Гара-чIвари

Нилъерго хаслъи цIунизе ккола

Дагъистаналда миллатазда гьоркьоб дагIба-рагIи киданиги букIинчIо ва букIинеги гьечIо

Жакъа Дагъистаналъул жамгIия­тал­да бугеб ахIвал-хIалалъул, киса-кибего тIибитIулеб бугеб гло­ба­лизациялъул ва цогидалъул би­цун ни­жеца гара-чIвари гьабуна Россия­лъул гIелмабазул академия­лъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул этнографиялъул отделалъул заведующий, гIалимчи, тарихиял гIелмабазул доктор, ЧIарада районалъул Арчиса МухIамадхан МухIамадовасулгун.
— МухIамадхан, дуца кинаб къи­мат кьолеб Дагъистаналъу­л жам­гIия­талда лъугьун бугеб ахIвал-хIа­лалъе, мигьлъулеб бугеб ми­ллияб хаслъиялъе?
— Къокъго абуни, дагъистаниял чанкIкIун руго. Гьезие щибго ургъелги гьечIо бугеб ахIвал-хIалалъул. Кинавго чи вуго гъуршида, щолеб жоялда хадув лъугьун. КIочон тун буго умумузул тарих, ретIа-къай, хьвада-чIвади, гIадатал, гIамал-хасият ва гIемерал цогидалги, ай мисал босизе, наслабазе цIунизе кколеб тIабгIалъул рахъал. Бищунго пашманлъизе ккараб жо буго миллиял мацIазе бугеб хIинкъи, гьеб лъалелги бицунелги дагьлъулел рукIин. БичIчIулеб жо, нилъее бокьаниги бокьичIониги, дунялалда тIадго унеб буго глобализация, ай дунялго цо коцонибе, цо къагIидаялде, магIишат-яшавалде рачин. Хасго гьеб хехлъана ХХI гIасруялъул байбихьуда, информациялъулабгун электронияб технология цебетIеялъ. Глобализация бугин абун эхере квералги риччан чIезеги бегьуларо, аза-азар соназул тарих бугел Кавказалъул, Дагъистаналъул цивилизация тIагIине тезе биччазе бегьуларо. Нилъеда бихьулеб бугогури глобализациялъул церехъабилъун ругел бакътIерхьул улкабаз гьебго заманалда жидерго цIар, хаслъи цIунулеб бугеблъи. Дагъистаниязе, магIарулазе хIажат буго глобализациялдаса битIун пайда босизе. Мисалалъе, росабалъе гьарила лъикIал нухал, кьоял, бачина газ, росабалъ гьабила канализация. Росабалъ лъикIал шартIал чIезаруни, росаби цIунун хутIула, рахьдал мацI, гIадат-гIамал тIагIунаро. БичIчIизе ккеларищ, гIагараб мацI билани, нилъер къисматго мекъи ккезе бугеблъи. Кин бичIчIилеб магIарул районазда, хIатта цо-цо росабалъ данделъаби гIурус мацIалда тIоритIи, школазда, больницабазда игIланал гIурус мацIалда хъвай? ГIурус цIарал лъей гуребги, ясли-ахазда лъималазда бицунеб мацIги гIурус буго. Къойидаса къойиде школазда дагь гьарулел руго рахьдал мацIалъул сагIтал. Халкъазул тарихалда жаниб интеллигенция кидаго букIана адабиятгун маданият цебе цIалеллъун ва цIунулеллъун. Щаялиго гьел руцIцIун чIун руго, Халкъияб Собраниялде рищарал нилъер депутаталго гIадин. МацIал тIагIинарулел ругин абула. ГIурус миллаталъе хIажатаб жо гуро гьеб. Гьеб буго политиказ гьабулеб жо. ГIурусаллъун нилъ лъугьине гIурус халкъалъе къваригIараб жо гуро. Дица гIемер хIисаб гьабураб, бихьараб буго, гIурусазда гьоркьор ругеб мехалда кинаб миллаталъул вакил вукIаниги, жидерго гIадаталги, гIамалги, динги, ай менталитет цIунарав чиясул гьез адаб гьабула. Амма гьезда релълъине лъугьани, гьез хIаларо, кIиабилеб сорталъул чилъун рикIкIуна.
— Дагъистаналъул ва хIукумата­лъул бетIерлъунги цогидал жава­биял хъулухъаздеги рачIана къва­тIиса гIадамал. Гьал къоязда гIу­цIана цIияб хIукуматги…
