Ресал ва шартIал

100 школа

Халгьабуна проект гIумруялде бахъинабиялъул

МахIачхъалаялдаги Кас­пий­­скал­­даги къачIалел руго «100 школа» абураб проектал­да гьоркьоре арал школал. Гьеб иш кинаб хIалалда бугеба­ли халгьабуна ДРялъул эконо­ми­каялъулгун территориали­яб цебетIеялъул министр ГIус­ман Хасбулатовасги, гьесул за­меститель ГIабдурахIман ГIаб­ду­рахIмановасги, ДРялъул лъай­кьеялъул министрасул замес­титель Арслан Бачиевасги, МахIачхъалаялъул лъайкьея­лъул управлениялъул начальник ТIагьир Мухтаровасги.
Гьел цин щвана МахIачхъа­лаялъул №51 школалде. Гьениб къачIалеб буго тIох ва базе буго цIияб котельная. Гьел хIалтIаби хехлъизареян лъазабуна комиссиялъ.
№34 школалда кьучIдасанго къачIалел руго спортзалги душеваяги. Гьенир хIалтIулел устарзабаздехун гIезегIан суалал рукIана комиссиялъул. Гьез лъазабуна чIабар цIидасан къачIайилан. «Нужеца чIабар къачIалеб куцалъухъ балагьун, бичIчIулеб бу­го, цо чанго соналдасан гьеб цIи­дасан туризе бугеблъи. Гьедин ккун­гутIизе, батIияб къагIида ба­лагье»,- ян лъазабуна подрядчикасда. Гьесги рагIи кьуна чIарбида гъоркь цементалъул гъат лъезе.
Рехсараб проекталда рекъон, №8 лицеялда, цIулал гордазул бакIалда, лъолел руго пластикаялъул гордал ва цIигьабулеб буго тIох. Гьениб гьабун батана гIураб хIалтIи.
Ахиралда комиссия щвана №4 школалде. Меценатазул гIар­цухъ гьениб тIубанго хисана школа­лъул мина хинлъизабулеб къагIида. Гьарулел руго цIаккеялдаса цIуниялъул тадбиралги.
Гьединаб халгьаби щибаб гьа­тIанкъоялъ букIине бугин лъазабуна ГIусман Хасбулатовас.
Каспийскалъул школазде ГIус­ман Хасбулатовасда цадахъ щва­на ДРялъул хIукуматалъул пред­седателасул заместитель – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил ГIумароваги. Гьез халгьабуна №8 лицеялъу­л – гьенир цIигьарулел руго хIажат­ханаби ва хисулеб буго данде­лъа­базул залалъул чIабар. Ли­цеялъул директор Рашид ГIабду­лае­вас абуна, ракIалда бугин лъел мухъалгун гордалги хисизеян.
№3 школалда хисун буго 48 горду ва къачIан буго щуго хIа­жатхана. Жеги гьедигIанго хIа­жатхана къачIазе ккола ва хисизе ккола канализациягун школа хинлъизабиялъул къагIида. Гьенир гьарулел хIалтIабазда хадуб халкколеб бугин проекталда гIахьаллъулев меценатасин бицана школалъул директорас.
Каспийскалъул №4 школалдеги щвана комиссия. Гьенир хи­сун руго 1973 соналдаго лъун ру­кIарал гордал. Жеги къачIазе ру­го хIажатханаби ва хисизе руго ка­бинетазул нуцIби.
ДРялъул Лъайкьеялъул минис­терствоялъул пресс-хъулухъ