Студентазухъ гьоболлъухъ

Кьер-кьерал тIугьдузул  квацIи гIадаб «Дир Дагъистан»

Фестивалалде рачIарал гьалбал дандчIвана ДГУялъул филологияб факультеталъул студенталгун

Студентазухъе гьоболлъухъ рачIун рукIана фестивалалъул жюриялъул гIахьалчагIи: культуролог ва журналист, «Кунаки» абураб рагьараб фестивалалъул президент Сулиета Кусова-Чухо, тележурналист ва кинодокументалист, «Элия-фильм» абураб студиялъул генералияв директор, «Кунаки» абураб рагьараб фестивалалъул директор Иляс Богатырев, жюриялъул председатель, РФялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, киновед, Россиялъул Кинематографистазул союзалъул член Григорий Гиберт, кинорежиссер, «Алания» абураб ГТРКялъул коновидеопроизводствоялъулаб къокъаялъул нухмалъу­лев, Северияб Осетиялъул халкъияв артист, ДРялъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи Рафаэл Гаспарянц, сценарист ва кинодокументалист Екатерина Головня, кинорежиссер, сценарист ва кинооператор, СССРалъул Пачалихъияб премиялъул лауреат, Туркмениялъул халкъияв артист ХIожакули Нарлиев, РФялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камалов.
Гьалбадерица студентазе бицана ж­идерго махщел тIасабищиялъулги гьеб камиллъизабиялъул мура­дал­да бахъараб хIаракаталъулги хIа­къалъулъ. ГIолилазде хитIаб гьабула­го, гьез аслияб кIвар буссинабуна ва­тIан бокьизе ккеялдеги, тIасабищараб махщалие ритIухълъи цIуниялдеги, анищаб мурад тIубазе­лъун хIаракат гьабизе ккеялдеги.
Масала, Сулиета Кусова-Чухо­ца ракIалдещвезабуна Расул ХIам­за­товасул «Дир Дагъистан» абураб тIехь. «Университеталда цIалиги лъу­гIун, аспирантураялде бакI хIа­дурго букIарай дун Дагъистаналде ана хIалтIизе. Гьелъие гIиллалъун ккана Расул ХIамзатовасул «Дир Дагъистан». Гьеб цIалараб мехал­да дие бокьана тIехьалда хъвараб хIакъикъаталда бугищали лъа­зе. Картаялъухъги балагьун, ди­ца тIасабищана бищунго «гIур­ччи­на­билан» ракIалде ккараб Табасаран район. Дун гьение ана учительлъун хIалтIизе. Гьелдаса нахъе дица киданиги бухьен тIезе течIо Дагъистаналъулгун. ВатIан бокьизе ккола, республикаялъул лъикIал гIадатазулги, маданияталъулгун тарихалъулги хIакъалъулъ бицине ккола – гьеб нужеда тIадаб иш буго», — ян бицана гьелъ.
Цо нухалда Дагъистан бихьарав чиясда гьеб киданиги кIочонарилан пикру загьир гьабуна Рафаэл Гаспарянцица. Гьес цо чанго фильм бахъана Дагъистаналда. Щвана Кубачивеги цогидал бакIаздеги. Масала, гьес рахъана «Кубачиязул курхьеналъул бицанкIо», «Квералъ хъвараб Къуръа­налъул балъголъи» ва цогидал фильмал. «Дагъистаналда фильмал рахъулеб заманалда, дир ккана щулияб гьудуллъи лъикIал гIадамазулгун – Расул ХIамзатовасулгун, АхIмадхан Абубакарилгун, МухIамад Сулеймановасулгун (кинематографист) ва цогидазулгун. Гьеб гьудуллъи биххичIо тIолабго гIумруялъ», — ан бицана Рафаэлица.
«РукIинесел адабияталъулги ма­цIалъулги учительзабазулги журналистазулги букIине ккола тIахьазде рокьиги, творческияб хIалтIуде гъираги. ТIахьазул кумекалдалъун нилъ щола гIемерал бакIазде, батIи-батIиял улкабазде, лъай-хъвай гьабула гIемерал хасиятазулгун. Гьеб кинабго хIажалъула творческияб пишаялъул вакиласе. Дун гьавуна лагералда – пионеразул гуро, политикиял туснахъазе бараб лагералда. Гьениб букIана кIудияб ва бечедаб библиотека. Дир кIудияй эбелалъул квербакъиялдалъун бижана дилъ тIахьазде рокьи. Библиотекаялда ругел гIемерисел тIахьал цIалана дица, школа лъугIилалдего. Гьелъ кумекги гьабуна ВГИКалде цIализе лъугьунеб мехалда. Телефоназде къулун, гьасухъе-досухъе хъвадарун рукIинчIого, тIехьалъулгун гьудуллъи гьабе», — ян абуна Григорий Гибертицаги.
«Нужехъе ячIине рес щвеялдаса цIакъ йохун йиго дун. Григорий Гибертги, жюриялъул цогидал гIахьалчагIиги – ниж тIубараб къоялъ ралагьун рукIана фестивалалде рачIарал фильмазухъ. Гьез ниж рачана Белоруссиялдеги, Хабаровскалдеги, Ингушетиялдеги, цогидал ракьаздеги. Нужер буго берцинаб тIабигIатги гьайбатал гIадамалги. Рахъе гьезул хIакъалъулъ гьитIиналго фильмал, видеороликал ва ритIе фестивалалъул сайталде. Гьеб букIина, Расулилго гIадаб, амма нужер бераздалъун бахъараб «Дир Дагъистан». РакIчIун абила: гIемерал сюжетаздаса гIуцIараб гьеб релълъине буго батIи-батIиял тIугьдуздаса сокIкIараб берцинаб квацIиялда», — ян бицана Екатерина Головняца.
Киназего гIажаибаб асар гьабуна фестивалалъул гьобол ХIожакули Нарлиевасул накъиталъ. Гьев ккола Туркмениялъул халкъалъул хасият гъорлъе бессараб «Нус» абураб фильмалъул автор. Гьеб киноялъухъ гьесие щвана СССРалъул пачалихъияб премияги, вахъана батIи-батIиял кинофестивалазул лауреатлъунги. «Дие бокьун букIана дир халкъалъул аслияб хасият рагьизе. Фильмалда бицунеб буго КIудияб ВатIанияб рагъул заманалъул хIакъалъулъ. Рагъде арав росги хун хутIарай гIолохъанчIужуги гьелъул вакьадги – гьел руго фильмалъул багьадурал. Гьел цоцазда кIалъалелцин гьечIо – кинабго бичIчIула цоцазухъ ралагьарабго. Амма нусалъул сипаталдалъунги вакьадасулги гьелъулги гьоркьоблъиялдалъунги гьениб бихьизабун буго халкъалъул хасият. Гьединаб хаслъи буго щибаб халкъалъул. Дие бокьилаан, цогидал халкъазе нужерго халкъазул къанагIатаб хаслъи рагьун бажарулеллъун нужги рахъине», — ян бицана Нарлиевас.
Кавсарат Сулейманова