Дандеруссин

Шамилил мурид – чергесазул наиб

Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана ГIамирхан МухIамаддадаевас хIадур гьабураб тIехьалъул презентация

XIX гIасруялда имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва чияда бачIолъиялъе гIоло унеб букIараб къеркьеялъул заманалда загьирлъана гIемерал бахIарзазулги наибзабазулги цIарал. Гьединазда гьоркьоса машгьурав вуго Севериябгун БакътIерхьул Кавказалъул халкъазда гьоркьоб дин тIибитIизабизе, пачаясул Россиялда данде рагъизе, гьел цолъизаризе ва нухмалъи гьабизе имам Шамилица витIун вукIарав наиб МухIамад-Амин (ГIасиялав). Иса­на гьев гьавуралдаса 200 сон тIубала. Гьелда бан, МухIамад-Аминил ватIан Гьонода росулъ ва республикаялъул тахшагьаралда тIоритIулел руго батIи-батIиял тадбирал. Гьал къоязда респуб­ли­каялъул Р. ХIамзатовасул цIа­ралда бугеб миллияб библиоте­каялда тIобитIана тарихиял гIел­мабазул кандидат ГIамирхан МухIамаддадаевас хIадур гьабун къватIибе биччараб «Магомед-Амин и народно-освободительное движение народов Северо-Западного Кавказа в 40-60 г.г. ХIХ века» абураб архиваздаса документазул, кагътазул, гIелмиял макъалабазул, ра­кIалдещвеязул мажмугI. ТIехьалда лъурал материалазда якъинго рагьу­лел руго Шамилил наибас-гIалимчияс, рагъул цевехъанас, гIансаги Къуръанги гурого кодоб гьечIого, Севериябгун БакътIерхьул Кавказалъул халкъалги цолъи­зарун, гьениб ислам-динги тIи­би­тIизабун, анцIила цо соналъ па­чаясул Россиялде данде вагъия­лъул ва цогидалги хIужаби.
ТIехьалъул презентациялда кIа­­лъазе рахъарал Россиялъу­л гIелмабазул академиялъул Дагъи­станалъул гIелмияб централъул Тарихалъул, археология­лъул ва этнография­лъул институталъу­л гIалимзабаз, хъвадарухъабаз, жамгIиял хIаракатчагIаз, Му­хIа­мад-Аминил росуцояз, гIа­гарлъиялъ тIадчIей гьабуна Му­хIамад-Аминил гIелмуялде, гIа­га­раб ракьалде букIараб рокьиялда, ватIаналъе ритIухълъиялде, гьелъул лъикIаб букIинеселъе гIоло насиб гьабураб гIумруялда. Гьев мисаллъун вукIине ккола гIолеб гIелалъе. Миллата­лъул цебесеб тарихги, тарихалда цIар тарал бахIарзалги, адабиятги, маданиятги, мацIги кIочон тараб гIелалъулги, миллаталъул­ги букIинесебги пашманаб кколилан абураб магIнаялъул кIалъаялги рукIана гьенир.
Пайзула Пайзулаев