Студентазухъ гьоболлъухъ

«Кир ругониги кIочон тезе биччаге рахьдал мацI»

50 соналъ Москваялда гIумру гьабун вугев МухIамад Дибирасулаев ккола  Хунзахъ районалъул Харахьиса

Жиндирго гIумруялъул бицунаго, МухIамадица ракIалдещвезаруна, масала, гIараб графикаялъул кьучIалда гIажам алфавит гIуцIарав ТIайгиб ГIумаров (гьесул квералъ хъварал грамматикаялъулги, астрономиялъулги, математикаялъулги хIалтIаби жеги цIунун руго). Бицана Шамил имамасул бахIарчиял муридзабазулги КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъарал ракьцоязулги хIакъалъулъ. 1942 соналъул декабралда рагъда хвана гьесул эмен ГIабдулмаликги.
МухIамадил гьудул ва классцояв, ДРялъул мустахIикъав тохтур Ибрагьим ХIакимовас бицана гьев вугин ракI цIодорав, цебелъураб масъала тIубазабичIого чIоларев инсанилан. ВатIаналдаса рикIкIад вугониги, вижараб ракь хирияв Дибирасулаевасул ракI кидаго букIунила гIагараб халкъгун. Дун магIарулай йигин абураб мехалдаги, МухIамадица гара-чIвари байбихьана рахьдал мацIалда. Москваялда ругел гIемерисел магIарулазул гIадат бугелъулха гIурус мацIалда кIалъалеб. Дун бахиллъун хутIана МухIамадица бицунеб рахьдал мацIалъул бечелъиялдаги берцинлъиялдаги, хасго 1969 соналдаса нахъе гьев Москваялда гIумру гьабулев вугеблъи лъараб мехалда. Гьесул лъадиги ккола Харахьиса, руго ясги васги ва гьезул лъималги. Лъималазги тIасабищана инсул нух – кIиялго ккола техникиял гIелмабазул кандидатал. Рокъоб кидаго бицуна магIарул мацI.
МухIамадица бицана Дагъистаналде щведал ккараб гьадинаб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ. «Санайил уна дун росулъе. МагIарухъе унаго, автобусалда цадахъ ккана классцояй. Гьелъулгун гара-чIварулаго, нижеца ракIалдещвезаруна лъимерлъиялъул сонал. Дирго лъималазда дун магIарул мацIалда кIалъалев рагIидал, гьелъул бадиб магIу хулана. «Нужеца 50 соналъ гIумру гьабулеб буго Москваялда. Нужеда сверухъ руго батIи-батIияб миллаталъул гIадамал. Амма нужехъа бажарун буго рахьдал мацI цIунун. Дун нечон йиго жакъа, МахIачхъалаялда гIумру гьабулел дир лъималазда лъаларо магIарул мацI», — ан абуна гьелъ.