— Совет Союз биххаралдаса нахъе, тIолабго улкаялдаго гIадин, гIадлу-низам биххана Дагъистаналдаги. ТIегьана ришватчилъи, цIогь, хъамалчилъи. Гьеб лъугьана гIадатияб жолъун, гьелде ругьунлъана халкъги, халкъалъе нухмалъи гьабизе таралги. Щивав чи ругьунлъана жиде-жидеего санагIалъи гьабизе. ГIун бачIана гIарцухъ тIадегIанал цIалул идараби лъугIараб гIел. Профессионалияб гуребги, рухIияб рахъалъги гIураб даража гьечIел гьез куцазе, сах гьаризе, лъай кьезе, гIадлу-низам гьабизе буго нилъее. ЧамгIалаб заманалда гIураб гIелалда (руцIцIун чIараб чIахIияб гIелалдаго гIадин) кIочон тана Дагъис­таналъул халкъалъе хасиятаб кинабго лъикIабщинаб. Къокъго абуни, бачIана рухIияб хъарцинлъи. Жакъа Дагъистаналъул нухмалъиялде къватIиса гIадамал рачIин батIи-батIияб хIалалда къабул гьабулеб буго дагъистанияз. РакI-ракIалъ абуни, пикру гьабулев дагъистанияв гьелда рази гьечIо. Гьеб бичIчIулеб буго нилъедехун божилъи гьечIолъи гIадин. Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе гIураб гIакълуги, лъайги, вацIцIалъиги бугев чанги дагъистанияв ватила. ЦIогьодулел ратунилан нилъерал жанир лъей гIадатиял дагъистаниязул гIайибищ бугеб? Москваялда лъаларогойищ букIараб республикаялда бугеб коррупция? Гьелъул бутIа щолеб букIинчIодай дора ругел министерствабазул ва ведомствабазул нухмалъулезе? Бикъа-хъамиялда, ришватчилъиялда ва цогидалги ишазда хадуб хъаравуллъи кквезе лъебералда хадуб федералияб гIуцIи буго Дагъистаналда. Щай гьезда гьикъичIеб тIадаб хIалтIи тIубачIолъиялъул, щив гьезул жанив тIамурав, щив хIалтIудаса вахъарав? Суалал, суалал. Гьенибго абун тела, цо-цо коррупционерал жанир лъей тун батIияб, тIубараб лъагIел бана республикаялъул цIияб нухмалъи бачIун, щиб хиси ккараб? Налогал цIикIкIун ракIаранин абулеб буго. Гьелдалъун лъималазул пособиялищ, хIалтIухъабазе харжалищ, пенсиялищ цIикIкIарал? Киб бугеб тIаде рагьараб цIияб предприятие, гIадамазе хIалтIизе бакIал?
— Пачалихъияб Думаялъул депутат В. Жириновскияс абун букIана, миллиял республикабиги хвезарун, гьезул бакIалда гIуцIизе кколин территориалиял гIуцIаби. Жириновский вуго Кремлялъе хIажатаб, гьабизе къваригIараб хIукму цебеккунго къватIибе кьолев чи. Гьединаб хIукму гьаби кин дуда бихьулеб?
— Нус-нус соназ эркенлъиялда рукIарал, гьелъие гIоло гIемерал биял гIодоре тIурал халкъал рукIиналъин Северияб Кавказалъул гIисинал миллатазе союзияб кьечIониги, автономиялъул статус кьураб. Гьанже гьебги хвезабун территориалияб гIуцIи Северияб Кавказалда гьабизе лъугьин мекъаб политика букIина, нилъер миллатазги гьеб къабул гьабиларо.
— Ахираб заманалда Северия­б Кавказалъул республикабазда: Ка­­бардино-Балкариялда, ра­­кьа­­­зул гIорхъаби сабаблъун ча­ча­­наз­да ва ингушазда гьоркьоб дан­­деккунгутIиял лъугьана. Гье­динаб суал баккизе рес бугищ Да­гъис­таналда?
— Киданиги гьечIо. Дагъистаналда миллатазда гьоркьоб рагIи-дагIба киданиги букIинчIо. ХVIII-ХIХ гIасрабазда пачаясул Россиялъ чанги хIалбихьана нилъер гьанир рукIарал политикиял гIуцIаби цоцаде гьусизаризе, «рикьизаре ва тIадчилъи гьабе» абураб империялъул лозунгазда гъоркь. Амма гьелъул хIасил ккечIо.
ТIадчагIазул рахъалъ имам Шамилица пристав Руновскиясда абурал рагIабиги рехсон тела гьанир. Гьезулъ буго кIудияб магIна:… «ТIоцебесеб иргаялда магIарулазе хIажат буго ханзабазул кверщел ва дворяназул цIарал тIагIинари. Дица гIадин чIегIераб ратIлилъ чIезаре бегзаби. Гьедин гьабизе нужеда кIолеб батичIони, гьезул цIарал гьезухъго те, амма рекьарухъабазда тIад гьел тоге, улкаялъул нухмалъиялде гьел риччаге.
Риччанте гьез, цогидазго гIадин, гIумру гьабизе. Мисалалъе, дица нух­малъи гьабулеб 25 соналда жа­ниб гьедин гIумру гьабизе гьел ругьунлъун рукIана, гьединлъидал гьезие захIмат букIине гьечIо жидерго ихтияраздаса думалъго махIрумлъизе. Гьединан нужеца гьабичIони, нужеда бихьила, Дагъистаналда кидаго рукIине руго гъамагъирал ва биял­тIеял; нужер хIукуматалъе щибниги пайда букIинаро, рукIина кидагосел квалквалал ва квекIенал».
Гара-чIвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.