лъикIаб харжги бачIунел гIадамал. Гьел ккола тохтурзаби, преподавателал, юристал, батIи-батIиял бакIазул нухмалъулел. ГIемерисеб мехалда гьел жалго рачIуна наркоманиялдаса сахгьаризе диспансералде. Ахираб заманалда цо-цо руччабигицин рачIунел руго наркологияб диспансералде. Гьел ккола россабаз гьекъезе ва наркотикал хIалтIизаризе ругьун гьарурал руччаби. Гьел сахгьаризеги захIмалъула.
Наркологал-тохтурзабазул пикруялда рекъон, наркотикал гьарулев чи сахгьавизе кIола, амма гьелъие гIемераб заман къваригIуна. Наркотиказдаса черх бацIцIад гьабизе, ай гIузру тIагIинабизе хIажалъула 3-4 анкь. Хадубин абуни гьабизе ккола психологияб рахъалъ хIалтIи.
Щибаб заманалда рекъон, наркотиказде гIадамал ругьунлъиялъеги батIи-батIиял гIиллаби рукIунин рехсола психологаз. Ахираб заманалда гIемерлъулел руго рес бугеб хъизамалдаса наркотикал хIалтIизарулел гIолилал. Наркотикал ричулез гьединал цIалелъулха аскIоре. Наркотикал хIалтIизарулезе гIицIго гьезул эбел-инсуцаги гIагарлъиялъги гурони кумек гьабун бажаруларилан абулелъул, нилъерго бачIунеб гIел XXI гIасруялъул «гIузрулъун» лъугьараб наркоманиялдаса цIунизин. Нагагь гьеб гIузру тохлъукьего къавулъе бачIаразеги гьезул цIарги росуги цIехечIого кумек гьабизе хIадурал руго республикаялъул наркологияб диспансералъул хIалтIухъабиги. Гьезул буго пайда босизе бегьулеб жидерго хасаб сайтги (дагнарко.рф).
ПатIимат СултIанмухIамадова