Махщел тIасабищи

«Школалда цIалулеб заманалдаго бокьулаан физика. Никита Хрущевасул заманалда, цIалиялда цадахъго, студентал хIалтIизе кколаан заводалда яги цогидаб, тIасабищараб махщалида рекъонкколеб, бакIалда. БукIинесеб хIалтIулгун цебеккунго лъай-хъвай гьаби букIана гьеб къагIидаялъул аслияб мурад.
ИчIабилеб классалдаса нахъе дир анищ букIана МГУялъул физикияб факультеталда цIализе ине. Меседил медалалда лъугIизабуна школа ва, цIализе ине хIадурлъулаго, дир гIагарав чияс, районалъул газета­лъул бетIерав редакторлъун вукIарав МухIамад Жамалудиновас абулеб букIана Дагъистаналдаго цIалеян. Чияр бакIалда захIмалъизе бугин, цIалиялда цадахъго хIалтIизеги ккезе вугин абулеб букIана гьес. Гьесул пикруялда тIадрекъана дунги. 1960 соналда цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул химиялъулгун технологиялъул факультеталде. 1966 соналда, гьеб лъугIидал, витIана Ярослав областалъул Поречскалъул консервабазул заводалде хIалтIизе. Амма лъай камил гьабизе бугеб гъираялъ рахIат толеб букIинчIо ракIалъе. Бокьун букIана аспирантураялда цIализе ине. Гьеб бигьаяб ишги букIинчIо. Гьелъие хIажалъулаан Лъайкьея­лъул министерствоялъул рахъалдаса кагътал. Дие икъбал ккана. Дун цIализе лъугьана Холодильнияб промышленносталъул гIелмиял цIех-рехазул тIолгосоюзалъул институталъул (ВНИХИ) аспирантураялде. Гьебги гьадин ккана. Институталде щвараб мехалда, гьенив ватана директорасул заместитель Дмитрий Рютов. Мурад бициндал, гьес столалда тIад бугеб календаралда хъвана дир цIар ва абуна, экзаменазде хIадурлъеян. Экзаменал кьезе вачIаян ахIилин абун ракIалде ккунго букIинчIо. Дица я гIарза кьечIелъул, я анкета цIезабичIелъул. Дун цIакъ вохана, 1968 соналъул ноябралъул байбихьуда, экзаменазде вачIаян абураб кагъат дихъе бачIиндал. Гьединал рукIана доб заманалда гIелмиял хIалтIухъабиги преподавателалги. ПалхIасил, 1973 соналда лъугIизабуна аспиран­тураги, цIунана техникиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертацияги. Гьелъие квербакъараллъун дица рикIкIуна нижерго росдал школалъул директор ГIусман ГъазимухIамадовги, цIал­дохъабазе лъайкьеялде кIвар­бусси­набулел рукIарал дир учительзабиги, дир гIелмияв нухмалъулев, техникиял гIелмабазул кандидат Алексей Иванович Пискаревги.
Аспирантура лъугIидал, хIалтIизе тана институталдаго. Гьенибго хIадурана гIелмабазул докторлъиялъе диссертацияги. Дир гIелмияб мухъалъул хIалтIабиги цIех-рехалги Дагъистаналъе кIвар бугел гьечIо, гьединлъидал хутIана дунги Россиялда. 1991 соналда цIунана докторлъиялъе диссертацияги», — ян бицана МухIамадица.
ГIалимчияс дида бихьизабуна институт. Гьенир къадазда рарал стендазда ругоан холодильниказул гьанжезаманалъул алатазул суратал. Институталда щибаб къо­йил хIадурула ва тIоритIула батIи-батIиял хIалбихьиялги цIех-рехалги, кагътиде росула гьезул ккарал хIасилалги. Гьезул кумекалдалъун лъазарула холодильниказда кванил нигIматал халатаб заманалда цIунизе рес кьолел къагIидаби. Гьедин чIезабуна, масала, гьан цIуниялъул битIараб къагIида. Гьеб къагIидаялъ рес кьола 2,8 млрд гъуршил багьаяб 13,5 азарго тонна гьанал улкаялъе тIокIлъизабизе. Институталъул лабораториялъул хIалтIухъабазул хIаракаталдалъун ургъана, ток ва цогидал сурсатал дагьаб къадаралдаги хIалтIизарун, кванил нигIматазул консерваби гьариялъул цIиял технологиял. Лаборатория хIалтIула Россиялда бищунго гучаблъун рикIкIунеб «Мясокомбинат «Клинский»» АОялъулгун ва гьанал нигIматал гьарулеб Черкизовский заводалъулгун къотIабиги гьарун.
Дибирасулаевасул буго кIинусго­ял­даса цIикIкIун гIелмияб хIал­тIи. Гьесие кьуна СССРалъул гIел­­муялъул ва технологиязул па­ча­ли­хъияб комитеталъулги Промышленносталъулгун гIелмуялъул министерствоялъулги, Россиялъул росдал магIишаталъулги, Россиялъул росдал магIишаталъул гIелмияб академиялъулги грамотабиги, «Москваялъул 850 сон тIубаялъул хIурматалда» медальги.
Гара-чIвариялъул ахиралда Му­хIа­ма­дица дагъистаниязе гьарана гIа­гараб ракьалъе ритIухъаллъун ху­тIагиян, жидеца гIумру гьабулеб шагьаралъулги гьенир ругел гIа­дамазулги адаб гьабеян, кIудиязул хIур­мат цIунеян ва умумузул гIа­даталги, эбел-инсул мацIги кIочон то­геян. «Херлъиялъул адабги гьабу­лареб, рахьдал мацIги лъалареб, гIадаталги цIунулареб халкъалъул букIинесеб гьечIо. Кинаб хъулухъалда нуж ратаниги, цIуне ритIухълъи. РакIбацIцIадаб хIалтIудалъун нужедехун ишцоязул божилъи бижизабе», — ян малъана гьес.
ПатIимат Расулова,
Москва шагьар